Багьа къиматаб хазина ккола инсанасул гӏумру. Гӏадада абун гьечӏо хирияб хӏадисалда цо чи чӏвай инсаният чӏваялда бащалъулин абун. Чи чӏвай тӏаса лъугьун тезе бегьулеб такъсир кколаро, хасго гӏайиб гьечӏев. Амма зулму—хӏалалъул къурбаназул (репрессированные), ай, гӏайибго гьечӏел гӏадамал чӏваялъул такъсириял хӏужаби, кигӏанго бокьичӏониги, нилъер тарихалда гӏемер ккана. Гьел рикӏкӏуна инкъилаб бергьун хадусел соназ, аслияб куцалда, РСФСРалъул Уголовнияб кодексалъул 58 статьяялда рекъон, революциялде дандечӏейлъун жал рикӏкӏарал «такъсиразухъ» ккарал къурбанал.

Россиялъул пачалихъияб архивалъул баяназда рекъон, араб гӏасруялъул къоабилеб-кӏикъоялда анцӏабилел соназ (1921-1953 сонал) Совет Союзалда зулму-хӏалалъул къурбанлъун ккун вуго гьебго 58 статьяялда рекъон 3 777 380 ва цӏакъго кӏвар цӏикӏкӏарал пачалихъияб кӏваралъул такъсиразухъ 282 926 чи. Гьел ккола туснахъ къотӏарал, Сибиралде ритӏарал, зулму-хӏал гьабун гочинарурал халкъал ва гьезда гьоркьосан чӏваразул къадар бахуна 642 980 чиясде. Кигӏанго бокьичӏониги, гьеб буго нилъер тарих ва тарих лъазеги ккола. Гӏадада абураб гьечӏелъул, нилъеца аралде туманкӏ кьвагьани, букӏинеселъ нилъеда гӏарада балин абун. Улкаялъул тарихалда жаниб бищун захӏматал ва пашманал тӏанчал ккола гьел. Ракъи- къеч, цӏорой-квач, гӏорхъолъан борчӏараб багӏари, гӏакъуба-захӏмат-бихьичӏеб чӏегӏераб-хъахӏаб хутӏун батиларо нилъер умумузда. Репрессиялъ рахӏму-цӏоб лъиего гьабичӏо: я лъималазе, я чӏахӏиязе, я цӏали- лъай бугел хӏакимазе, я диниялгун рухӏаниял церехъабазе, я алиф-ба лъаларел рекьарухъабазе.

Тӏолго улкаялдаго гӏадин, репрессия хъинтӏана нижер районалдаги: лъида кӏочарал рагъул кор боркьараб 1943-абилеб соналъул хасало зулму-хӏал гьабун гочинарурал росаби, хӏама бугелаца-хӏамида баччун, хӏама гьечӏелаца-мугъзада баччун кини-къайигун къватӏире рахъарал росуцоял, гьодал къуларал хараби лъималазул мугъзабаздаго къадаралде щвей, нухда бихьараб гӏакъуба- захӏматалъ Чачаналъе щвезегӏан сухъмахънухлул рагӏалда рижарал хобал?! Зулму-хӏалалъул къурбаназул чӏварал рикӏкӏинчӏогоги, гӏемерисел хвана лагераздагун туснахъазда, нухазда (лъелго унаго ва поездазгун гумуз раччунаго). Чӏаго хутӏаразул гӏумруялде бугеб гъираялъул кутакалъул хӏаракаталдалъун керчал рохьалгун ризал хӏорал гурони гьечӏел бакӏазда гӏуна цӏи-цӏиял росаби, цӏикӏкӏарасезул бухьен-хурхен тӏагӏана рижараб ракьалъулгун ва гӏагарлъиялъулгун. Гьеб кинабго жакъа нилъеда лъалеб буго тарихалдасанги, тарихалъул чӏагоял нугӏзал-репрессиялде ккаразул лъималазул ва гьезулги лъималазул биценаздасан. Гьеб нилъеда киданиги кӏочене бегьуларо. Гьелде нилъ ахӏараб букӏана араб гьатӏан къоялъ иргадулаб нухалъги тохтур Мухӏамад Гӏабдулхабировас тӏолалго районцоялги, республикаялъул ва улкаялъул батӏи-батӏиял бокӏназдасан хӏурматиял гьалбалги ахӏун тӏобитӏараб «Кӏочон тезе гьечӏо» абураб, репрессиязул гьобоялъ ххенарал гьакварисел къурбанал ракӏалде щвезариялъе бараб мемориал рагьиялъул пашманлъи жубараб байрамалъул тадбир. Абизе ккола гьеб бугин гӏагараб росулъ ахираб лъабго соналъ Мухӏамадил бетӏерлъиялда гъоркь гьакварисезе рагьарал батӏи-батӏиял гӏарсазул (памятниказул) цояб. Щибаб соналъ хӏаракат бахъулеб буго гьес росдал тарих лъазабиялде гӏун бачӏунеб гӏел куцаялда патриотикияб цӏайи цӏикӏкӏарал тадбирал тӏоритӏизе.

40 градусалъулаб багӏариялъухъ балагьичӏого, берцинго ретӏа- къан ракӏарана росдал администрациялъул азбаралде гьаквариселги гьалбалги. Сверухълъиялдаго рагӏулеб букӏана гӏисинккун бачунеб пашманаб макъан, гьелъ рачунел рукӏана хараби жидерго ракӏалдещвеязулъе рикӏкӏадал 30-50-абилел соназде ва чангиязул бадиб хулулеб букӏана магӏу.

Бадиса магӏу хулана, жиндир гӏумрудул ичӏго сон бугеб мехалъ эменги репрессировать гьавун, гъоб заманалъул кьогӏлъаби хӏехьезе ккарай, жакъа гӏумрудул нусго сониде яхарай Майсурат Гъазимухӏамадовалъ рекӏелъ кӏудияб пашманлъигун гьабураб кӏалъаялъ, мемориалалъе проект бахъарав Москваялда гӏумру гьабун чӏарав Игьалиса художник Мухӏамадов Гӏумарил.

Жакъаги тӏагӏун гьечӏин рекӏелъ бухӏийилан йиго Майсурат гӏиллаго гьечӏого эменги тӏагӏизавун ниж лъабго лъимералъул тӏалаб гьабулаго эбелалда бихьараб къварилъиялъул ва хӏакъирлъиялъул. Майсуратил ва гьей гӏадал цогидазулги ракӏазулъ щиб букӏарабали цебечӏезабизе захӏмат букӏинаро: гӏолохъанго къурбанлъарал, араб бакӏ лъачӏого тӏагӏарал умумул, гьезда бихьараб гӏакъуба-захӏмат. Цо-цояз дол соназул политиказдегун Сталиниде гӏайиб гьабуниги, «лъикӏлъи бокьарал» цо- цоял нилъеда гьоркьор мацӏихъаби рукӏиналъ ва гьезул «квербакъиялдалъун» хенана гӏемерисел репрессиялъул гьабихъ.

Байрам рагьана Гъоркьгьаквари росдал администрациялъул бетӏер Рашид Ахӏмадовас.

Политикияб репрессиязул къурбанал ракӏалде щвеялъе бараб мемориал рагьи баркун кӏалъазе вахъарав районалъул бетӏер Анвархӏажи Вечедовас кӏудияб баркала загьир гьабуна гьеб иш кодобе босарав М. Гӏабдулхабировасе ва гьесие кумек гьабуразе.

Тӏадгьаквариса Дагъистаналъул мустахӏикъав мугӏалим Мухӏамадзакир Абулмуслимовас бицана репрессиязул къурбанлъун ккарав жиндирго кӏудияв инсул ва цогидалги гьакварисезул къисматалъул: лагъзадерил захӏматалъ бахъараб сахлъиялъул, лъай тӏалаб гьабизе щвечӏеб ресалъул, аскӏор рукӏаразда букӏинчӏеб божилъиялъул, щивасул беразулъ бихьулеб букӏараб щакдариялъул. Кӏалъазе рахъарал республикаялъул Жамгӏияб палатаялъул член Гӏимран Гӏалипулатовас, Дагъистаналъул журналистазул Союзалъул председатель Гӏали Камаловас, лъай цебетӏезабиялъул Дагъистаналъул институталъул проректор Миясат Муслимовалъ бицана араб гӏасруялъул 20-30 соназ репрессиялъул хӏасилалда къурбанлъараб Дагъистаналъул халкъалъул, гьезда бихьараб къварилъиялъул ва гьез хӏехьезе ккараб хӏакъирлъиялъул.

Гъоркьгьаквари росдал школалъул завуч Ахӏмад Мухӏамадовас, Гумбет районалъул Игьали росулъа художник Гӏумар Мухӏамадовас, Гъуниб районалъул Салтӏаса жамгӏияв хӏаракатчи Гӏумар Жамалудиновас, районалъул бетӏер Анвархӏажи Вечедовас бицана репрессиялъул къурбаназулъе ккарал жидерго умумузул ва росуцоязул къисматалъул.

ГУЛАГалъул тарихалъул музеялъул директор Роман Романовас бачӏараб баркиялъулаб кагътида гьакварисездас хитӏаб гьабулеб буго умумузул тарих цӏунеян.

— Музеялъул коллективалъул рахъалдасан баркула гьакварисезда зулму-хӏалалъулаб памятник рагьиялъул байрам. Тарихалда хасаб лъалкӏ тараб кӏикъоялда анцӏила кӏиго гьакварисесе бараб гӏарас ккола гьеб.

ГУЛАГалъ бараб къоло анкьго соналда жаниб гьелъул квачӏикье ккана къогоялде гӏагарун миллион чи, гьезул щибав анцӏабилев абадиялъего хутӏана гьенив. Тӏуна хъизан-лъималазулгун ва вижараб ракьалъулгун бухьен, миллионал лъимал махӏрумлъана эбел-инсудаса. Улкаялъул рахъ-рахъазде рикьун руго нус-нус туснахъалгун лагерал рукӏарал, гӏадамал чӏварал ва гьел рукъарал бакӏал.

Кигӏанго бокьичӏониги, заманаялъ жиндирабго гьабула: цоял херлъула, цогидал хола — гьеб буго гӏумру. Гьединлъидал жеги цӏикӏкӏараблъун ккола гьединал памятникал рагьиялъул кӏвар: ирсилазе нахъе толеб буго бахӏарчиял умумузул тарихалъул гьитӏинабго бутӏа, — ян хъвалеб буго кагътида.

Гьединабго магӏнаялъул рукӏана Москва шагьаралъул поликлиникаялъул нухмалъулев, нилъер ракьцояв Гӏабдурашид Саидовас, РФялъул президентасда цеве вугев Дагъистаналъул вакил, экономикиял гӏелмабазул доктор Рамазан Мамедовас, Россиялъул Конституциялъулаб Судалъул судья Хӏадис Хӏажиевас, Россиялъул гӏелмабазул академиялъул член-корреспондент, медицинаялъул гӏелмабазул доктор Виктор Радзинскияс ритӏун рачӏарал баркиялъулал кагътал.

Тадбиралъул ахиралда М. Гӏабдулхабировас баркала кьуна, санайил жиндир пикрабазул рахъги ккун, тадбиралде рачӏунел росуцоязе ва гьалбадерие, ахӏана гьел росу- ракь, умумузул тарих, рахьдал мацӏ, маданиятгун адабият цӏунизе.