Шагьаралъул къватӏазда гьардухъабаз гьабулеб «бизнесалъул» хӏакъалъулъ лъаларев чи нилъеда гьоркьов ватиларо. Гьезие гӏарац кьезе бегьуларин гьарулел малъа-хъваялги гӏемер рагӏула. Къватӏазда гӏарац бакӏарулел гьардухъабазе кисинир ратарал гъурщал кьунин абун нилъги мискинлъиларо. Гьединаб «садакъаялъул» кумекалдалъун, хӏалтӏичӏого, кӏудияб гӏакъуба бихьичӏого бигьаяб гӏумруялде гьардухъаби ругьун гьари гуреб тӏокӏаб пайда гьелдаса бихьуларо. Ахирал соназдаян абуни, къватӏазда рукӏунел гьардухъабаздаса гӏемерго цӏикӏкӏун руго Интернеталдаса гьардолел гӏадамал. Исламалда рекъон, гьардухъанлъиялъул пишаялда нилъ тӏад рекъезе бегьулищ? Гьереси бицун гьардолезе РФялъул законалда рекъон тамихӏ гьабулищ?

Чанго соналъ цебе социалиял гьиназул кумекалдалъун унтарав чи сах гьавизе гӏарац бакӏарулеб букӏун батани, гьанже гьеб къагӏидаялдаса пайда босулеб буго гӏарац къваригӏарав бокьарав чияс. Къо бахъанагӏан цӏикӏкӏунел руго цӏиял гурхӏел-рахӏмуялъул фондалги. Унтарал сах гьаризеги, кӏудиял ва ресукъал хъизамазе кумек гьабизеги, тӏабигӏиял балагьаздалъун зарал ккаразеги, рукъ гьечӏого хутӏаразеги ва цогидалги санагӏатазе гӏарац гьарулеб буго гурхӏел-рахӏмуялъул фондаз. Цо-цо мехалдайин абуни гӏумру гьабиялъе цӏакъго чара гьечӏеб жоялъе гӏологи гӏарац гьарун хъвадарулел руго гӏадамал социалиял гьиназдаса. Гӏадамал ругьунлъулел руго гьардон бетӏербахъи гьабизе. Гьеб гурхӏел-рахӏмуялъул лъикӏаб ишги буссунеб буго хӏиллачилъиялде.

Ралагьарал гурхӏизаризе кӏвани – гӏарацги цӏикӏкӏина

Гьаб макъала хъвазе ракӏалде ккана, ахираб заманалда, къойилго гӏадин гурхӏел-рахӏмуялъул фондаз кумек гьарун социалиял гьиназда лъолел видео-роликал рихьидал. Кваназе рокъоб чадил кесекцин гьечӏин, жал ракъуца холел ругин, Аллагьасе гӏололъун кумек гьабеян, гӏодилаго гьардолел ругоан гьитӏинал лъималгун руччаби. Гӏемерисел руччаби ругоан росас лъималгун рехун танин абун кумек гьарулел, цогидал — бетӏергьанчи унтун вугин, хӏалтӏизе рахъине рес гьечӏин абун. Цохӏо чӏужугӏаданалъухъа бажарулеб гьечӏо щуго-анлъго бакъараб чехь гӏорцӏизегӏан магӏишат гьабизе. Гьезухъ ралагьидал ракӏалде ккола – унго бихьиналгойищ гьечӏел гьезул тухумалда гьедин лъималги рехун тун чӏарав инсуда цо рагӏи абизегоян.

Гурхӏел-рахӏмуялъул фондаз социалиял гьиназда лъолел видео- роликал руго цоял цояздаса «кутакал», балагьарав чиясул ракӏ гурхӏизабулел. Цереккунго рекӏехъе лъазарурал «нижер рокъоб квине жо тӏагӏун буго», «нижер эбел унтун йиго», «Аллагьасе гӏололъун кумек гьабе нижее» абун гӏодилаго кӏалъалел лъимал рихьидал, лъилха ракӏ гурхӏилареб? Щай гьурмалги рахчизаричӏого халкъалда рихьизе лъималазул видео бахъизе эбел-инсуца биччалеб? Интернеталде раккизе рес бугел телефонал камурал лъимал къанагӏат гурони гьечӏо. Гӏемерисел улбуз 8-9 сон баралдаса нахъе сайгъат гьарулел руго лъималазе гьединал телефоналги. Классцояз рогьо базе рес бугогури эбел-инсуца гьардезе тӏамулел лъималазда. Лъималазул психикаялъе бигьаяб жойищ гьеб?

Чияца хьихьизе ресги букӏаго хӏалтӏунго щай?

Гьитӏинго эбел-инсуца гьардезе тӏамулел лъималазул психикаялъулъ лъугьунел хиса-басиязул хӏакъалъулъ бицана хъизамалъул психолог Рукъият Багамаевалъ:

«Тӏоцебесеб иргаялда, гӏемерлъимал ругеб хъизамалъул бетӏер – инсуда бичӏчӏизе ккела гьел гьарураб гӏолареблъи, хьихьизе ккани хӏалтӏизеги кколеблъи. Эбел-эмен унтарал ратани – гьеб батӏияб иш буго, амма гьедин батаницин лъимал гьардезе тӏами рекъараб гьечӏо. Лъималазул букӏинеселъул ургъел бугей эбелалъ, кигӏанго захӏматго бугониги жиндирго лъимер гӏарцуе гӏоло гӏадамал гурхӏуледухъ видеоялда бахъизе рес гьечӏо. Сахлъи бугони хӏалтӏизе хӏаракат бахъила, унтун рес къотӏун йигони — кумекги жинцаго гьарила. Гьарун ва гӏакъуба бихьичӏого щвараб гӏарац рокъобе бачӏунеб бихьараб лъимер хадубккунги ругьунлъизе буго гьединаб къагӏидаялде. Гьединал лъималазул психика, цогидал лъималазде дандеккун, гӏезегӏанго батӏияб букӏуна. Цӏаличӏого яги хӏалтӏичӏого чияда гьарун гӏарац щолеблъи бичӏчӏараб лъимер лъай ва хӏалтӏи балагьизе лъугьине гьечӏо».

Социалиял гьиназул кумекалдалъун гӏемерал ресукъал яги унтарал гӏадамазе кумекалъе хӏалай ратула гӏадатиял гӏадамал. Гьединаз цогидазе кумек гьабула бечелъи-мискинлъиялъухъ балагьичӏого, жидеегоцин хӏалихъе гурони бетӏербахъизе гӏураб магӏишат гьечӏезцин гьабула гьарулев чиясе кумек. Вакъарасда лъикӏ лъалелъул чадил къимат. Садакъа бусурбанчиясе ахираталда батулеб лъикӏаб гӏамал бугин абула, амма гьардон щвараб садакъаялъ цо- цоял чияр «мугъзада раччун» бигьаяб гӏумруялде ругьунлъулел руго.

Гурхӏел-рахӏмуялъул фондазул социалиял гьурмазда цо-цо мехалда рихьула гӏумру гьабиялъе цӏакъго хӏажалъи гьечӏеб къайи-алат босизецин гӏарац гьарулелги. Масала, цо пуланай чӏужугӏаданалъ гьарулеб бугоан жиндие ретӏел чурулеб машина босизе кумек гьабеян. Щуго лъимадул ретӏел чурун хадуй гъолей гьечӏин къварилъахъдулей йигоан гьей. Лъималазул инсуцаги жиндие бигьалъи щибго кумек гьабулеб гьечӏила. Гӏемерисезул гьелда ракӏ гурхӏана эбел-эменги гьечӏей гьей гъарималъе кумек гьабизе ккелин абун. Цо-цо комментаторалин абуни гьелде гӏайибал чӏвалел ругоан, нилъер умумуз щуго гуреб анцӏ-анцӏги гьабулеб букӏанин лъимер, гьез ретӏелги квераз чурулеб букӏанин абун.

Социалиял гьиназдаги цо-цо мехалда камуларо чияр къварилъиялдаса пайда босун гӏарац бакӏарулел хӏиллачагӏи. Батӏи-батӏиял гурхӏел- рахӏмуялъул фондазул социалиял гьурмаздаса кумек гьарулезул видео-роликал яги сураталги «рикъун» Интернеталда тӏибитӏизабула, гӏарац бакӏаризе жидерго банкалъул картаялъул баяналги кьун. Гьединал хӏиллачагӏаз чанго къоялда жаниб миллионалцин ракӏарулел руго ва социалиял гьиназдаса кинабго информацияги бацӏцӏун тӏагӏунел руго. Гьединал хӏиллачагӏазда хадуб халкколел хасал къокъабиги руго социалиял гьиназда. Гьез малъулебги буго гурхӏел-рахӏмуялъул фондалъул хӏакъалъулъ киналго баянал лъазарун гурони лъиего кумек гьабизе гӏедегӏугеян. Бацӏцӏадаб хӏалтӏул фондазги пуланав чиясул картаялъул номералде гуреб, жибго фондалъул хасаб картаялде бакӏаризе кколин гӏарацин рикӏкӏунеб буго гьез.

Цӏакъго рес къотӏаразе

исламалъги изну кьола гьаризе

Исламалда садакъа гьаби цӏакъ беццараб гӏамал бугониги гьардухъанлъи инсанасул къадру гӏодобегӏан гьабулеб жолъун рикӏкӏунеб буго. Нилъер диналда бусурбанчиясул къадру бацӏцӏад цӏунизе, гьев гӏодовегӏан гьавулеб жоялдаса рикӏкӏад чӏезавизе лъикӏаблъун бихьизабула.

Къватӏазде рахъун гьардолел гӏадамазе гӏарац кьезе бегьулищин абураб суалалъе, ДРялъул муфтияталъул фатвабазул отделалъ гьадинаб жаваб кьолеб буго:

«Жиндаго хӏалтӏизеги бажарулев ва рескъотӏиялдаги гьечӏев чиясе гьукъараб буго гьардезе. Батӏалъи гьечӏо гьес садакъа, кафарат яги закат гьарулеб бугоницин. Нагагь бечедав ва хӏалтӏун магӏишат гьабизе бажарулев чиясе садакъа кьолеб бугони, гьесие лъикӏаб буго гьелдаса инкар гьабизе. Гӏагарлъиялъ яги гьудул-гьалмагълъиялъ кьураб садакъаялдаса абуни инкар гьабизе рекъараб гьечӏо, гьес инкар гьабиялдалъун гьезда гьоркьоб ракӏ холеб бугони.

Гӏарцудалъун кумек гьабеян гьари — аслияб куцалда гьукъараб жо буго, амма цӏакъго рес къотӏиялда вугев чиясе гӏарцулаб кумек гьаризе изну буго.

Ресалда вугев ва хӏалтӏизеги бажарулев чияс гӏарац гьарани гьев мунагьалъукье ккола. Ресалда вугевин абула закат щоларев чи.

Мискинав чиясгицин цогидазда цеве живго гӏодовегӏан гьавулеб къагӏидаялда садакъа гьаризе лъикӏаблъун бихьизабуларо исламалда. Нухдаса жидерго къваригӏелалъ унел гӏадамазда аскӏоре ун гьар- дейги лъикӏаблъун рикӏкӏунаро. Садакъа кьеян гьардон гӏадамал намуслъизариги хӏарамаб буго.

Цӏакъго рес къотӏун ва ракъун ругони, жидедаго бугеб хӏал гӏадамазда бихьизабизе ва кумек гьабеян гьаризе ихтияр буго. Амма лъикӏаблъун букӏина гӏадамазда цере инжитлъичӏого гурхӏел-рахӏмуялъул фондазде ине».