Исана сентябралда 42-абилеб цӏалул сон байбихьизе буго ДРялъул мустахӏикъай мугӏалим, РФялъул лъай кьеялъул хӏурматияй хӏалтӏухъан, Хасавюрталъул педколледжалъул авар мацӏалъул преподаватель Написат Расуловалъ.

Гьей ккола Унсоколо районалъул Гӏашилтӏаса. 1975 соналда, росдал микьгосонилаб школаги лъугӏизабун, цӏализе лъугьана Хасавюрталъул педучилищеялде. 1979 соналдаса нахъе хӏалтӏана Хасавюрт шагьаралъул № 13 школалда байбихьул классазул мугӏалимлъун. 1983 соналда гьей цӏализе лъугьана ДГУялъул филологияб факультеталде. 1986 соналдаса нахъе хӏалтӏулей йиго Хасавюрталъул педколледжалда.

Колледжалда хӏалтӏулаго, гьелъие мисаллъунги хьвада-чӏвадиялъулъ мугъчӏвалел хӏубаллъунги ратана цереккун жиндие дарсал кьурал ва хадурккун ишцояллъун лъугьарал гӏурус мацӏалъул мугӏалимзаби: Гӏалиева Неля ва Садикъова Наида. Гьез кӏудияб кумек гьабулаан Написатие щибаб дарсиде хӏадурулаго.

Дагьал церегӏан къоязда Н. Расуловагун дандчӏвана дун ва нижеда гьоркьоб ккараб гара-чӏвари бахъулеб буго жакъасеб номералда.

— Написат, букӏанищ цогӏаги ракӏ бухӏараб къого мугӏалимлъиялъул махщел тӏаса бищиялдаса?

— Гьитӏинаб къоялдаса нахъего анищ букӏана мугӏалимлъун яхъине. Лъеберго соналъ цебе колледжги лъугӏун арал дир цӏалдохъабаз, жакъаги дие кьолеб баркалаялъул калам рагӏидал, йохула ва кидагӏаги ракӏ бухӏичӏо тӏаса бищараб махщалидаса.

— Авар мацӏалъул дарсал кьеялъул рахъалъ щиб хӏал бугеб жакъа?

— Расги лъикӏаб гьечӏо. Цо-цо эбел- инсуе бокьулеб буго лъималазда, гӏагараб рахьдал мацӏги малъичӏого, ингилис мацӏ малъизе. Гьединаз гӏемер абула щиб пайдайила бугеб рахьдал мацӏалдасайилан.

Чадил гурони мацӏ лъалареб агьлуялда рахьдал мацӏалъул кӏвар бичӏчӏизабизе цӏакъ захӏмалъулеб буго.

Дица гӏемер пикру гьабула шагьаралда гӏумру гьабун ругел магӏарулазул. Къватӏиб, базаразда, тукабазда, идарабазда цо-цо магӏарулазул калам рагӏидал, гӏундул ричӏараб гӏадаб хӏал лъугьуна — я рахьдалаб гуреб, я гӏурус гуреб, бичӏчӏулареб цо лугъат букӏуна гьезул кӏалдиса бачӏунеб.

Хасго пашманлъизе бачӏуна шагьаралда бугеб нилъер интеллигенциялъул хӏисаб гьабидал, рахьдал мацӏалдехун гьелъул цо-цо вакилзабазул бугеб бербалагьиги гьоркьоблъиги бихьидал.

— 25 соналъ цебе дуца гӏуцӏун букӏана рахьдал мацӏалъул предметиябгун циклияб комиссия…

— Гьеб колледжалда хӏалтӏулеб буго. Дица гӏуцӏарабги кколаро. Дица 25 соналъ нухмалъи гьабулеб буго гьелъие.

— Гьаб заманалда авар мацӏ лъазабулел педколледжалъул студентазул кинаб бербалагьи бугеб адабияталдехун, авар мацӏ лъазабиялдехун?

— Дир хӏисабалда, нилъеца нахъаса къотӏичӏого бицинеги хъвазеги ккола мацӏазул бугеб хӏалалъул хӏакъалъулъ. Тӏадчӏей гьабизе ккола мацӏ гьечӏони, халкъ букӏунарин абураб пикруялда. Гьедин щибаб дарсида дица хӏаракат бахъула лъималазул адабияталде ва мацӏалде рокьи бижизабизе. Школалда рахьдал мацӏалъул дарсазде хьвадаразда лъикӏ лъала ва гьез кӏудияб рокьигун хӏаракат бахъула гьелъул тӏинде раккизе, амма школалда рахьдал мацӏалъул дарсаздеги хьвадичӏого рачӏараз керен туризабулаха. Эбел- эмен рачӏуна, бегьуларищила жидер лъимал гьеб рахьдал мацӏаздаса эркен гьаризеян. Щибха гьединазда абилеб?

— Битӏараб бугищ-гьечӏищали лъаларо, амма хабар буго авар мацӏалъул лъебералда ичӏго падеж гӏун бугин абун…

— 2007 соналъ РАНалъул ДНЦялда тӏобитӏун букӏана гӏел- мияб конференция падежазул хӏакъалъулъ бицараб. Аслияв докладчи вукӏана Хӏамзатов Ахӏмад. Гьес бичӏчӏизабулеб букӏана авар мацӏалда микьго падеж гурони букӏине кколарилан. Амма гьенир рукӏарал гӏалимзаби гьесда тӏад рекъечӏо ва гьез чӏезабуна анцӏила ичӏго падеж букӏине кколилан. Битӏараб бицани, Хӏамзатовасул пикру диеги гӏагараб букӏана. Щуабилеб сериялда предметиял цӏарал кин сверизарилин дица суал кьедал, жавабги щвечӏо.

— Написат, умумузухъа нилъее ирсалъе щвараб бечелъи — мацӏги, адабиятги, маданиятги, тарихги цӏуниялъе, дур пикруялда, щиб гьабизе кколеб?

— Тӏоцебесеб иргаялда, рахьдал мацӏазул закон тасдикъ гьабизе ккола. Гьединаб законалъ кумек гьабизе буго гӏурус мацӏалъулго гӏадин, миллиял мацӏазулги къадру борхизабизе.

Гьеб законги цебего хӏадурун буго. Хутӏун буго ДРялъул бетӏерас гъулбас гьабизе.