Щивасул буго ракьалда бихьизабураб жиндир заман. Хирияв чи абадияб дунялалде къокъун хадуб дунялалда хутӏарал гьесул гӏагарал чагӏазухъе рещтӏуна пашманлъигун къварилъи ва рекӏел унти. Ракьалда букӏарабги абадиябги гӏумруязул бухьенлъун лъугьуна инсанас тарал ишал, гьесда цадахъ араб заманалъул лъалкӏалги гьез ракӏалъе гьабулеб асарги.
Дие бокьун буго дирго гьудул Хӏажимухӏамад Хӏажимухӏамадовасул хӏакъалъулъ бицине. 20 соналъ цеве хъачагъазул вахӏщилъиялъул хӏасилалда накълулъана гьев. Гьес бан букӏана гӏицӏго 50 сон. Бахӏарчияв, яхӏ-намус бугев, тӏабигӏаталъго кьураб гӏакълугун культура насибав, инсанасул адаб гьабизе лъалев, гьудуллъиялъе ритӏухълъи цӏунарав ва гьелъул къимат гьабизе бажарулев, жиндехун тӏалабчилъи цӏикӏкӏарав, жиндир пикру загьир гьабизе хӏинкъуларев ва гьеб цӏунизе таваккал гӏолев, жинца тӏасабищараб пишаялъе ритӏухъав – гьев кунчӏана гвангъараб цӏвалъун ва абадиялъего лъалкӏги тун, ватӏалъана нилъедаса.
Ниж тӏоцебесеб нухалда дандчӏвана 1968 соналъул сентябралда — Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул химиялъул факультеталъул студенталлъун рахъараб мехалда. Хӏажимухӏамад вукӏана логода ворхатав, хӏалакъаб черхалъул, хъахӏилал беразул гьимиялъ ракӏ тӏаде цӏалев, къамартӏав гӏолохъанчи. Хехго ккана нижер гьудуллъи: гӏумруялде, гӏадамазде ва гьудуллъиялде цокӏалаб бербалагьи батана нижер.
Дун чанцӏулго щвана гьесда цадахъ Агъваливеги Тӏиндивеги – гьесул эбел-инсухъе. Къурамухӏамад- дациги Маржанат-адаги рукӏана цӏакъ лъикӏал, хӏеренал ва гьобол хириял гӏадамал. Дунги гьез къабул гьавуна васлъун. Сундулъго батӏа гьавулароан Хӏажимухӏамадидаса дун гьез. Дир эмен Мухӏамадицаги эбел Таибатицаги гьединго къабул гьавулаан Хӏажимухӏамадги. Гьезиеги хиралъана дир гьудул.
Университетги лъугӏизабун, Буйнакскиялда рукӏарал рагъулал сборалги нахъа тун, нижее кьуна лейтенантасул цӏар. 1973-1975 соназда кӏиялго цадахъ ккана Киевалъул рагъулаб округалде — гӏарадачагӏазул батареялъул командирасул хъулухъазда. Армиялда рукӏагоги, нижеца рехун течӏо спорт. Ивано- Франковскиялда рукӏарал къецазда Хӏажимухӏамад вахъана самбоялъул рахъалъ призерлъун, чанцӏулго чӏел босана гьес эркенаб гугариялдаги.
Армиялдаса тӏадвуссун хадуб Хӏажимухӏамад хӏалтӏизе лъугьана Дагъистаналъул МВДялде, — дун — Россиялъул Гӏелмабазул академиялъул Геологиялъул институталде. 1978-1981 соназда ниж нахъеги рукӏана цадахъ. Хӏажимухӏамад цӏалулев вукӏана СССРалъул Жанисел ишазул академиялда (гьес тӏокӏлъиялда лъугӏизабуна гьеб), дун — СССРалъул Гӏелмабазул академиялъул Органикияб химиялъул институталда аспирантлъун.
МВДялда 25 соналъ хӏалтӏана Хӏ. Хӏажимухӏамадов — гьес рахана гӏолохъанав оперативияв хӏалтӏухъанасдаса республикаялъулаб даражаялъул нухмалъулесде щвезегӏан хъулухъалъул болъодул хӏокӏал. Вукӏана МВДялъул Гӏахьвахъ районалъул отделалъул, Махӏачхъалаялъул Ленинский РОВДялъул, Махӏачхъала шагьаралъул жанисел ишазул управлениялъул начальниклъун.
Гьеб букӏана захӏматаб заман: рижун рачӏана миллиял хӏаракатал, пачалихъиял идарабаздаги парламенталдаги рукӏана такъсирчилъигун бухьен бугел хӏакимзаби (гьез сан гьабулароан законазул) ва къадру хун букӏана ракӏбацӏцӏалъиялъулги ритӏухълъиялъулги. Гьединаб хӏалалдаги Хӏажимухӏамадихъа бажарана хӏалтӏухъабаздаги халкъалдаги гьоркьоб жиндирго къадру цӏунизе. Гьесул адаб гьабулаан ишцоязги, миллиял хӏаракатчагӏазги, хӏата такъсирчагӏазул вакилзабазги — ритӏухълъиялъухъ, камилаб махщелчилъиялъухъ, гӏаданлъиялъухъ ва жавабчилъиялъухъ.
Хӏалтӏулебгӏан заманалъ Хӏажимухӏамад мустахӏикълъана РФялъул ва ДРялъул МВДялъулги ДРялъул хӏукуматалъулги гӏемерал шапакъатазе. ДРялъул Пачалихъияб Советалъул хӏукмуялда рекъон, гьесие кьуна «ДРялъул мустахӏикъав юрист» абураб цӏарги. 1996 соналъул сентябралда террористазухъа гъоркьлъалие ккурав 18 чи ворчӏизавиялъухъ гьесие кьуна Россиялъул Бихьинчилъиялъул орденги.
1998 соналъул маялда питначагӏаз гьужум гьабуна республикаялъул Хӏукуматалъул минаялде. Хӏинкъи букӏана гьенисан байбихьараб кьал тӏолабго республикаялда тӏибитӏиялъул. Бидулал лъугьа-бахъиназда цере сангарлъун эхетаразда гьоркьов вукӏана Хӏажимухӏамад Хӏажимухӏамадовги. Тунка-гӏусиялде дандечӏезе квербакъана гьесул къадруялъги ритӏухълъиялъги.
Гьев вукӏана районалъулгун республикаялъул патриотги интернационалистги. Дагъистан «миллиял минабахъ» рещтӏинабизе хӏаракат гьабулел цо-цо жамгӏиял церехъабазул заманалда гьес жигар бахъана батӏи-батӏиял миллатазул гьудуллъи-вацлъи цӏуниялъе. Динияб байрахъалда гъоркь вагьабизмгун экстремизм тӏибитӏизабулеб заманалдаги гьел хӏаракатазде данде къеркьана гьев.
РФялъул МВДялъул полковникасул погоназде хӏур ккезе течӏо Хӏажимухӏамадица. Районалъул жамагӏаталъ гьев вищана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатлъун. Гьес кидаго цӏунулаан ракьцоязул интересал.
1999 соналъул апрелалда Махӏачхъалаялда рагьана РФялъул МВДялъул Милициялъул хасаб гьоркьохъеб школа. Гьелъул начальниклъун тӏамуна Хӏажимухӏамад Хӏажимухӏамадов. 15 моцӏалъ хӏалтӏана гьев цӏияб хъулухъалда ва гьесухъа бажарана курсантазул цӏалиялъеги, спорталъеги, гьединго гӏумруялъеги санагӏатал шартӏал гӏуцӏун. Тӏоцебесеб иргаялда, гьес нахъе бахъизабуна школа сверун ккун букӏараб зазиххараб маххул чали. «Маххул куналъ сверун къараб школалда цӏалулев гӏолиласул мустахӏикъав милиционер кин куцалев? Кин гьеб бичӏчӏизе кколеб гьесул эбел-инсудаги халкъалдаги?» — ян абуна гьес.
Гьесул рукӏана гӏемер планал. Масала, щуго соналда жаниб Милициялъул школалъул МВДялъул Академия гьабизе. Гьес гьел планал гӏумруялдеги рахъинарилаан — гьединаб хасияталъул чи вукӏана гьев. Вукӏинчӏо гьев жиндиего хӏалхьи- рахӏат балагьулев, хъулухъазда хадув лъугьарав чи. Гьес тӏалаб гьабулаан цадахъ хӏалтӏулел ишцоязул, хӏалтӏулаан, законалде мугъги чӏван, ватӏаналъул букӏинеселде божилъигун, ракълилаб Дагъистаналъул цебетӏеялъеги дагъистаниязул талихӏаб гӏумруялъеги гӏоло. Амма вахӏшиял гӏащтӏичагӏазул квералъ циндаго вахъана гьев нилъехъа…
Дир гьудул Хӏажимухӏамад ракӏалде щвезавулаго, гьесул лъади Сабигатидаги яс Мадинадаги, гьелъул ункъабго лъимералдаги абизе бокьун буго: Аллагьас рехун тогеги нуж, — ан абун.