Исана февралалдаса маялъул ахиралде щвезегӏан «Хӏакъикъаталъул» гьурмазда рахъана «Рагъул лъимал» абураб темаялда тӏобитӏараб конкурсалде рачӏарал цӏалдохъабазул хӏалтӏаби.

Конкурсалда гӏахьаллъана Болъихъ, Гъизилюрт, Хасавюрт ва Хунзахъ районаздасаги Ленинкент поселокалдасаги ичӏго цӏалдохъан. Гьез нижехъе рачӏана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалда лъимерлъи арал жидерго гӏагарчагӏазул къисматалъул хӏакъалъулъ бицунел макъалаби. Рукӏана рахъун авторасул ва макъалаялда бицунев чиясул сураталги.

Гӏуцӏун букӏана кӏиго номинация. Тӏоцебесеб номинация – 5-8 классал. Гьелда гӏахьаллъана: Султангӏали Маллаев, Хӏайбат Гӏабдулаева, Камалодин Хӏайдарбегов, Мухӏамад Хӏасанхӏусенов, Мухӏамад Хӏусенов.

Кӏиабилеб номинация – 9-11 классал. Гӏахьалчагӏи: Патӏимат Лабазанова, Шамай Гӏабдулмуслимова, Хӏамзат Хӏусенов.

Вузазул ва колледжазул цӏалдохъабиги нижер конкурсалда гӏахьаллъиялде хьул букӏинчӏо. Амма ниж рази гьаруна ДГУНХялъул студентка Саихӏат Нурмухӏамадова гӏахьаллъиялъ.

Конкурсалъул аслияб мурад букӏана рагъул кьогӏлъигун захӏмалъи хӏехьарал нилъер ракьцоязул къисмат рагьи. Гьеб махщалида бихьизабуна Болъихъ районалъул Мигӏарсо росулъа Хӏайбат Гӏабдулаевалъ, Патӏимат Лабазановалъ, Шамай Гӏабдулмуслимовалъ, Ленинкенталдаса Камалодин Хӏайдарбеговас ва Мухӏамад Хӏасанхӏусеновас, Хунзахъ районалъул Тӏанусиса Саихӏат Нурмухӏамадовалъ.

Рехсарал цӏалдохъабазул хӏалтӏабазулъ якъинго цебечӏолеб буго мех щвелалдего «кӏодолъун рачӏарал» лъималазул гӏумру. Гьезул макъалаби цӏалараб мехалда, нилъеда бихьулеб буго, рагъде бихьиналги ун, магӏарул росабалъ хутӏарал руччабазгун лъималаз хӏехьараб захӏматаб гӏумру. Гьез гьабулаан колхозалъулги рукъалъулги хӏалтӏи. Свак-унтиялъул ва ракъи-къечалъул бицун зигардичӏого, дол соназул лъимал регӏулаан дарсал гьаризеги, школалъул тӏадкъаял тӏуразаризеги, батулаан заман эбелалъе кумек- квербакъиялъеги. Хьул буго, цӏалдохъабазул макъалабиги цӏалун, умумузул яхӏ-намусалдаса чӏухӏарал ва гьезул бахӏарчияб къисматалъе мустахӏикъал гӏолилал куцаялъулъ редакциялъ лъураб гьитӏинаб бутӏаялъул мурад тӏубаялде.

Баркала буго редакциялъулгун бухьен тӏезе толарел цӏалдохъабазе! Жеги баркала буго газеталъулгун гьудуллъи щулиял ва нижер тадбиразул рахъ кквезе жигаралда хӏалтӏулел магӏарул мацӏалъул учительзабазе: Болъихъ районалъул Мигӏарсоса Жамилат Хӏамзатовалъе, Хасавюрт районалъул Къарланюрталдаса Мухӏамадрасул Мухӏамадовасе, Ленинкенталдаса Патӏимат Хӏайдарбеговалъе.

Конкурсалъул хӏасилал гьаризе ва гӏахьалчагӏазе сайгъатал кьезе руго хасаб тадбиралда. Гьелъул хӏакъалъулъ лъазабила газеталдасанги интернет-сурсатаздасанги.