Нилъер умумузул рухӏияб тарих, халкъалда цереккун лъалел рукӏинчӏел исламалъул гӏалимзабазул бечедаб гӏумруялъул хӏакъалъулъ баянал ракӏарун кӏудияб хӏалтӏи гьабуна магӏарулазул миллиябгун маданияб автономиялъ. Гьеб гуребги, Цӏоралда ругел нилъер умумузул наслаби жакъасел миллатцоязухъе сапар бухьун, гьезул яшав ва къварилъи-гӏатӏилъи цӏехон, адаб бугел тадбиралги гьаруна гьез.
Цо чияс бахъулеб хъала букӏунаро
— Жакъа магӏарул миллиябгун маданияб автономиялъ гьабулеб хӏалтӏуда тӏасан гара- чӏвари ккана нижер гьелъул цӏияв нухмалъулев Мухӏамад Мухӏамадовасулгун.
— Битӏун бицани, ракӏалдаго букӏинчӏо гьаб хӏалтӏи тӏаде босизе. Амма нилъер миллаталъул тӏалаб-агъаз гьабулеб, гьелъул унтарал суалал рорхулеб, гӏунгутӏаби рехсолеб идара цӏакъ хӏажалъулеб буго, гьединлъидал кигӏанго заман букӏинчӏониги, тӏаде босизе ккана гьеб хъулухъ. Шагӏбаница (Шагӏбан Хӏапизовас) цӏакъ гӏемераб хӏалтӏи гьабуна автономия рагьаралдаса, гӏемерал тӏахьал рахъана, батӏи-батӏиял тадбирал тӏоритӏана. Амма дие абизе бокьараб жо буго, ракӏ-ракӏалъ нилъер миллаталъул ургъел гьабулев чи вуго гьелъие кьучӏ лъурав Сайгидпаша Гӏумаханов. Цогидазул гьединаб хӏаракат дида бихьулеб гьечӏо. Амма цӏакъ бокьилаан, кинабго тӏалаб Сайгидпашаде рехун течӏого, нилъер миллаталъул цогидалги вакилзабаз гьелъие кумек гьабулебани.
Заманги бихьуларищха исана хисараб куц. Хасго кӏудиял хиса-басиял ккана гӏаламалъулго гӏумруялда жанир. Дунялалъул букӏинесеб метер кинабдай ккелаян абураб лъалареб бакӏалде бачӏинабуна иш коронавирусалъ. Гӏемерав чиясул ракӏалда рукӏарал мурадалги, гьаризесел хӏалтӏабиги гьоркьор арал гӏадин, гьедин ккана нижер гьаризе рукӏарал тадбиразулги къисмат.
— Автономиялъул букӏана «Тарихалда лъалкӏ тарав нусго магӏарулав» абураб проект. Гьеб рагӏалде бахъун букӏарабищ яги цӏиял проектал ялъуни сапарал гьаризейищ ракӏалда бугеб?
— Сапаралги руго гьарулел, гьелдаго цадахъ нилъер Гӏелмияб централда хӏалтӏулел гӏолохъабазулги буго кӏудияб хӏалтӏи умумузул тарих цӏи гьабиялъе гьабулеб. Нилъер тарих кутакалда бечедаб букӏин гуребги, аслияб куцалда гьеб хурхараб буго гӏараб гӏелмуялдаги гӏараб мацӏалдаги. Щайгурелъул киналго гӏелмиял материалал хъван руго гӏараб ва гӏажам мацӏазда. Гьел лъазариялда тӏад хӏалтӏулел руго гьабсагӏат Мухӏамад Шейхмухӏамадовги, Шагӏбан Хӏапизовги, Жамалудин Малламухӏамадовги ва цогидалги гӏолохъанал гӏалимзаби. Гьез хӏадур гьарурал тӏахьал рахъизе ракӏалда буго.
Гьединго руго нилъер шагӏир- забазги хъвадарухъабазги лъималазе хъварал тӏахьалги ва гьезул жидерго тӏахьалги.
Амма дие цоги нухалда такрарлъаниги абизе бокьун буго, цохӏо Сайгидпашаде тӏаде рехун течӏого, гӏарцудалъун автономиялъе кумек гьабулел чагӏи гӏемерлъизе къваригӏун ругин.
— Пикру лъикӏаб буго. Амма кумек гьабизе бокьарал чагӏи рукӏинадайха?
— Цӏакъ къанагӏат гурони ратулел гьечӏо. Мисалалъе, дица чанго нухалъ хӏаракат бахъана автономиялъулги диргоги цӏаралдасан районалъул нухмалъулезухъе кагътал хъван «Хӏакъикъат» газеталъеги, «Гьудуллъи» ва «Лачен» журналазеги подписка гьабилародайин гьезилан. Гьабичӏо. Жакъа хӏукуматалъ лъималазе рахъулел тӏахьалги гьечӏеб заманалда гьезул кӏудияб пайда букӏинаан гӏун бачӏунеб гӏелалъе. Гьеб гӏемер бицараб, унтараб суалги буго, амма унго-унголъунги нилъерго мацӏалъухъ унтарав хӏаким яги бечедав чи дида жеги дандчӏвачӏо.
— Цӏоралда ругел нилъер миллаталъул вакилзабазулги щулияб бухьен букӏана автономиялъулгун, гьенире гьарулаан сапарал…
— Пандемия сабаблъун сапарал гьоркьор къотӏаниги, бухьенал къотӏизе тун гьечӏо. Цӏоралда жакъаги руго хӏакъикъаталдаги нилъер мацӏалъул ургъелги, умумузул тарихги, аслуги кӏоченчӏел къадруял гӏолохъаби. Гьезул чангоязе исана февралалда букӏараб рахьдал мацӏалъул фестивалалдаса хадуб баркалаялъул кагъталги сайгъаталги ритӏана нижеца.
Гьединго Томскиялда вуго Апсалудин Ахӏмадов. Цӏакъ яхӏ бугев чи вуго, гӏемераб хӏалтӏи гьабула миллияб тарих цӏуниялъе. Москваялда бугеб Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб «Намус» абураб школалъул директор Чӏарада районалъул Рилъаб росулъа Муртазагӏалиева Пасихӏатицаги гьабулеб буго бергьун кӏудияб хӏалтӏи республикаялъул миллатазул мацӏал ва тарих малъиялда хурхун.
Жакъа гӏадамазе бокьулеб гьечӏо рахьдал мацӏазда хъвараб жо цӏализе. Дир хӏисабалда, гьелъие гӏилла буго гӏадамал жидерго магӏишаталдеги руссун, чед-хинкӏалъул тӏалабазда рукӏин. Вакъарав чиясул рухӏияб рахъ загӏипаб букӏуна. Магӏишат- яшав роцӏцӏараб мехалъ, инсанасул гъира букӏуна жиндирго цӏали-лъай ва рухӏияб дуниял цебетӏезабизе. Амма кигӏан захӏматаб замана бугониги, нилъерго мацӏги, тарихги, гӏадат-гӏамалги квер хьвагӏун тезе бегьиларо.
Гӏолохъабазул гъира гӏадада хвеларо
— Мухӏамад, дагьал ругониги магӏарул мацӏалдехун рокьи бугел гӏолохъаби дагь- дагьккун цӏикӏкӏунел руго. Мисалалъе, Авар театралда рихьана гӏолохъанал артистал.
— Руго. Диеги мисалалъе бачине бокьилаан шагьаралда ругел гӏолохъабаз гӏуцӏараб «Аварал» абураб жамгӏияб гӏуцӏи. Кӏудияб хӏалтӏи гьабулеб буго гьез.
Амма бищунго дун вохараб жо буго, шагьаралда гӏурал ругониги, гӏолохъабазда бичӏчӏун буго рахьдал мацӏ лъачӏони, жал унго-унгоял магӏарулаллъун рукӏунареблъи. Магӏарул мацӏалда батӏи-батӏиял тадбиралги данделъабиги тӏоритӏун, гьезул гъира буго мацӏ лъазабизеги, нилъер миллаталда хурхарал суалал мухӏкан гьаризеги. Цо-цояз гӏайиб чӏвалеб буго гьезда мацӏ лъикӏ лъалеб гьечӏин абун. Амма гьеб гьезул гӏайиб гуро. Шагьаралда гьарурал ва гӏурал гӏемерисезул унти буго гьеб. Шагьаралда гӏумру гьабулел лъималазда рахьдал мацӏ лъангутӏиялъул гӏайиб тӏоцебесеб иргаялда эбел-инсул буго. Гьез рокъоб лъималазда малъарабани, рахьдал мацӏ лъачӏого хутӏилароан.
Авар автономиялда ракӏалда буго хадубккунги «Аварал» абураб жамгӏияб гӏуцӏиялъе кумек гьабизе.
Цо-цояз абулеб буго миллиял газеталги журналалги къваригӏун гьечӏилан. Дида гьединал чагӏиги ричӏчӏуларо. «Хӏакъикъат» газетаги гьечӏони, «Гьудуллъи» журналги тӏагӏани, Авар театрги къани, сунца ва лъица квербакъи гьабизе бугеб нилъер миллаталъе рухӏияб бечелъи цебетӏезабизе? Росабалъ жакъа магӏарул мацӏ бицунеб буго. Лъикӏ букӏинаан хӏукуматалъ магӏарухъ ругел гӏадамазе гӏумру-яшав гьабизе лъикӏал шартӏал чӏезаруни, газ бачани, нухал къачӏани. Амма жакъа къоялде щвезегӏанги гӏатӏиракьалде гочунезул къадар дагьлъулеб гьечӏо. Ракӏ гъанцӏизабула магӏарухъ нилъер умумуз гӏасрабаз бетӏербахъи гьабурал росаби чӏунтун рихьараб мехалъ.
Амма гьел цӏуни нилъер щивав магӏаруласда бараб иш буго. Цӏи гьаризе ккела умумузул рукӏарал рукъзал, тӏалаб-агъаз гьабизе ккела росу- жамагӏаталъулги.
Битӏараб бицани, гӏатӏиракьалде гочин цӏакъго хираго чӏана магӏарулазе. Хисана гӏамал-хасият, хъарцинлъана рухӏияб рахъ, нилъеда кӏочана умумузул гӏемерисел лъикӏал гӏадатал. Гьеб гуребги, гӏалимзабаз абулеб буго рижараб бакӏалдаса цогидаб бакӏалде гочарал гӏадамазул сахлъигицин загӏиплъулин. Гьеб кинабго нилъеда бихьулебги буго.
Йохъ, цо миллион гуро…
Тарихалде ракке, аслияб бакӏлъиги захӏмалъиги магӏарулаз босана тӏаде. Киналго рагъазулъ, тарихиял лъугьа-бахъиназулъ цебесеб кьерда букӏана нилъер миллат. Нилъер миллаталъ кидаго хасаб бакӏ кколеб букӏана республикаялъул тарихалда. Амма ахирал соназда миллаталъул церехъаби дагьал загӏиплъана, чучлъана, республикаялъул жавабиял хъулухъазда ругел магӏарулазул къадар дагьлъана. Щай гьедин ккарабали бичӏчӏулеб гьечӏо. Гьеб суалалъухъги автономиялъ цӏакъ кӏвар кьун хал гьабизе буго. Мисалалъе, 5000-6000 чи вугеб цахуразул ялъуни рутулазул миллатги, миллион чи вугеб нилъер халкъги цо цӏадирабазда лъезе, цого даражаялда рекъон къимат кьезе бегьиларо.
— Амма цо-цо питна-хӏур гьабизе бокьарал чагӏазда дур рагӏабазул магӏнаги мекъи бичӏчӏун, миллатчи вугин мунилан дуде гӏайиб чӏвалелги камиларо.
— Дидаги бичӏчӏула гьеб. Амма нилъеца, магӏарулаз, цогидал гӏисинал миллатазухъе кумекалъулаб квер бегьун, ккаралъуб мугъчӏвай гьабун гурони, гьел киданиги къварид гьаричӏо. Гьебги кӏочон тезе бегьиларо.