Хасавюрт районалъул Тӏукитӏа росулъ гӏумру гьабулей йикӏана мунагьал чураяй Жарадат Пахрудинова. Гьелъ бетӏербахъи гьабулаан рокъоб рагьараб тукада къайиги бичун. Цо нухалда гьелъ дие бицана жиндирго сахаватаб ишалъул хӏакъалъулъ гьадинаб хабар.

«Нижер росулъеги рачӏун, гӏумру гьабулеб букӏана цо хъизамалъ. Росги гьечӏого лъимал хьихьулей Гъазимухӏамадова Зугьрал букӏинчӏо мина-рукъ. Букӏинчӏо 60 сон барай гьей гӏаданалъулги цониги лъимадул кинабгӏаги документ. Гьазда-дозда цере хӏалтӏун щвараб мухьдахъ гӏумру гьабулеб букӏана гьеб хъизамалъ. Дир ракӏ гурхӏана гьезда. Ва пикру ккана гьей янгъизай гӏаданалъе кумек гьабизе», — ян байбихьана Жарадатица.

Хасавюрт районалъул социалияб хъулухъалъул хӏалтӏухъан Халуница малъана лъималазе паспортал росизе ккани, лъимер гьабиялъул хӏакъалъулъ свидетельство букӏине кколин. Гьебги гьабулин судалъул хӏукмуялдалъун. Жарадат ана Хасавюрт районалъул жанисел ишазул управлениялъул паспортал кьолеб отделалде.

«Гьезги абиларищха, свидетельство гьечӏони, паспорт кьоларин абун. Зугьра гьаюна Даргъой. Дица хъвана гьенибе кагъат – архив бухӏун бугин бачӏана жаваб.

Дун ана Хасавюрт районалъул судалде ва гьикъана магӏарулав судья вугищ гьанив хӏалтӏулеван абун. Ватана – нижерго районалъул Ингердахъа Ахӏмад абурав чи. Щвана гьесухъе. Бицана гьесда бугеб хӏакъикъат. Росги хун, щуго лъимер хьихьулей гӏаданалъ бокьал гӏадаб бакӏалда гӏумру гьабулеб бугин, цӏакъ бокьун бугин гьелъие кумек гьабизеян бичӏчӏизабуна гьесда. Судияс абуна, цин свидетельство гьабизе кколин абун», — ан бицана Жарадатица.

Ахирги гьабуна свидетельство. Гьанже ана паспортазул столалде. Гьезги байбихьана гизма. Гӏарац къваригӏун, паспорт кьоларого.

Паспорт кодобе щварабго, Жарадат ана пенсиялъул фондалде. Хӏажатал документалги хӏадурун, бахъана дой пуланалъе пенсия – 3000 гъурущ бачӏана тӏоцебе. Я захӏматалъул книжка, я цогидаб щибго жо гьечӏелъулха долъул. Пенсиялъул фондалда хӏалтӏулел ясалги «рекъезарун», пенсия бахинабуна 4000 гъурщиде.

Пенсиялъул гӏарацги данде гьабун, Жарадатица байбихьана пакъиралъе мина базе. 10000 гъурщиде босана кирпич. Гьелъул бетӏергьанчи Жамалица киридахъ рана къадал – анкьго метралъул халалъи бугеб бакӏ лъугьана.

Гӏицӏго къадал ран тӏубалищха. Тӏох ва цогидаб хӏалтӏи гьабизе материал босизе гӏарац балагьизе Жарадат ана райисполкомалде. Гьенивги валагьана магӏарулав. Гьес кьуна 5000 гъурущ. Собесалде ана – гьений йигей гӏаданалъ кьуна цин 5000, хадуб – 3000 гъурущ, гӏемер кумек гьабуна гьелъ. Къваригӏун букӏана тӏохалъе шифер.

«Гьеб букӏана дун хӏежалде унеб сон. Гӏадамасда бицун букӏинчӏо гьаб хӏужаялъул дица. Дун ана Гӏаркьухъа Юсуп-хӏажихъе. Хасавюрталъул лъарал рагӏалда кӏудияб бакӏ ккун буго гьес. Кӏалтӏа ватарав хъаравулас абуна, гьес мун къабул гьайилищали лъаларин абун. Рачӏун рукӏарал цо руччабиги нахъе ритӏанила дос. Бачӏана Юсуп- хӏажиясул машина. Ана гьесда аскӏое ва цадахъго йилълъана гьесул рокъое. Бицана дир бугеб «унти». Валлагьги гьабила кумек, щай гьабуларебанги абун, тӏохда кквезе махх кьуна гьес! Шифералъе рес гьечӏого йикӏарай, гӏекколеб тӏох бугеб бокьоб гӏумру гьабулей долъие щвана махх! Гьесго кьуна арматураги. Жамалица хӏадурана цӏулал рейкаби ва бана минаялъе тӏохги. Гьеб букӏана 2011 сон.

Гьанже гьей гӏаданалъул йохи! Щибаб къойил ячӏуна дихъе, баркала кьолей йикӏуна», — ян бицана Жарадатица.

Нижеца гьелда абулаан Жара-бабаян. Гӏагарлъиялъул рохел-пашманлъи гӏахьал гьабизе кидаго ячӏунаан гьей. Байбихьул классазул учительницалъун йикӏарай гьей, Совет хӏукумат биххараб мехалда, лъимал-рукъ тӏубаялъул мурадалда, школалъул хӏалтӏиги тун, жуяна дармиде. Гьедин гӏумруялъул нухде тӏобитӏана гьелъ жиндир ункъабго лъимер. Гьелъул гӏаданлъигун сахаватлъиялъ хӏайран гьарулаан ниж. Гӏагарлъиялда кверчӏвалей йикӏуней гьелъухъа бажаричӏо чиякъай Зугьрал къисматалъулъ гӏахьаллъичӏого. «Аллагьасе гӏоло, киридахъ гьабуна дица гьеб. Зугьрае садакъадеян кьурабги, пенсиялъул бачӏарабги щибаб гъурущ хъвалеб хасаб тетрадь букӏана дир. Гьенибго хъвалаан долъухъе кьурабги, кванихъгун ратӏлихъ харж гьабурабги гӏарац. Дагь-дагьккун цӏикӏкӏана долъие щолеб пенсияги. «Кӏодоца бараб мина» бихьизе гӏемер чиги вачӏана – районалъул лъай кьеялъул управлениялдасаги, социалияб хъулухъалдасаги. Нечезаюлаан дун, гӏемер рецц-бакъ гьабун. Хасавюрт районалъул газеталда макъалацин бахъун букӏана», — ян лъугӏизабуна Жарадатица хабар.

Абула, нилъеца гьарурал лъикӏал ишал гурони ратуларо абадияб дунялалдаян абун. Аллагьас лъикӏал муъминзабазул мухъилъе ккезаюн ятаги Жара-бабаги…