Патӏимат Сагӏидова (Ханикалова) гьаюна 1934 соналъул 11 апрелалда Гъуниб районалъул Чӏохъ росулъ. 1951 соналда лъугӏизабуна росдал школа, 1955 соналда – ДГУялъул филологияб факультет. 1955-1957 соназда хӏалтӏана Гъуниб росдал гьоркьохъеб школалда гӏурус мацӏалъул учительницалъун ва 1957-1961 соназда – ДГУялъул филологияб факультеталъул гӏурус мацӏалъул кафедраялда ассистентлъун. 1961-1964 соназда цӏалана СССРалъул РАНалъул Дагъистаналъул филиалалда ИЯЛИялъул аспирантураялда. Гьелъул гӏелмияб цӏех-рехалъе нухмалъи гьабуна машгьурав гӏалимчи- востоковед Мухӏамад-Сагӏид Сагӏидовас.
Гьеб букӏана хъвай-хъвагӏай гьечӏел мацӏазул цӏех-рех гьабизе хӏажатаб заман. Гьел мацӏазул баяназул кьучӏалда гьабулаан литературиял мацӏазул цӏех-рех. Гьединлъидал Патӏиматица байбихьана гъодоберисезул мацӏалъул цӏех-рех гьабизе. 1965 соналда Гуржиялъул Гӏелмияб академиялъул Языкознаниялъул институталда гьелъ цӏунана «Гъо- доберисезул мацӏалъул грамматикияб очерк» абураб диссертация ва яхъана филологиял гӏелмабазул кандидатлъун. Гьелъул оппоненталлъун рукӏана машгьурал гӏалимзаби Т. Е. Гудаваги Ш. Г. Гаприндашвилиги, ва гьез тӏадегӏанаб къимат кьуна магӏарулалъ гьабураб гӏелмияб хӏалтӏуе.
1965 соналдаса 2019 соналъул марталде щвезегӏан Патӏимат Сагӏидова хӏалтӏана ИЯЛИялда.
П. Сагӏидовалъ жигараб гӏахьал- лъи гьабуна жамгӏияб гӏумруялдаги – йикӏана Махӏачхъала шагьаралъул райсоветалда захӏматчагӏазул депутатлъунги (1972-1974), Кавказалъул мацӏазулги СССРалъул халкъазул адабияталъулги рахъаз кандидатлъиялде диссертациял цӏунулел хасал советазул гӏелмияй секретарьлъунги. Гӏемер кӏвар кьолаан гьелъ гӏолохъанал гӏалимзаби хӏадуриялде: гьей йикӏана гӏелмиял цӏех-рехазул оппонентлъун ва хъвалаан кандидатлъиялъе диссертациязе рецензиял. Патӏимат йикӏана ИЯЛИялъул гӏелмияб советалъул членлъунги.
П. Сагӏидова гӏахьаллъана гӏемерал гӏелмиял дандеруссиназда – тӏолгосоюзалъул, халкъазда гьоркьосел, тӏолгороссиялъул, регионалиял ва республикаялъул. Гьезда гьоркьор руго гьадинал: «Евразиялъул миллиялгун маданиял бухьеназулъ Дагъистан ва Северияб Кавказ» (Махӏачкала, 2004 с.); «Миллиялгун гӏурус мацӏазул теориялъулалгун методикиял масъалаби» (Махӏачхъала, 2009 с.); «Кавказалъул мацӏал: генетикиял, ареалиял бухьенал ва тайпадулаб гӏаммлъи» (профессор Шигьабудин Микагӏиловасул 110 сон тӏубаялъул хӏурматалда тӏобитӏараб); «Северияб Кавказалъул мацӏазул лексикологиялъулги лексикографиялъулги масъалаби» (Махӏачхъала, 2012 с.) ва гь.ц.
П. Сагӏидовалъул гӏелмиял цӏех- рехал гъорлъе бачана магӏарул литературияб мацӏалъул лексикагун фразеологияги, гъодоберисезулгун гӏандадерил мацӏазул грамматикаги, хъвай-хъвагӏай гьечӏел мацӏазул миллиялгун гӏурус словарал хӏадуриги, гӏурус-миллиял словарал гӏуцӏиги, диалектазул цӏех-рехал гьариги, магӏарулгун гӏандадерил мацӏазул лексика дандекквеялъулгун тарихиял цӏех-рехал гьариги, гӏалимчиясул гьунаралъул сипат гӏуцӏиги ва гь.ц.
Гьелъ хъвана 120-ялдаса цӏикӏкӏун гӏелмияб хӏалтӏи. Аслияллъун рикӏкӏуна гьал хадусел цӏех-рехал: Гъодоберисезул мацӏ (грамматикияб анализ, текстал, словарь). Махӏачхъала, 1973; Гъодоберисезул мацӏ (грамматикияб очерк) РФялъул ва мадугьалихъ ругел пачалихъазул мацӏал. М.: Наука, 1997; Гъодоберисезул мацӏ (грамматикияб очерк) Дагъистаналъул мацӏал. Красноярск, 2000; Гӏурус-авар словарь. Махӏачхъала, 2003 (авт. колл.); Гӏандадерил мацӏ (грамматикияб очерк) Кавказалъул автохтониял халкъазул мацӏал. США. 2005. № 100. Ингилис мацӏалда; Гъодоберисезулгун гӏурус мацӏазул словарь, жавабияв ред. М. Ш. Халилов. Махӏачхъала, 2006; Магӏарул мацӏалъул Зака- талаялъул диалект. Махӏачхъала, 2007; Магӏарул мацӏалъул диалектологияб словарь. М.: Наука, 2008; Балъхъадерилгун гӏурус мацӏазул словарь, жавабияв ред. М.Ш. Халилов. Махӏачхъала, 2012; Чӏохъа Абакар-Хӏажил гьунаралъул ирс. Махӏачхъала, 2015; Гӏандалазул диалекталъул словарь, жавабияв ред. М.Ш. Халилов. Махӏачхъала, 2019 ва гь.ц. Гьабсагӏаталда басмаялде бахъизе хӏадурулеб буго «Магӏарул мацӏалъул лексика» абураб гьелъул монография.
Патӏимат Сагӏидовалъ кӏудияб бутӏа лъуна гӏандадерилгун цезазул мацӏазул лексикографиялъул ирс лъазабиялъулъги. Гьелъул жигараб гӏахьаллъигун хӏадурана ва басмаялде рахъана «Гъодоберисезулгун гӏурус мацӏазул словарь» (Махӏачхъала, 2006) ва «Балъхъадерилгун гӏурус мацӏазул словарь» (Махӏачхъала, 2012). Гьел мацӏазда кӏалъазе лъалеб гьечӏониги, Патӏиматица хӏадурана лексикографиялъул гьанжезаманалъул теориялде рекъонкколел академияб тайпаялъул словарал. Гьезулъ бакӏ кьун буго халкъалъул некӏсияб тарихалъеги, жакъасеб магӏишаталъеги, гъодоберисезулги балъхъадерилги жакъасеб гӏумруялъеги. Бечедаб лексикаялда цадахъго словаразда рехсон руго ругелщинал фразеологиял калимабиги, кицабигун абиялги, гьара-рахьиялгун хьамиялги, гьава-бакъалдагун магӏишаталда хӏалтӏизарулел хурухъанасул календаралъе хӏажатал сипаталги. Словаралъул ахиралда рехсон руго Гъодобери ва Болъихъ росабазул бакӏазулги гӏадамазулги цӏарал.
Кӏиябго словаралда кьун руго батӏи-батӏиял тӏадежураял. Абизе ккола, гьезул щибаб рикӏкӏине бегьула хасаб цӏех-рехлъун: бакӏазул цӏарал (топонимика ва микротопонимика), щибаб цӏаралъеги – географиялъулабгун лингвистияб баян. Словаразда руго щибаб рехсараб мацӏалъул грамматикияб очеркги.
Дагъистаналъул языкознаниялда П. Сагӏидовалъ лъураб кӏвар бугеб бутӏалъун ккола «Авар мацӏалъул диалектологияб словарь» (М., 2008) хӏадуриги гьеб басмаялде бахъиги. Гьединаб цӏех-рех жеги гьабун букӏинчӏо гӏалимзаби-дагъистанияз. Рехсараб словаралъул кьучӏалда гьаризе бегьула жеги гӏемерал гӏелмиял цӏех-рехал. Словаралъул хӏакъалъулъ гьадинал пикраби загьир гьаруна гӏалимзабаз: «Дагъистаналъул языкознаниялда чӏобого хутӏун букӏараб бакӏ ккуна «Магӏарул мацӏалъул диалектологияб словаралъ». Гьеб буго Дагъистаналъул мацӏазул диалектазул словарь гӏуцӏиялъул рахъалъ тӏоцебесеб хӏалбихьи. Цӏакъ лъикӏ ва гӏуцӏадго кьун буго лексика, гьабун буго гьелъул классификация. Словаралда тӏад хӏалтӏулаго, П. Сагӏидова анцӏ-анцӏ нухалда щвана словаралда рехсарал мацӏазда кӏалъалел магӏарул росабалъе. Гьеб букӏана кӏудияб ва гӏицӏго гӏалимчи-лингвистасул жигаралъ цебетӏезабулеб сахаватаб хӏалтӏи». «Словаразда кьун ругел баянал ккола мацӏазул ва диалектазул лексикаялъул баяназул банкалъе чарагьечӏого хӏажатаб кьучӏ ва гӏолел гӏелазе мацӏ цӏуниялъе квербакъулеб иш, гуребани, халкъалъулги мацӏалъулги тарихалъе билулаан гьеб».
Гьабсагӏаталда ИЯЛИялда ра- гӏалде бахъунеб буго дарги ва лезги мацӏазул диалектологиял словарал хӏадуриялъул хӏалтӏи. Гьеб сериялда буго Патӏиматица къачӏараб ва 2019 соналда басмаялде бахъараб «Гӏандалазул диалекталъул словарьги».
Патӏиматил хӏаракаталдалъун ракӏарана, цо къагӏидаялде ккезаруна ва гӏажамалдасагун латиницаялдаса кириллицаялде руссинаруна ва гӏурус мацӏалде таржама гьаруна гьелъул кӏудияв эмен Абакар- Хӏажил асаралги. Абакар-Хӏажи вукӏана шагӏир ва халкъияб кӏалзул гьунар бакӏарулев хӏаракатчи. Гьесул бечедаб гъансинир ратана маргьабиги, харбалги, биценалги, махсародул харбалги, кицабигун абиялги, росуцоязул гӏумруялда ккарал кепал лъугьа-бахъиналги. Абакар- Хӏажи вукӏана кутакалда диналда тӏадчӏарав, магӏарулазул гӏадат- гӏамалалъе ритӏухъав, яхӏ-намус бацӏцӏадав инсан. 1903 соналда хӏеж борхана гьес. П. Сагӏидовалъул «Чӏохъа Абакар-Хӏажил гьунаралъул ирс» абураб хӏалтӏи басмаялде бахъана 2015 соналда.
П. Сагӏидовалъул бетӏергьанчи Сагӏид вукӏана Сталинил стипендия щолев мединституталъул студент, лъугӏизабуна Москваялда аспирантура ва гьенивго хӏалтӏулевги вукӏана. Дагъистаналде тӏадвуссун хадуб хӏалтӏана Дагъистаналъул росдал магӏишаталъул институталда — биохимиялъул кафедраялъул нухмалъулевлъунги, деканлъунги, проректорлъунги. Киназдаго гьев лъалаан ракӏбацӏцӏадав, ритӏухъав ва сахаватав инсан хӏисабалда. Гьев вуго Кӏудияб Ватӏанияб рагъул ветеран, мустахӏикълъана гӏемерал шапакъатазе. Гьабсагӏаталда вуго мустахӏикъаб хӏалхьиялда.
Вас Загьидица лъугӏизабуна Физикаялъулгун техникияб институт, хӏалтӏана Москваялда. Гьанже хӏалтӏулев вуго Великобританиялда. Гьесул васаз – Абакар-Хӏажицаги Султанмурадицаги лъугӏизабуна Гарвардалъул университет ва гӏуцӏана жидерго компания. 2018 соналда Европаялъул улкабазда гьоркьоб гьеб рикӏкӏана бищун пайдаяблъун.
Патӏимат Сагӏидова мустахӏикъ- лъана «За трудовое отличие» (1975 с.) медалалъе, ДРялъул хӏукуматалъул Хӏурматалъул грамотаялъе (2005 с.), СССРалъул Гӏелмияб академиялъул президиумалъулги, РАНалъул президиумалъулгун РАНалъул гӏалимзабазул профсоюзалъулги, РАНалъул ДНЦялъул президиумалъулги Хӏурматалъул грамотабазеги, «Захӏматалъул ветеран» абураб медалалъеги.