4 августалда лъабго моцӏ тӏубана Бежтӏаса Мухӏамад Гӏабдулхӏамидов гӏумруялдаса ватӏалъаралдаса. «Хехаб медицинаялъул кумекалъул» машинаялъул шоферлъун 20 соналъ хӏалтӏарав гьесул 62 сон букӏана.
«Гӏиси—бикъинаб жойилан тун
батила инсуцаги гьеб унти»
Мухӏамадил яс Эмилияца гьадин ракӏалде щвезабулеб буго эмен ками:
— Эмен Бежтӏаса эхеве Махӏачхъалаялде вачӏана унтаравги вачун. Амма живгоги цӏа-кан бахун вукӏана гьев. Гьединлъидал хал-шал гьабизе вачиндал, гьуърузда кӏиябго рахъалдаса пневмония батана. Амма больницаялде вачине ккараб жо гьечӏин, рокъовго сах гьавуниги бегьулин абуна тохтурзабаз. Кигӏан «Медицинаялъул хехаб кумек» ахӏаниги, жал цӏакъго захӏматго унтаразухъе гурони унарилан, гьелги рачӏинчӏо. Гьединлъидал кӏвараб- лъараб гьабун, дицаго сах гьавизе байбихьана гьев. Медсестра ккола дунгоги. Тохтуралъ хъвараб рецептги букӏана.
Ичӏабилеб къоялъ инсуе квеш лъугьана — хӏухьел дагьлъун, гъанкъулев вукӏана гьев. Гьеб мехалда киса-кибего ахӏи базе лъугьана дун. Хӏалица «Горячая линиялде» ахӏун, бачӏинабуна «Медицинаялъул хехаб кумекги». Радал ичӏго тӏубайдал ахӏараб гьеб, къаси сордо бащалъулелъул гурони тӏаде щвечӏо.
Гьедин больницаялде хъамун ана гьев. Амма чанго сагӏаталдасан ахӏун бачӏана эмен къадаралде щванилан.
—Гьедин цӏа—канги бахун, щайдай гьев хӏалтӏулевгӏаги вукӏарав? Хасго Махӏачхъалаялде щвезегӏанги вачӏун…
— Эбги цо нухалъищ вачӏарав? Лъабго-ункъониги рейс гьабуна инсуца гьедин унтун вукӏана. Гьелъул хӏакъалъулъ эбелалдецин кӏалъан йикӏана дун. Жинца чанцӏулин гьесда гьарараб рокъов чӏайилан гьелъги абуна. Гӏиси-бикъинаб жойилан тун батила инсуцаги гьеб унти. Доб мехалда кутакалда гӏемер чи унтана нижер росулъ. Битӏун эмен хвараб къоялъ дир росги вукӏана гьеб унтуца унтун захӏматаб хӏалалда. Хӏалица витӏана больницаялда вегизе.
Бежтӏа нижер эбел-инсул мина больницаялда аскӏоб буго. Гьединлъидал бокьараб мехалда кодове щолев чи вукӏиналъ, гӏемер витӏулев вукӏун ватила гьев шагьаралде-нахъеги.
-Гьединал захӏматал унтаралгун чанго сагӏаталъ рекӏун унеб бакӏалде витӏулеб мехалда жиндеги бахинин гьеб вирусилан кколароандай инсуда?
— Тӏоцебесеб нухалда гьедин унтаравги вачун эхеве щведал, дир яцалъул азабаралъув машинаялъувго кьижун вуго гьев, нужеде унти бахинилан хӏинкъун вугин живилан. Жалго бетӏергьанаб мина буго яцалъул. Гьединлъидал эмен гьенив чӏолаан, машина лъезе санагӏалъи букӏунилан.
Нижер хъизаналъе гуребги, цогидал чагӏазегицин захӏмалъун буго гьев хвей. Лъиениги зарал букӏинчӏо гьесул. Зигара бан инстаграмалда лъураб гьесул сураталъухъ балагьун, кутакалда ракӏ лъикӏав, разияв чиясул гӏадаб гьумер бугин нужер инсулин рукӏана нижеда киналго.
Карантин лъун букӏиналъ, росулъе вачине ресги ккечӏого, Гъизилюрталда вукъана гьев, дирго ясалда аскӏов. Кӏиго соналъ цее онкологиялъ унтун хвана гьейги.
-Гъоркь цогидал унтаби ругони, вирусалдаса рорчӏизе захӏмалъулин абулаха. Букӏанищ инсул гьединаб гӏузру?
— Бидул тӏадецуй цӏикӏкӏараб букӏунаан гьесул. Амма унтидал, гьеб гӏодобе ккана. Тохтурзабаз абуна гьедин букӏунин гьебилан.
«Гьанже гьеб кинабго
багъулеб буго дилъ»
Мухӏамад ккола ДРялъул культураялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан Халисат Хӏамидовалъул вацги. Гьев гьелдаса анлъго соналъ гьитӏинав вукӏана. Жеги лъагӏел сверун букӏун гьечӏо гьезул кӏудияй яц хӏежалда хваралдасаги.
Гьадин байбихьана Халисатица нижергун гара—чӏвари:
— Дир рекӏел тӏегьлъун вукӏарав вац Мухӏамадги камун, кутакалда жанисан чӏунтун йиго дун. Росдал гӏадамалги гьединго ругин абизе бегьула. Цӏакъ хирияв вукӏана гьев гӏадамазе. «Гамидов, ис» абун рукӏунаан гьесда. Бежтӏадерил мацӏалда вац абулеб магӏна буго гьеб рагӏул (ис).
Гьев хвараб мехалда Махӏачхъалаялда йикӏана дун. Тӏоцебесеб больницаялда хвана гьев. Гьенибе дихъе ахӏичӏев чи хутӏун ватиларо, зигара бан. Ахиралда трубка чӏегӏерлъун бихьулеб букӏана дида гьеб къоялъ.
Мухӏамад унтараб мехалда гьесухъе тӏаде-гъоркье инеги бегьуларого, цӏакъ захӏмалъун букӏана. Гьесул ясазги абуна, дадал яц, мун ракӏги унтарай, лъабкъойилъа соналги арай гӏадан йигила, гьединлъидал цӏуна- къай гьабейилан.
Амма гьесул ясаз инсуе кумек гьаричӏеб бакӏ хутӏун гьечӏоан. Гьараниги щибха, 20 соналъ живго хӏалтӏараб хъулухъалдаса кумек щвечӏеб мехалда… Ахирги «Горячая линиялдеги» ахӏун гурони бачӏинчӏо гьезул машина. Амма кватӏун бугин гьесие кумек гьабизеян абун буго тохтурас.
Гьаб Бежтӏа больницаялъул коллективалда гьоркьоса камурав чи цохӏо дир вац вуго. Амма гьав чиги гьадин хванилан абун цохӏо цӏарниги бахъун гьечӏоан гьеб больницаялъе баркала кьун республикаялъул нухмалъиялдаса рачӏарал кагътазда.
-Халисат, ахирисеб нухалда кида дуда Мухӏамад вихьарав?
— Дун Махӏачхъалаялде ахӏун йикӏана Хатимат Мухӏамадовалъ РГВКялдасан бихьизабулеб передачаялда гӏахьаллъизе. Рагъул гӏахьалчагӏазул хӏакъалъулъ 9 маялдехун хӏадурулеб букӏана гьеб. Нижер эменги Кӏудияб Ватӏанияб рагъул ветеран ккола. Гьесул бицине ахӏун йикӏана. Гьединлъидал сапаралъ яхъиналде цее дун вацасухъе ана рамкаялда жаниб лъураб инсул сураталда хадуй. Бицана дие гьеб передачаялда бихьизабизе цадахъ босизе къваригӏун бугилан. Гьеб мехалда инсул суратги дихъе кьун, Мухӏамадица дун тӏойитӏана жив кутакалда халккун чӏун вукӏине вугин гьеб передача къватӏибе бачӏиналъухъиланги абун. Гьесие цӏакъ бокьулаан Хатиматил передача. Нагагь дежурствоялда вугонигицин, рокъове векерун вачӏунаан гьелъухъ балагьизе.
Гьеле ахирисеб нухалда Мухӏамад вихьараб лахӏзат. Амма передача бихьизе къотӏи букӏун гьечӏо гьев мунагьал чурадида.
Гьеб къватӏибе кьун рагӏула 7 маялда, Мухӏамад абуни, 4 маялда хвана.
Дунни телевизоралъухъ балагьичӏо, гьелде регӏараб хӏал букӏинчӏелъулха.
Гьанже гьеб кинабго багъулеб буго дилъ, кутакалда ракӏхун буго гьесда хадуб. Гӏамал берцинав чи вукӏана гьев.
Нижер больницаялъул цеве вукӏарав бетӏерав тохтурас Мухӏамадие хъвараб характеристика цӏалидал, гӏодойги чӏун, гӏодана дунни. Анцӏго соналъ цадахъ хӏалтӏарав чи лъикӏ лъаларищха гьесда.
Зигараялъ рачӏанщиназ бицуна «Скорыялда» унев чияс росулъ данде кканщинасе гьимулаго чӏезабулаанила машина, рахайин тӏаде, щвезарилин абун. Жиде-жидер хвелал ккарал чагӏаздагицин кутакалда рекӏеда кӏутӏун буго Мухӏамадил хвел.
Гьанже Аллагьасул къадаралда гьабизе жо гьечӏо…