Болъихъ районалъул Шодрода росулъа Кӏудияб Ватӏанияб рагъде ун вуго 55 чи. Гьездаса 33-яв абадиялъго кьалул майданалда хутӏана. Бергьенлъи босун тӏадруссаразда гьоркьов вукӏана Ахӏмаднаби Шугӏайповги.
Дида мунагьал чураяв Ахӏмаднаби лъикӏ лъалаан. Болъихъ зонаялда «Багӏараб байрахъ» газеталъул хасав мухбирлъун хӏалтӏулев дун араб гӏасруялъул ункъоабилел соназда гӏемер дандчӏвалаан А. Шугӏайповгун. Гьес гьоболлъиги рагӏизабун букӏана дида. Щибаб базар къоялъ рагъулаб формагун – кительгун, галифе тӏажугун, кенчӏоледухъ цӏик-цӏикизарурал хурумалъул чакмабигун, ботӏрода гӏантӏикӏа бухариги лъун, Болъихъе вачӏунаан. Болъихъеги гьев киданиги машинаялда рекӏун вачӏунароан. Вачӏунаан чодаги рекӏун. Къамартӏав, вакӏа- вахарарав, рекӏун чодагун гьев вачӏунелъул киназго хӏурматгун абулаан доле, маршал Шугӏайповги вачӏунев вугилан. Хасаб рокьи букӏана гьесул чуяздехун.
«Дида лъай щваралдаса нижер рокъоб чу кидаго букӏана», — ян абулаан гьес. Рагъдаса вуссаралдаса нахъе Ахӏмаднабиги рокъоб чу гьечӏого чӏечӏо. Гьесул чуяздехун бугеб хӏикматаб рокьиги бербалагьиги бихьун, дица гьесие сайгъат гьабун кечӏгицин хъван букӏана.
Чуял
Шодродоса Ахӏмаднаби Шугӏайповасе, рагъул ветеранасе, гӏорхъи гьечӏого чуял хирияв инсанасе.
Мугӏрул урхъун руго чол хӏихӏиязухъ,
Чабхил нухахъ гьезул пунхъи дагьлъана.
Пикрабазулъ гуро, хӏакъикъаталда
Элхъаби тӏагӏана тӏадмагӏарухъа.
Тӏатинчӏо щибго рекӏкӏ, рекӏкӏал къарнабаз
Къисмат хӏалуцараб нилъер халкъалъе,
Хаатӏа кинабги ккун гьанже нилъеца
Гьезие къваридаб къотӏараб хӏукму.
Чол кьолонир гӏуна магӏарул васал,
Мунги дунги гьезул ирсилал гьечӏищ,
Сабаб кинаб ккараб гьадигӏан кьогӏго
Кьалалги рехизе, чуял рихине.
Хилиплъи Шугӏайпов, хилиплъи буго,
Хириял мугӏрузе, дол умумузе,
Аралъ кӏал гьикъизе гьечӏонаниги,
Бачӏунелъе жаваб гьечӏо гӏелалъул.
Гӏажаибаб асар, гӏагараб асар
Сухъмахъалъ цо-цо гьел данде чӏваралго,
Дидани намусалъ бажаруларо
Балагьизе чуяхъ. Дунги гӏайибав.
Мугӏрул урхъун руго чол хӏихӏиязухъ…
Элхъаби тӏагӏана тӏадмагӏарухъа…
Шодродисез абулаан щибниги батӏалъи гьечӏин, инсуда нусго проценталъ релълъарав вугин Ахӏмаднаби. Гьесул эмен Шугӏайп вукӏун вуго сверухълъиялдаго цӏар арав бахӏарчияв чи, граждан рагъулъ жигараб гӏахьаллъи гьабурав багӏарав партизан. Цо нухалъ Чачаналдасан тӏадвуссун къаси заманалда Харайчӏи кӏкӏалахъан вачӏунев Шугӏайп хъачагъаз сверун ккола ва абула чуги ярагъги кьеян. Гьесда чачаназул мацӏги лъалеб букӏун буго. Шугӏайпица абула жиндир чу цӏакъ биххараб жо бугин, гъотӏода гьеб бухьине канлъигӏаги гьабейилан. Канлъи гьабигун гьес абула гьал михъалги ругев бихьинчиясухъа чу ярагъ бахъизе кӏвелиланищ нуж абун ва партӏан гьезде таманча битӏизабула. Гьав чи бахӏарчияв Шугӏайп вукӏун вугин абун, хъачагъаз щибго квекӏен гьабичӏого нухда виччала.
…1939 соналда анцӏила анкьго сон барав чи Болъихъ анцӏго классги лъугӏизабун Ахӏмаднаби гӏарзаги кьун Багӏараб Армиялде хъулухъ гьабизе ана. 1939 соналъул ноябралдаса 1940 соналъул марталде щвезегӏан букӏараб финазулгун советияб рагъда гӏахьаллъана.
1941 соналъул 22 июналда рогьалилъ Польшаялъул гӏорхъиги бахун фашистал Совет Союзалде тӏаде кӏанцӏидал тушманасде данде рагъаразул цоял рукӏана Ахӏмаднаби Шугӏайповас хъулухъ гьабулеб гӏорхъаби цӏунулезул заставаялъул рагъухъаби. Гьес гӏахьаллъи гьабуна Ленинград ва областа- лъул шагьарал ва росаби эркен гьариялъул рагъазулъ. А. Шугӏайпов ккола Ленинградалъул блокадаялъул гӏахьалчиги. Гьел ра- гъазулъ бихьизабураб бахӏарчилъиялъухъ гьесие кьуна «За отвагу» медаль.
Эстониялъул тахшагьар Талин эркен гьабулаго гьенибе жанибе гьужум гьабун тӏоцебе шагьаралде жанибе лъугьаразул цояб букӏана танкалъул командир-старшина Ахӏмаднабил экипаж. Гьеб гьунаралъухъ танкалъул экипаж мустахӏикълъана «Багӏараб цӏва» орденалъе ва кӏиабилеб нухалдаги Ахӏмаднаби отпускалъ гӏагараб росулъе виччана. Халатаб букӏана гьесул рагъулаб хъулухъги, рагъулал нухалги. Гьев чанго нухалда лъукъана, ругънал сахлъарабго фронталде тӏадвуссунаан.
1945 соналда Москваялда Багӏараб майданалда тӏобитӏараб Бергьенлъиялъул парадалда гӏахьаллъи гьабизеги мустахӏикълъана гьев. Анкьгогӏан соналъ Багӏараб Армиялдаги, рагъдаги гӏахьаллъи гьабун каранда орденалгун ва медалалгун ракълилаб гӏумруялде гӏагараб росулъе тӏадвуссана гьев.
Росулъги гьев паракъат чӏечӏо. Хӏалтӏана клубалъул директорлъун, библиотекарьлъун, учительлъун, парторглъун, росдал советалъул председательлъун. Кив хӏалтӏулев вугониги гьев вукӏана тӏадаб иш ракӏбацӏадго тӏубалев, Жавабчилъи бугев, мухӏканав, гӏадлу-тадбир бугев инсан. Гьелъин гӏагараб росулъги, районалдаги гьев къадру-къиматалдаги вукӏарав.
Советияб пачалихъ биххи захӏмалъана СССРалъул гӏемерисеб халкъалда. Гьеб цӏакъго бакӏлъана гуллида данде керенги бусинабун, метер букӏинесеб лъаларого ракъунги къечонги фашизмалда данде рагъулел рукӏарал рагъул ветераназда.
«СССР биххун бихьизегӏан, дунго хвезе бокьизе букӏана» — ян ракӏ унтун абулаан Ахӏмаднабица.
1996 соналда цинтӏаго унтиги речӏчӏун къадаралде щвана гьев сахав бихьинчи маршал Шугӏайпов.