Ливаналде рещтӏараб балагьалъ
гӏаламалъего асар гьабуна
4 августалъул къаси Ливаналъул тахшагьар Бейруталъул порталда ккараб кьвагьиялъ щущазабуна бащдаб шагьар. 135-ялдасаги цӏикӏкӏун чи хвана. Лъукъана 5000-ялдасаги цӏикӏкӏарав чи. Хваразул сияхӏ жеги цӏилъизе бегьулин хъвалеб буго информалатаз. Анцӏ-анцӏ чи жеги минатахъ щущарал къадазда гъоркь ккун вуго.
Ливаналъул нухмалъиялъ кьураб баяналда рекъон, Бейруталъул порталда кьвагьана аммиачный селитраялъул 2700 тонна. 2014 соналъ Rhosus абураб гамида тӏад батун, нахъе бахъун букӏана гьеб кинабго. Гама унеб букӏана Грузиялдаса Мозамбик абураб хӏукуматалде. Техникиял гӏиллабазда бан лъалхъун букӏун буго гьеб Бейруталъул порталда. Гамида рукӏарал ралъдахъабаз бицухъе, гамил бетӏергьан кколев вуго Хабаровский краялдаса Игорь Гречушкин. Гьанже гьев валагьулев вуго Ливаналъул Хӏинкъи гьечӏолъи цӏуниялъул хъулухъалъ.
5 августалда улкаялда чӏегӏербан букӏана. Больницабазул къуват гӏолеб гьечӏо лъукъарал гӏадамал къабул гьаризе. Балагь рещтӏараб хӏукуматалъухъе жидерго кумекалъул квер бегьана Катар, Иран, Турция, ОАЭ, Иордания, Сирия, Кувейт, Франция, США, Россия ва Гӏизраиль пачалихъаз. Нилъер МЧСалъ Бейруталда кьвагьи ккараб бакӏалда рагьун буго аэромобилияб госпиталь. Гьединго Ливаналде ун буго нилъер НИИялъул, лъималазул хирургиялъул ва травмотологиялъул хӏалтӏухъабазул кӏудияб къокъаги.
Ливаналъул экономикаялъул министр Рауль Немеца лъазабуна 4 августалда ккараб кьвагьиялъул хӏасилал лъугӏизаризе пачалихъалъул гӏураб гӏарац гьечӏилан. Ахираб 30 соналъ улкаялъул экономика кризисалъ квешго нахъе кьабунин, гьелда тӏадеги исана коронавирусалъги гьабунин гьелъие кӏудияб заралин абуна экономикаялъул министрас. Гьесул рагӏабазда рекъон, цого цо хутӏараб нух буго Халкъазда гьоркьосеб валютабазул фондалъулгун бухьен гьаби.