Цӏумада районалъул росабалъ гьарурал ва гӏурал васаз медалаздалъун бечедаб бачӏин бакӏарана 2019 соналда тӏоритӏарал спортивиял тадбиразда.

Байбихьана санайилго тӏобитӏулеб халкъазда гьоркьосеб «Иван Ярыгин. Гран-при» турниралдасан. Гьениб бергьенлъи босана Тӏиндиса Мухӏамадрасул Гъазимухӏамадовас, Хъварщиниса Мухӏамадрасул Идрисовас ва Кӏванадаса Шамил Мусаевас. Европаялъул чемпионлъун вахъана Гьадириса Сайпудин Мухӏамадов.

Гьебго соналъ нилъ рохизаруна UFC-алъ тӏобитӏараб речӏчӏухъанлъиялъул рахъалъ тӏадагьаб цӏайиялда Россиялдаго тӏоцебесеб чемпионасул рачел босарав Силдиса Хӏабиб Нурмухӏамадовас. Бахӏрейналда тӏобитӏараб квержубараб рагъул рахъалъ дунялалъулго чемпионлъун вахъана Гьигьалъа Мухӏамад Мухӏамадкаримов ва рагъулаб самбоялъул рахъалъ кӏиабилеб нухалдаги чемпионасул цӏар босана Мухӏамад Шагьрудиновас.

2019 сон бергьенлъабаздалъун бечедаб букӏана ветераназда гьоркьор Россиялъул чемпионаллъун рахъарал Агъвалиса Гӏабдурашид Гӏабдурашидовасеги Лъондодаса Мухӏамад Бадрудиновасеги.

Цӏумада районалда спортивияб гӏумру цебетӏезабиялда кӏудияб бутӏа лъурав чи ккола Гьигьалъа тренер Тӏалхӏат Гӏабдулбасиров.

1986 соналда хӏалтӏизе лъугьана Кӏванада росдал школалда учительлъун ва гьенисан байбихьана спорталде тӏоцебесеб гали тӏамизеги.

— 2007 соналда тӏобитӏана ДРялъул спорталъул, лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул, экономикаялъул министерствабазул хӏалтӏухъаби ва районазул спортивиял гӏуцӏабазул нухмалъулел гӏахьаллъараб данделъи, — ян бицана гьес. – Гьениб дица загьир гьабуна Цӏумада районалда спортсменал хӏадур гьариялъул база гӏуцӏун лъикӏин абураб пикру.

Гьелъул рахъ ккуна, рагӏи кьуна, амма рагӏудаги ишалдаги гьоркьоб кьватӏел лъугьана.

Хадуб баянлъана жалго спортсменазул хӏаракаталдалъун гьеб иш гӏуцӏараблъи. Гьайгьай, спорталде рокьи бугел ва гьелъие гьабулеб харжалда хадур хачадизе ругьунлъичӏел, сахаватал гӏадамазул квербакъиялдалъунха! Масала, Хуштадаса Хӏажиевазул хъизамалъ гьабун буго чанго рукъ, столовая ва цогидалги бакӏал гъорлъе рачараб спортивияб «гьитӏинаб шагьар» жидерго росдада гӏагарлъухъ.

Риидалил заманалда гьенире рачӏуна спортсменал.

Гьев тренерас хъван буго «Моцӏрол календаралда рекъон гӏисинал гугарухъабазул физическияб хӏадурлъи» абураб тӏехьги. Жеги лъилго кӏвар буссинчӏеб гьеб гӏелмияб бутӏаялъул гӏемерсоназулаб цӏех-рехалъул хӏасилалда Тӏалхӏатица чӏезабун буго моцӏ цӏилъараб, бащалъиялде гӏагарлъараб, бащалъараб ва бащалъиялдаса араб мехалда тӏубанго батӏи-батӏияб асар гьабулин балугълъиялде рахинчӏел гӏисинал гугарухъабазул спортивияб хӏадурлъиялъеян. Бихьизабулеб буго моцӏ цо хӏалалдаса цоги хӏалалде сверулеб заманалда цӏикӏкӏун кӏвар кьезе кколин. Чӏванкъотӏун абуни, гьел ругин моцӏрол календаралъул микьабилел, анцӏила щуабилел, къоло кӏиабилел ва къоло ичӏабилел къоял.

Нилъер мугӏрузулаб улкаялъул цӏар дунялалдаго рагӏизабурал Цӏумада районалдаса спортсменал хӏадур гьариялъулъ кӏудияб бутӏа лъуна Тӏалхӏат Гӏабдулбасировасул тренерлъиялъулаб хӏаракатчилъиялъ.

Гьев вуго ДРялъул физическияб культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан, РФялъул мустахӏикъав тренер. Мустахӏикълъана ДРялъул бищунго тӏадегӏанаб шапакъаталъе — «Республикаялда цебе гьабураб хъулухъалъе гӏоло» орденалъе.

Гьаниб ахиралда рехсечӏого тезе рекӏее къабуллъичӏо Россиялъул Спортивияб гугариялъул федерациялъул президент, Олимпиялъул чемпион Михаил Мамиашвилица гъоркь гъулбасги гьабун, 2011 соналъул 28 июналда кьураб Грамотаялда ругел рагӏаби: «Цӏумада районалъул Сагид Муртазагӏалиевасул цӏаралда бугеб спортивиябгун методикияб централъул директорасе шапакъатлъун кьолеб буго эркенаб гугари цебетӏезабиялъулъ лъураб гӏемерсоназулаб бутӏаялъухъ ва дунялалъул, Европаялъул чемпион, Олимпиялъулал хӏаязул призер, Тӏолгороссиялъулал къецазул гӏемерал чемпионал ва призерал тарбия кьун гӏезаруралъухъ», — ан.