Тӏабигӏиял бечелъабазда сверухъ гара-чӏвари

4 августалда «Дагестанская правда» газеталъул редакциялда тӏобитӏана пайда бугел тӏабигӏиял магӏданазул, гьел рахъулел ракьазда хурхун загьирлъулел гӏунгутӏабазул бицараб пресс—конференция.

Гьелда гӏахьаллъана ракьулгун мал—мулкалъул министр Агъарахӏим Къагьирхӏажиев, росдал магӏишаталъул министр Абзагьир Хӏусенов, тӏабигӏиял сурсатазулгун экологиялъул министрасул заместитель Заур Римиханов, гьединго архитектураялъулгун ралел бакӏазул комитеталъул нухмалъулев Незир Хӏусенов.

А. Къагьирхӏажиевасул рагӏабазда рекъон, пресс-конференция тӏобитӏиялъе аслияб гӏилла ккун буго ракьазулгун мал-мулкалъул суал, ай, цо категориялдаса цогидалде ракьал руссинарулелъул дандчӏвалел захӏмалъаби.

«Гьезул хиса-басиял гьарулаго аслияб гӏунгутӏилъун хутӏулеб буго гӏураб къадаралда документал хӏадурунгутӏи.

Кӏиабилеб гӏилла, гьел документал жанире кьеялъул тартиб цӏунунгутӏи. Цо категориялдаса цогидалде ракьал руссинарулелъул, документал, тӏоцебесеб иргаялда, кьезе ккола республикаялъул хӏукуматалде, гьениса рачӏуна гьел нижехъе. Ниж (Мал-мулкалъул министерство — авт.) гьенир ккола операторал гӏадал чагӏи, ай гьел документазул букӏинесеб къисмат тӏубалел чагӏилъун. Амма цониги нижехъе бачӏараб гӏарза, кӏвар кьечӏого нижеца толаро», — ян баян гьабуна министрас.

Салул гохӏаз хьихьун чанги магӏишат буго

Мал-мулкалъул нухмалъулес кьураб баянги ритӏухъ гьабулаго, росдал магӏишаталъул министр А. Хӏусеновги лъугьана щай гьел документал тасдикъ гьарулаго захӏмалъаби цӏикӏкӏунел ругелали дагьабги лъикӏ бичӏчӏизабизе. Гӏемериселщинал ракьал муниципалитеталъул къайимлъиялда рукӏиналъ лъугӏулел рагӏуларо гӏунгутӏаби.

Республикаялда ругел тӏабигӏиял магӏданазул бицунаго гьез аслияб пикру буссинабулеб бугоан салутӏе. Гьелда бан журналистаз гьикъана къанунги хвезабун, сали бахъулеб чан карьерин республикаялда бугебан.

Официалияб куцалда тасдикъ гьарурал гьединал сали бахъулел бакӏал гьечӏин абуна тӏабигӏиял сурсатазул рахъалъ министрасул заместителас, ругила балъго-гӏатӏго, цӏогьохъего сали бикъулел чагӏи.

«Аслияб къагӏидаялъ, сардилъ рахъун КамАЗалги рачун, сали босун ун батула гьез. Гьединазда тӏад низам цӏунулел идарабаз хӏалтӏиги гьабулеб буго», — ян бицана З. Римихановас.

Хадув гьев лъугьана цересел соназде дандеккун, 2019 соналда гьединал сали бахъулел бакӏаз пачалихъалъе кьураб магъалодул бицине. Миллионал магъалаби рачӏанин пачалихъалъул казнаялдеян веццардизе гьев лъугьиндал, гьел тарихазул цо кӏудияб санго гьабичӏеб гӏадин, «Илчи» газеталъул журналист лъугьана, балъго-гӏатӏго сали бахъулел чагӏи щайин нужеца къватӏир чӏвазаруларел, кколарел абун.

Гьабсагӏат гурищ бицараб къанунги хвезабун хӏалтӏулел гьединал карьерал республикаялда гьечӏилан, тӏабигӏиял сурсатазул нухмалъулесул заместителасул баян ракӏалде щвезабуна мал-мулкалъул министр А. Къагьирхӏажиевас.

Амма гьес абураб рагӏи гӏадахъ босулеб гьечӏоан «Илчи» газеталъул вакилас: Сулахъалъул рахъалдаса сали бикъулел цӏогьал рукӏунила эркенго КамАЗазда гьеб баччулел, гьезие гӏадлу гьабулел чагӏи гьечӏила.

Ахирги гьев гӏодове вуссунев гьечӏолъи бихьидал, гьединал цӏогьал кквезе тӏадаб хъулухъ тӏубалел чагӏи щалилан, тӏадго вуссун гьикъана сабру лъугӏарав мал- мулкалъул нухмалъулесги. Дуе жал низам цӏунулел чагӏи гурин, цӏогьабазе гӏадлу гьездаса тӏалаб гьабейилан хабар лъугӏизабуна министрасги.

Документазул хачӏги магӏданазда хадур лъугьарал бизнесчагӏиги

Архитектураялъулгун ралел бакӏазул комитеталъул нухмалъулев Н. Хӏусеновас цӏакъ шавкъалда бицана сали бахъулеб карьералдаса пайда босизе бокьарал бизнесчагӏазда дандчӏвалел квал-квалазул. Мисалалъе, ижараялъе, ялъуни жиндирго къайимлъиялъе гьединаб карьер босизелъун документал хӏадуризе лъугьани, гьес (бизнесчияс) бала лъабго моцӏидаса бахъараб лъагӏалиде щвезегӏан мех.

«Аниса гъове витӏун, гъоваса дове витӏун, гьобо сверухъе горсверутӏа вукӏуна гьев векерулев. Гӏилла добго доб, гьел ракьал муниципалитеталъул къайимлъиялда рукӏин. Гьеб суал роцӏцӏинабизелъун цадахъ рекъон хӏалтӏизе байбихьун буго жакъа гьанир гӏодор чӏун ругел ункъабго идараялъул вакилзабаз», — ин бицана Н. Хӏусеновас.

Рекьулел ракьазда квер

хъвазе гьечӏо

Тӏабигӏиял магӏданал жаниса рахъулел ракьазул мухӏканаб къадар жидехъ гьечӏин бицана тӏабигӏиял сурсатазул министрасул заместитель Заур Римихановас.

Амма республикаялда тӏад бан ралел бакӏазул бизнес цебетӏолеб букӏаниги, сали бахъулел карьеразул мукъсанлъи гьечӏин, жеги квер хъвачӏел салул нахърателалги ругилан тӏадежубана гьес.

Ракьазулгун мал-мулкалъул министр Агъарахӏим Къагьирхӏажиевасул рагӏабазда рекъон, росдал магӏишаталъе пайдаяб бачӏин кьолел ракьазда квер хъвазе гьечӏо гьезул категориялъул хиса-басиял гьарулаго. Мисалалъе, лъикӏал цӏолбол ахал, лъарагӏлъиялда ролъул хурзал ва гьел гурелги нигӏматал рекьизе бегьулел бакӏал, тӏабигӏиял магӏданазе гӏоло хвезаризе бегьуларин абуна гьес.

Къокъ гьабун бицани, гьединаб букӏана ункъо министерствоялъул вакилзабаз ахӏараб пресс- конференциялъул хӏасил. Нужеца суалал кьейин, гьанир жакъа рорхулел хӏужаби цӏакъ кӏвар бугел жал кколилан бичӏчӏизабулебги бугоан гьез информалатазул вакилзабазда. Амма журналистазул киналго суалазе гуро гьезухъа чӏванкъотӏараб жаваб щвараб.