Унго-унголъунги, гьеб букӏана свакараб гьими – гӏумруялде бугеб гӏищкъуялъ свине жиб течӏеб. Бугониги, гьелъ тӏад буссинабураб божиги хьолбохъго рещтӏун бугоан. Тохтурасул гьурмада бугеб гьеб гьимиялъухъ кӏваркьун ялагьидал, цебе бачӏунеб букӏана, дунялалъего «саламги» кьолаго, гӏаламги бихха-хочизе гьабулаго, гӏумруялда кӏалги гьикъулаго, тӏаде бачӏараб унти. Унха — гьимиги релъиги свакан букӏана. Гьеб бицунеб букӏана гьелдаго хьолбохъ кӏусун букӏараб пашманлъиялъул нуралъги. Букӏаниги, дун къабул гьайизе къуватги гӏуна гьелъул. Бетӏерав тохтурасул бицунелъул, дица цеве чӏезавулев вукӏана согӏаб хасияталъул, хъачӏаб гӏамалалъул бихьинчи. Щибха лъалеб, гьединав ватизеги бегьула гьев, хӏалтӏулги унтаразулги ургъел тӏаде бегарав, Махӏачхъала шагьаралъул № 1 больницаялъул бетӏерав тохтур Хӏажимурад Малаев. Жегиги хӏалуцинги лъугӏичӏеб, къоялдаса къоялде гьанжеги унтаразул къадарги цӏикӏкӏине лъугьараб мехалда, цохӏо тохтурасухъа гурони бажарулеб батиларо жиндихъе рачӏаразе гьимизеги рекӏел хӏал бахчизеги.
Сундасанха байбихьилебиланги абун, гьев лъугьана унтул ва гьелде данде къеркьеялъе больницаялъул коллективалъ гьабураб кӏудияб хӏалтӏул бицине.
Китаялда унти багъарун бугилан рагӏаралдасаго, Хӏажимурадил рекӏее рахӏат букӏинчӏо. Гьесда лъалеб букӏана тӏирабигӏаги щвечӏого хутӏизе гьечӏеблъиги. Амма лъиданиги ккун букӏинчӏо, гӏорхъи бахун гьанибехун щваниги, унтуца гьадигӏанго кьабгӏи щвезабилилан. Россиялъул цо-цо регионазде гьелъ гьужум гьабизе байбихьидалги, дагъистаниязул хьул букӏана гьелъ гьоркьор телилан. Гьезие божизе бокьун букӏинчӏо, жидехъеги гьеб щвезе букӏиналда. Амма республикаялъул киналго больницаби хӏадурлъулел рукӏана ахӏичӏеб гьоболалда «дандчӏвай» гьабизе. Аслияб къагӏидаялда унтарал къабул гьаризе рукӏана шагьаралъул №1 больницаялъ. Ургъизе заман букӏинчӏо. Хӏажимурадида бичӏчӏулеб букӏана жинде тӏаде бегараб бакӏаб ургъалил гьир баччизе цӏикӏкӏараб къуват къваригӏине букӏинги. Больницаялъул киналго хӏалтӏухъабиги цолъун лъугьараб букъараб заргун ана гьел хвалде данде.
Республикаялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъул тӏадкъаялдалъун больница хӏадур букӏана унтарал къабул гьаризе. Ва щвана Дагъистаналде кьогӏаб хабар – нухаздасан жиндихъе кквезе щвараб гӏумруги бецулаго, бачӏараб гьелда ракӏалда букӏинчӏо я гӏисиназда, я гӏолилазда, я цӏикӏкӏараб гӏелалда барахщизе. Гьелъие батӏалъи букӏинчӏо — хвалил кумекалдалъун гьелъие бокьун букӏана гӏумру чӏинтӏун рехизе. Хӏажимурадица бетӏерлъи гьабулеб больница лъугьана республикаялъул аслияб госпитальлъун — гьеб хӏадур букӏана азарго унтарав къабул гьавизе.
Ва гьалдана хӏалтӏи госпиталалда…
15 абилеб апрелалде хӏадур гьабун букӏана 250 унтарасе бакӏ. Жеги анкьидасан — 750 унтарасе бакӏ. Гьел рукӏана цӏакъ захӏматал, гӏумруялъе кӏиабилеб хӏухьел кьезе тохтурзаби хӏудурун чӏун ругел къоял. Анцӏго къоялда жаниб гьабураб хӏалтӏи, абизе бегьула, тохтурзабазе бащалъана тӏубараб лъагӏалидаго. Къойилго тӏоритӏулел рукӏана мастер- классалги, тохтурасул хасаб партал ретӏине-бахъизеги ругьун гьарулел рукӏана тохтурзаби. Унтаразул къадар цӏакъго цӏикӏкӏиналде, киналго тохтурзабазе щвана коронавирус сах гьабизе хӏадур ругилан абурал сертификаталги. Тӏадеги киса-кирего чӏезаруна компьютералги. Гьеб букӏана унго-унгояб бахӏарчилъи — байбихьуда жидее бокьарал гурони багӏараб зонаялде ритӏулеб рукӏинчӏеб гьеб заманалда, цониги тохтурас инкар гьабичӏо.
— Гьеле доб Дагъистаналъул халкъалъул цолъиги, къохӏехьейги, хӏинкъи гьечӏолъиги. Гьел лахӏзатаз дир рекӏелъ букӏанщинаб рохелги чӏухӏиги. Дие кидаго бокьулаан бидуца бахӏарчилъиялъги яхӏалъги хъвараб тарих бугеб нилъерго халкъ. Гьаб нухалъги къисматалъ киназего рес кьун букӏана цо кибалиго бахчун хутӏун бугеб лъикӏаб яги квешаб гӏамал борчӏизабизе. Гьеб заманалда дида лъилниги цониги квешаб гӏамал бихьичӏо — киналго хӏадурго чӏун рукӏана унтаразухъе гӏумру тӏад буссинабиялъе хӏалтӏи гьабизе. Дида ракӏалде ккола дунялалъулго гӏадамаз ва пачалихъаз цоцазе гьабулеб букӏараб кумекалъул квербакъиялдалъун унти нахъе къаниланги. Гьелъулъ гурищ букӏараб ва бугеб нилъер къуват. Дир щивав хӏалтӏухъан мустахӏикъав вуго бищунго тӏадегӏанаб рецц-бакъалъе. Гьел гьединал лъикӏал ратичӏелани ва рукӏинчӏелани, щибдай дицаги гьабизе букӏараб. Дида цӏакъго лъикӏ бичӏчӏана инсанасул къадруялъул гьабизе кколеб бугеб адабалъул багьаги. Гьел къояз дир батӏияб мурад букӏинчӏо – дир ракӏ бохизабулеб букӏана, унтараз дир больница тӏасабищулеб бугин рагӏараб мехалдаги. Гьеб гурищ тохтурасул унго-унгояб, захӏмалъабиги къезарулаго, къойил тӏезе ккараб гӏетӏалъ лъалъараб талихӏ. Дир яцги цӏакъго захӏматаб хӏалалда унтун йикӏана. Хвалдаги гӏумруялдаги гьоркьой йигей гьелде тӏаде къулун, ракӏ биунеб букӏана дир. Рокъоселги дица квешалде хӏадур гьарун рукӏана. Гьейги цогидалго унтаразда цадахъ гӏаммаб палатаялъуй егун йикӏана. Амма цо къоялъул цо параялъ дида ракӏалде ккана, киналго унтарал руччаби дирго яцаллъунги ккун, киназего дагьабги тӏаде кумек гьабизе, гьабизе щибго жо нахъе тун гьечӏониги, гьелдаго цадахъ Тӏадегӏанасда гьардезеги. Цо кинабалиго гьаракьалъ дида абулеб букӏана, киналго унтаралго гӏадин, дурго яцги унтун йигилан ракӏалдеги ккечӏого, гьел киналго унтарал дурго яцалъул бакӏалда лъейилан. Ва цо гӏажаибаб къуват бачӏана чорхолъе. Аллагьасул кумекалде лъураб кӏудияб хьулалъги дилъго борчӏараб цо къуваталъги кӏун батила дида унтарал сах гьаризе, — йилан бицана Хӏажимурадица.
Жиндирго хӏакъалъулъ щиб суал кьуниги, гьес коллективалъул бицунаан. Гьебги ккола жавабчилъи цӏикӏкӏараб хъулухъалда вугесул жиндирго хӏалтӏухъабаздехун бугеб адабалъулаб бербалагьиялъул гӏаламат.
Унтаразул къадар цӏикӏкӏиндал, гӏолел рукӏинчӏо тохтурзаби. Гьеб мехалдаги хӏалае ратана Дагъистаналъул медуниверситеталъул чӏахӏиял курсазул студенталги поликлиникабазул тохтурзабиги. Лъиданиги я гьаризе, я абизе кколеб букӏинчӏо. Киназго хӏалтӏи гьабулеб букӏана, жидеего бокьун.
Гьел моцӏаз больницаялда рагьун букӏана кислородалъул 500 точка. Гьелъул жаваб кьолеб чи вукӏана больницаялъул хӏалтӏухъан Хӏасан. Гьес бахъараб хӏаракаталъул бицунго бахъинаро. Гьел моцӏаз, цогидал хӏалтӏухъабаздаго гӏадин, гьесдаги хъизан-рукъ бихьичӏо. Хӏасан кив вугевилан гьикъун бахъиналде, гьев аскӏов ватулаан. Гьел къояз киназулго мацӏалда букӏана гьесул цӏар.
Гьел захӏматал къояз жидее кумек гьабуразул хӏакъалъулъги бицана Хӏажимурадица. Газеталда рехсогейилан гьес абуниги, диего бокьана сахаватал дагъистаниязул хӏакъалъулъ цоги нухалда киназдаго лъазе.
Масала, дагъистаниязда лъалев, гӏадамазе кумек гьабун гӏумруялъго свакачӏев Дербенталъул чогърол заводалъул директор Мухӏамад Сагӏадулаев. Гьес гӏарцудалъун гьабураб кумек бахун буго лъабго миллионалде. Гьелде тӏадеги анцӏго миллионалде росун руго медицинаялъул алаталги. Россиялдаго машгьурав ракьцояв Сулейман Керимовасги бачӏун буго больницаялде къваригӏунеб медицинаялъул гӏемераб къайи-къоно. Гьес кьураб гӏарцуда тӏаса киналго тохтурзабазеги ва больницаялъул цогидал хӏалтӏухъабазеги Хӏажимурадица кьун буго премия. Гьанибго рехсезе бокьун буго «Каспий» санаториялъул ва «Журавли» сахлъи щула гьабиялъул централъул нухмалъулелги. Гӏали Ибрагьимовичас ва Мухӏамад Хӏабибовичас цӏакъго лъикӏал шартӏал чӏезарун руго больницаялъул хӏалтӏухъабазе хӏухьбахъиялъе.
Къисматалда рещтӏараб
нурлъун батаги
Хӏажимурадие больницаги больницаялъе Хӏажимурадги гӏадин, цоцазе рокьичӏони, хӏалтӏи гьалдолеб батуларо. Гьедин букӏинчӏебани, больницаялде щварав Москваялъул Коммунаркаялъул бетӏерав тохтур Денис Проценкоца абизе букӏинчӏо бахиллъанин жив Хӏажимурадида, гьадинаб коллективгун хӏалтӏизе рес бугевилан абун. Щвараб шапакъатги бицана Хӏажимурадица – гьесие щун буго республикаялъул бетӏерасул ва хӏукуматалъул администрациялъул нухмалъулев Ивановасул цӏаралдасан Хӏурматалъул грамота. Амма бищунго кӏудияб ва къадруяб шапакъатлъун гьес рикӏкӏунеб буго анцӏ-анцӏ унтарасе цӏидасанги сайгъат гьабизе кӏвараб гӏумруялда рещтӏараб нур. Биччанте Хӏажимурадил къисматалъул нухазда даим кенчӏезе гьеб нуралъул гвангъарал чӏорал.
Гара-чӏвариялъул ахиралда ракӏалде щвана гьесда жиндирго хӏакъалъулъги дагьа-макъабго цӏехезе.
Хӏажимурад Малаев ккола Чӏарада районалъул Кьорош росулъа. Гьавуна ва гӏуна Гъиргъизиялда. 1976 соналда гьезул хъизан гочана Дагъистаналде.
Хӏажимурадица 1982 соналда лъугӏизабуна Чӏарада районалъул Цӏуриб росдал гьоркьохъеб школа. Гьелдаса хадув цӏалана Дагъистаналъул медуниверситеталда, гьенибго лъугӏизабуна ординатураги. Гӏемерал соназ хӏалтӏана медуниверситеталда медреабилитациялъулаб кафедраялда.
2008 соналда гьес рагьана «Синтез -М» абураб медицинаялъул центрги.
2013 соналда гьев тӏамула Махӏачхъалаялда бугеб больница- грязолечебницаялъул бетӏерав тохтурлъун.
2018 соналда нахъе Хӏажимурад Малаев хӏалтӏулев вуго Махӏачхъала шагьаралъул №1 больницаялъул бетӏерав тохтурлъун. Гьев ккола тӏадегӏанаб категориялъул тохтур. Гьединго гьесие щвана «Дагъистаналъул мустахӏикъав тохтур» абураб цӏарги.