Цӏияб цӏалул соналда сверухъ рагъа-рашари ва улбузул рахӏатхвей

Исана нилъер республикаялда школалде ине вуго 427000 цӏалдохъан. Гьезда гьоркьоса 55600 лъимер ине буго тӏоцебесеб классалде.

Улбул хӏадурлъулел руго лъимал цӏияб цӏалул соналде ретӏа-къан, къваригӏарабщинабги босун, нухарегӏизе. Амма кӏиязулго, учительзабазулги эбел-инсулги, буго гӏаммаб рахӏатхвей. Коронавирус.

Гьеб киналдаго сверухъ республикаялда бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ цӏех-рех гьабизе ният ккана нижер.

Щибаб соналъ 1 сентябрь тӏаде щолелъул, эбел-инсул рахӏатги макьуги бикъараб суал буго лъимал цӏияб цӏалул соналде къачӏалаго дандчӏвалел захӏмалъабазда хурхараб.

Хӏатӏидаса бахъараб бетӏералде щвезегӏан, бахӏарал гӏадин, къачӏазе ккола гьез жидерго лъимал. Жакъа цо лъимер школалде хӏадуризе гъаримай эбелалъул унеб буго, гьоркьохъеб куцалда, 10000 гъурущ. Цӏикӏкӏун бугел бакӏалги ратила, амма гьеб ккола гьоркьохъеб тарих. Кӏигоялдаса цӏикӏкӏун лъимер бугеб хъизамазул унеб буго 20000 гъурущ. Нижеца цӏех-рех гьабураз бицана бищунго захӏмалъулин тӏоцебесеб классалде унеб лъимер къачӏазе.

Тӏоцебесеб иргаялда, гьелъие босизе ккола лъикӏаб, 3000 гъурщидаса гъоркье гьечӏеб портфель, хадур хьитал, тӏажу, гурде, ясазе — бантик, васазе — галстук, чӏегӏараб кьера- лъул костюм. Хӏасил-калам, хӏокӏ гӏадин къачӏала анкьго сон бараб лъимер. Гьевги чӏухӏун вукӏуна, кодоб понцӏораб шарги ккун, дунял- гӏалам жиндие гьимулеб гӏадин вукӏуна вохун 1 сентябралда школалъул азбаралъув эхетун.

Хадусеб иргаялда, хӏажалъула цӏалуе хӏажатаб къайи-цӏа: ручка- къаламалдаса байбихьун, тӏахьазде щвезегӏан. Амма тӏахьазул рахъалъ исана дагьаб бигьалъи бугин бицана улбуз. Щайин абуни, республикаялде 119000 цӏалул тӏехь бачӏиналъул баян кьун букӏана августалъул байбихьуда ДРялъул Лъай кьеялъулгун гӏелмуялъул министерствоялъ. Амма цебеккун гьединаб хабар тӏибитӏизабун букӏаниги, Махӏачхъалаялъул цо-цо школазда тӏахьал кьолел гьечӏин ракӏхун бицана цо-цо эбел-инсуца.

Ноутбукго учузго чӏезехъин буго

Цӏалуе хӏажатаб къайи-цӏа босулаго гӏага-шагарго 3000 гъурущ ун бугоан школалъул къайи-цӏа бичулеб тукада ятарай цо гӏаданалъул. Ретӏел-хьит босизе гьелъ харж гьабун буго 12000 гъурущ.

«Тӏахьал, гъоркьисаго гӏадин, исанаги росизе ккечӏо. Гьеб рахъалъ дагьаб бигьалъи ккана. Бугониги, 15000 гъурущги дагьаб жо гурелъулха. Гьелъулни бицинароан, цо чӏара-хьараб низамалда школал хӏалтӏизе ратани. Пандемиялъул кӏиабилебги карачел бачӏине бугилан тӏиритӏизарулел харбаз рахӏат хвезабичӏого толеб гьечӏо дирги цогидал улбузулги. Гьеб къагӏидаялде иш бачӏани, гӏадада ккезехъин буго гьабулеб хӏадурлъи. Рокъосанго цӏалулеб низамалде рачӏунел ругони, гьабщинаб жо босулеб бакӏалда васасе ноутбукго босилаан дица. Гӏадада рокъоб шкафалъуб бан букӏине цӏияб ретӏел щиб гьабизеха босилеб?» — ан ургъел бикьана гьелъ.

Тӏоцебесеб классалде вас къачӏалел гӏолохъанал эбел-эменги ратана гьебго тукада. 3000 гъурщидаса гъоркье багьа гьечӏеб портфелазда гьоркьоса кинабдай босун лъикӏилан ургъулей йигоан эбел.

«2000 гъурщиде хьитал, 1500 гъурщиде тӏажу, 2500 гъурщиде костюм, хъахӏаб гурде, галстук ва гьеб гуреб цогидабги — бищун дагьаб 10000 гъурущ инехъин буго ратӏлихъ», — илан бицана гьелъ.

«Гьелда чӏечӏони», — ян, велъулаго, тӏаде жубана инсуцаги.

Дагьаб чӏахӏияб гӏелалъул лъимал жалго ругоан ручка-къаламалдаса байбихьун хӏажатаб цӏалул алат босулел.

Цоязе щолел, цогидазе щоларел тӏахьал

Амма махӏниги бигьаго гьечӏоан, рукъалъул бетӏергьанчиги камун, жиндаго тӏаде кинабго ургъел бегарал улбузе. Гьединазул цояй ккола Махӏачхъалаялдаса Райгьанат Мухӏамадрасулова.

— Лъабго лъимадул эбел хӏисабалда, дие расги бигьаго гьечӏо щибаб соналъ лъимал школалде хӏадуризе. 20-30 азаргониги гъурущ инехъин буго. Амма гьелдасаги дун рекӏекълъулеб жо буго хӏукуматалъ гьабулеб кумекцин кидаго щолареб мехалъ. Мисалалъе, цӏалул тӏахьал. Исана Москваялъ нилъер школазе 100000 тӏехь кьун бугилан рагӏана информалатаздасан. Амма дир лъимал унеб школалде гьел тӏахьал щвечӏеб къагӏида. Гьечӏин тӏахьалилан абулеб буго нижеда. Лъаларо, Москваялъ ритӏарал гьел тӏахьал киналго школазе гӏечӏогойищ хутӏараб яги батӏияб гӏиллайищ гьениб бугебали, — ян бицана Р. Мухӏамадрасуловалъ.

Депутатазул намус борчӏана

Лъимал школалде хӏадуризе улбузе кумек хӏисабалда, щибаб хъизамалъе 10000 гъурущ гӏарац кьеялъул суал борхана гьал къоязда Пачалихъияб Думаялъул цо-цо депутаз ва Федерациялъул Советалъул сенаторал Сергей Леоновасги Иван Абрамовасги. Тӏоцебесеб классалде лъимер битӏулаго эбел-инсуца 20000 гъурущниги харж гьабизе кколеб бугин, пандемиялъул заманалда абуни гӏемерисел гӏадамазе щолеб мухьги цӏакъ дагьлъанилан, халкъалъул ургъел гьабун кӏалъана депутатал.

Гьеб суалалда хурхун законалъул проект гьоркьоб лъезе босун буго Пачалихъияб Думаялде. Гьелъул авторазул хьул буго тӏасияб соналъул 1 январалде гьеб къабул гьабилилан.

Гьединго, Пачалихъияб Думаялъул депутаз гьал къоязда загьир гьабуна коронавирусалда сверухъ ахӏвал-хӏал цӏидасан хӏалуцунеб бугелъул, школазда дарсал 1 октябралделъагӏан нахъе рахъун лъикӏ букӏинилан абураб пикруги. Амма РФялъул Лъай кьеялъул министерствоялъул нухмалъулев Сергей Кравцов депутатазул гьеб пикруялда тӏад рекъечӏо.