1 августалда Чӏарада районалъул Хьинуб росулъ тӏобитӏана Кӏудияб Ватӏанияб рагъда советияб халкъалъ бергьенлъи босаралдаса 75 сон тӏубаялда хурхараб тадбир.

Гьеб росулъ рагьана Кӏудияб Ватӏанияб рагъде арал росуцоязул хӏурматалда обелиск.

Кутакалда берцинго, киналго разияб хӏалалда, ана гьеб тадбир.

Гьелъие квербакъана мажлис тӏадегӏанаб даражаялда бачарав, гӏемерал соназ нилъер районалъул жавабиял хъулухъазда хӏалтӏарав, гьанже Гъизилюрт шагьаралъул бетӏерасул заместительлъун хӏалтӏулев вугев Султӏанахӏмад Мухӏамадовас.

Султӏанахӏмадица бицаралда рекъон, гьеб тадбиралъе байбихьи лъурав чи вуго тӏолабго республикаялдаго жив лъикӏ лъалев, гӏемерал соназ Дагъистаналъул культураялъул министрлъун хӏалтӏарав Гӏабдулатӏип Хӏажиев. Гьесул жигаралдалъун эхетана гьаб обелиск, — ан бицана Султӏанахӏмадица.

— Сахлъиялда бан, мажлисалде вачӏине рес ккечӏо Гӏабдулатӏипие, амма жамагӏаталъе гьес урхъараб саламги баркиялъул хинаб каламги битӏана.

Тадбир нухда бачунес ракӏалде щвезабуна росдал тарихги тарихалда лъалкӏ тарал росуцоязул цӏаралги.

Кинавниги доб вахӏщияб рагъда гӏахьаллъана Хьинуб росулъа 40 гӏолохъанчи, гьезул 20-яв нахъ вуссинчӏо. Гьез жидерго гӏумру кьуна жакъасеб нилъер эркенаб гӏумруялъе гӏоло. Киналгоязе щун руго рагъул шапакъаталги. 2 «Багӏараб цӏва» орден щвана Юсуп Хӏажиевасе. Гьесулго вацгӏал Ахӏмад Гӏумаров мустахӏикълъана «За боевые заслуги» медалалъе ва моцӏ иналдего 3 даражаялъул «Слава» орденалъеги. Ахӏмадида цадахъ рагъда вукӏарав росуцояв Мухӏамад Муртазагӏалиевас бицунеб букӏун буго Ахӏмад вихьизавун вукӏанин Совет Союзалъул Бахӏарчи абураб тӏадегӏанаб цӏаралъе, амма кьечӏого хутӏанин.

Бицен буго, жиндир баракат нилъее щваяв, Хьинуса Гӏалиасхӏаб Ибрагьимов рагъда вугеб бакӏалде тушманасул гулла щолеб букӏинчӏила, ва рагъухъаби гьесда аскӏор чӏолаанила.

Кӏоченчӏо тадбир нухда бачунесда росдал руччабазда доб захӏматаб заманалда бихьараб гӏакъубаялъулги къохӏехьеялъулги бицинеги.

«Захӏмалъиги къварилъиги бихьун щвараб буго нилъее гьаб бергьенлъи. Жакъа нилъеца рагьулеб гьаб обелискалъул цӏакъ кӏудияб кӏвар буго тарих лъаялъулъги, гьеб цӏуниялъулъги, гӏун бачӏунеб гӏел битӏараб мисалалда куцаялъулъги.

Баркала буго гьаб тадбир иналъе квербакъаралщиназе. Мисал чӏахӏияз бихьизабуниги, гӏолохъабаз кутакалда жигар бахъана гьабулеб хӏалтӏулъ», — ан абуна Султӏанахӏмадица.

Хьинуб росдал жамагӏаталда тадбир баркун кӏалъай гьабуна районалъул бетӏерасул заместитель Мухӏамад Гӏумаровас. Гьес гьединго республикаялъул рохьил магӏишаталъул рахъалдаса Баркалаялъул кагъат цӏалана росдал гӏолохъабазде бачӏараб.

Кӏалъазе рахъана росулъго бищунго хӏурматияб ригьалъул Шихахӏматӏ Мухӏамадов, Дагъистаналъул мустахӏикъав мугӏалим Ризван Хӏажиев, живго гӏумру гьабун Гъизилюрталда вугониги ракӏ мугӏрузда бугев Гӏумар Гӏабдулаев, советалъул нухмалъулев Рамазан Рамазанов, Дагъистаналъул мустахӏикъав мугӏалим Гирай Зиявудинов, РГВКялдаса Хатимат Мухӏамадова ва гь.ц..

Росулъ къадру бугев Шихахӏматӏица гьабуна дугӏаги рагъда хваразеги, росдал жамагӏаталъеги, тӏолабго Дагъистаналъеги.

Хӏалтӏулъ жигараб гӏахьаллъи бихьизабуразе кьуна грамотабиги ва сайигъаталги.

Хадур рукӏана спортивиял хӏаял.

Гьеб тадбир гӏуцӏулаго росдал жамагӏаталъ бихьизабуна жидерго цолъиги, гъункиги.

Сахлъи кьеги нужее, Хьинуб росдал жамагӏат. Батаги нужер тадбир районалъул цогидал росабазе мисаллъун.

Гьебго къоялъ Хьинуб росулъ рагьана росдал гӏолохъабаз кьучӏдасанго цӏи гьабун къачӏараб некӏсияб мажгитги, квешалъе-лъикӏалъе жамагӏаталъе пайдаяб, киналго квегӏенлъаби жанир ругеб, санагӏалъи бугеб рукъги.

Тӏадегӏанав Аллагьас азардаражаялде бахинабеги гьеб жамагӏаталъе пайдаяб, кири цӏикӏкӏараб хӏалтӏулъ бутӏа лъуравщинасул гьабураб гӏибадат.