Гьаб ахираб заманалда дун гӏемер щола тохтурзабазухъе, гӏенеккула рекӏел тӏинда магӏулъун гӏунараб гьезул хабаралъухъ. Хабарцин гуребха гьеб — угьиги зигараги жубараб гьеб рагӏидал, кинаб хӏалуцинха лъугьинеб гӏенеккарасулги. Гьезухъа тӏад юссунелъул, каранда бакӏ гӏоларого ракӏги лъугьуна, гӏумруялъ тӏамула жиндирго берцинлъиялда тӏад ургъизе. Хасго хвел аскӏоб рещтӏиндал, гьелъул берцинлъиялдаса гӏорцӏуларо. Тохтурзаби-бихьиназегицин захӏмат букӏуна дол балагьал къоял ракӏалде щвезаризе. Къватӏибе загьир гьабизе рес гьечӏеб магӏу рещтӏунеб батила рекӏел тӏинда. Руччаби- тохтурзабаз изну кьола магӏуялъе, жидерго гӏанабиги чурун, ракьалде тӏинкӏизе. Гьелдаго цадахъ гьез къватӏибе гьурщула къварилъиги, пашманлъинги, угьи-зигараги. Гьаб нухалдаги гьедин букӏана. Дун щвана С. М. Мухӏамадовасул цӏаралда бугеб республикаялъул рахунел унтабазул (инфекционная больница) больницаялъул отделениялъул нухмалъулей Саида Гӏумаровалъухъе. Телефоналдасан лъай-хъвайги гьабун, дица гьелда гьарана дандчӏвазе заман батейилан. Сундул хӏакъалъулъ бицине кколебалъи лъайдал, гьелъул гьаракь сорона. Бугониги, разилъана.

Гьалеха дун цо лахӏзаталъ лъалхъана чанго моцӏалъ гӏумруги хвелги цоцазе къуркьуларого букӏараб больницаялъул кӏалтӏа. Гьаний лъалхъидал, дагьайги гӏащикълъана гӏумруялъухъ.

Гьалеха Саида Гӏалигишиевна. Берцинаб гьурмада паркъелеб бугеб гьединабго гьимиялъ къабул гьаюна дун. Харбиде ралалде, гьелъ дида рихьана хасаб формаги ретӏун рахъарал жиндиргоги коллективалъулги суратал. Ракӏгъанцӏизабулеб кьогӏаб хӏакъикъат. Гьале дол жакъасеб заманаялъул багьадурзаби – гӏумру тӏегьаялъе, гьелда цӏилъи чӏваялъул нураллъун рукӏинеги хутӏизеги Тӏадегӏанас ракьалде ритӏарал руччабазда цебе чӏараб масъала букӏана цӏакъго жавабчилъи цӏикӏкӏараб – хвалил квачӏикьа гӏумру бахъизе хӏадур рукӏана гьел киналго. Гьезда гьоркьой йикӏана Саидаги.

— Бицун чи божулеб ахӏвал-хӏал букӏинчӏо. Беразда цадахъ гӏодулеб ракӏги букӏана. Рихха-хочизеги заман букӏинчӏо. Унтаразда бихьизе бегьулароан нижер къварилъи, бичӏчӏизе бегьулароан рекӏел хӏал. Щайгурелъул гьел нижехъ ралагьулаан гӏумруялде кӏудияб хьулгун. Гьел къояз ниж гьезие рукӏана жидехъе гӏумру тӏад буссинабизе бажарулел сихӏручагӏилъун, — ан байбихьана Саидаца диргун гара-чӏвари.

Китаялда коронавирус тӏатун бугилан лъаралдаса нахъе, хӏадурун рукӏана больницаялъул нухмалъиги киналго тохтурзабиги, гьеб «къабул» гьабизе. Россиялъул кавабахъе гьеб «лъугьанин» абидал, бичӏчӏана тохтурзабазда, гьелъ Дагъистаналъеги салам «кьезе» букӏин. Больница, абизе бегьула, хӏадур букӏана гьелда дандчӏвай гьабизе. Букӏана хасаб парталги, гьединго рукӏана гӏурал дарабиги.

Ва гьале тӏоцевесев унтарав, кӏиабилев…, нусабилев…, кӏинусабилев…

Хӏалуцана хӏалтӏи больницаялда

Гӏемерлъана тохтурзабазул макьу бикъарал сардал. Рукӏана гьел Саидалги. Жиндирго лъимал гьелъ магӏарухъе, эбел-инсухъе щвезаруна. Ва гьей унго-унголъунги тӏаделъана унтаразухъе гӏумруялъул кунчӏи тӏад буссинабизе…

Рукӏана гьел къояз Саидал къисматалда хинал къоялги, ай сахлъарав унтарав рокъове нухарегӏулел талихӏал минутал. Гьединго зама- заманалдасан гьелъул къисматалъул бакъ хьухьикьеги кколаан – Саидаца рокъоре нухарегӏизе кколаан гӏумруялъул бакъ сун арал, жидеда тӏокӏалъ гӏумруялъул кунчӏи бихьизе гьечӏел… Гьеб мехалда Саидал ургьимесалдаго цӏа рекӏараб хӏал лъугьунаан, тӏун анин кколааан рекӏел цо чӏваги.

Гьедин ана хъахӏаб халгӏат ретӏарай хӏурулгӏин Саида Гӏумаровалъул тохтурлъиялъул бищунго захӏматал лахӏзатазул лъабго моцӏ. Гьебгощинаб мехалда гьей щвечӏо рокъое, гӏумру гьабун йикӏана больницаялдаго.

Дагъистанияздаса дун цӏакъго чӏухӏана

— Дол захӏматал къояз дагьалъги чӏухӏана дун дагъистанияздаса. Нижер хьолбохъги чӏун, къеркьана гьелги унтуде данде. Кванан бахъунаребгӏан гӏемераб квен бачӏунаан къойил нижее жалго бетӏергьанал кафе-ресторанал ругезги гӏадатиял гӏадамазги. Гьанибго рехсечӏого гӏезего гӏоларо Гӏахьвахъ районалдаса Шамилил цӏар. Гьесул эмен вегун вукӏана нижер больницаялда. Гьединлъидал нижер лъикӏаб гьудуллъи ккун букӏана. Гьев сахаватав магӏарулас нижее бачӏанщинаб нигӏмат. Гьеле доб гӏаданлъиялъул унго-унгояб мисал. Гьелъго батила, дагъистаниязул цолъи бихьидал, нилъедаса лъутун ун букӏараб гьеб унти. Амма гьанжеги тӏад буссунеб бугоха гьеб. Гьеб тӏад буссиналъе «квербакъана» дагъистаниязул гӏаданлъиялъ. Бертабалъеги хьвадана, магӏирукъзабахъеги ана. Гьеб нилъер бидулъго бугелъулха – рохелги къварилъиги гӏахьал гьаби, — ян бицана Саидаца. Гьединго гьелъ рехсана Махӏачхъалаялъул «Турист» ва «Спорт» гостиницабазул ва больницаялда аскӏобго бугеб «Панацея» медицинаялъул централъул нухмалъулелги. Гьенир чӏобого гӏумру гьабизе рес щвана рокъоре-нахъе ине санагӏалъи гьечӏел тохтурзабазе. Гьеле инсанасул гьединаб рухӏияб берцинлъиялъ хвасар гьабулеб ва цӏунулеб батила дуниял квешабщиналдаса. Унтаразул къадар дагьлъизегӏан, гьоркьоса къотӏичӏого, щвана больницаялде Москваялдаса тохтурзабиги, гьезда гьоркьов вукӏана вирусалъул заманалда машгьураблъун лъугьараб Коммунаркаялъул бетӏерав тохтур Проценкоги. Жидехъа бажаранщинаб кумек гьабуна гьез унтаразе.

Нахъа тана дол жавабчилъи цӏикӏкӏарал къоял. Россиялъул президентасулги Дагъистаналъул бетӏерасулги рахъалдасан шапакъатал щвана тохтурзабазе. Гьезул сияхӏалда кенчӏана Саида Гӏалигишиевналъул цӏарги. Гьелъие кьуна «Дагъистаналъул мустахӏикъай тохтур» абураб тӏадегӏанаб цӏар.

Диргун гара-чӏварулеб заманалдагицин, хӏалхьи толеб букӏинчӏо Саидае телефоналъ – унтарал гьанжеги ругелъулха больницаялда. Гьале цо заманалдасан – цоги зваргъи. Гьаб нухалда – гьанжего гьанже магӏарухъа тӏад юссарай ясалъул эбелалъухъ урхъараб гьаракь.

Гьеб гьаркьихъе гӏедегӏана Саидаги. Гьез гӏураб заман байдалха цоцаздаса рикӏкӏад.

Хъахӏаб халгӏат ретӏарай ва гьелъул бацӏцӏалъиялъе даим ритӏухъайлъун йикӏине ва хутӏизе гьа барай хӏурулгӏиналда хадуй ялагьидал, рухӏдаллъизе бачӏунеб букӏана – гьелъ цогидазул гӏумруялъе кьунщинаб кунчӏи. Гьелдаса кӏудияб талихӏ бугебдай ракьалда…

Тӏегьараб мурадалъул тӏогьий

Саида Гӏумарова ккола Хунзахъ районалъул Буцӏра росулъа. Гьитӏинго рекӏелъ рещтӏараб гьелъул анищалъе кунчӏи щвана 1998 соналда. Росдал школаги лъугӏизабун, гьей цӏализе лъугьана Дагъистаналъул пачалихъияб мединституталде. 2003 соналда гьелъул тӏубараб мурадалда тӏегь бана. Ва институт лъугӏаралдаса нахъе гьей хӏалтӏулей йиго гьеб больницаялда. Макьу тун, квен тун, тохтуралъ рорчӏарал сардазда нур базабулеб буго хӏалтӏуде гьелъул бугеб кӏудияб рокьиялъги, унтараздехун гьанжеги гьелъул бугеб адабалъги, тӏалаб-агъазалъги. Гьелъул рекӏелъа жеги хӏинкъиги гьурмадаса пашманлъиги лъугӏун гьечӏо, цӏидасанги тӏаде щолеб бугеб унтиялъул сас рагӏидал. Гьей хӏадурго чӏун йиго… Бигьалъаги Саидаеги гьелдаго цадахъ киналго тохтурзабазеги унтулгун гьабулеб къеркьей…