Пикруялъулги лъаялъулги рахъалъ церетӏурал, Дагъистан тун къватӏир гӏумру гьабулел нилъерго ракьцоял рихьидал, батӏияб асар лъугьуна.

Гьедин ккана гьал къояздаги – «Хӏакъикъаталъул» редакциялде гьоболлъухъ ячӏун йикӏана Санкт-Петербургалда гӏумру гьабулей невролог Патӏимат Асадулаева.

Дагъистаналъул медакадемия лъугӏун хадуб, гьей цӏалана Санкт-Петербургалъул Мечниковасул цӏаралда бугеб пачалихъияб академиялъул ординатураялда.

Гьениб неврологасул махщелги камил гьабун, Патӏимат лъугьана аспирантураялде.

Гьединго, къокъаб заманалда жаниб Венаялда цӏалунги камил гьабуна гьелъ махщел.

Гьеб заманалда жаниб Патӏимат кӏиго ясалъул эбеллъунги яхъана. Редакциялде ячӏараб къоялъ гьелда цадахъ йикӏана кӏудияй яс – Нияр-ханум. 15 сон барай гьелда лъалеб бугоан кореязул ва ингилис мацӏалги.

Миллаталъул рахъалъ лъарагӏай кколей йикӏаниги, магӏарул газеталда кьолеб буго дагъистанияздехун къватӏибехун бугеб бербалагьиялда, ахираб заманалда тӏиритӏулел ругел цо- цо унтабазда ва цогидалда тӏасан Патӏиматилгун нижер ккараб гара-чӏвари.

— Патӏимат, Дагъистаналда щварал дипломаздехун Россиялда тӏаса-масагояб бербалагьи букӏунин бицунелъул, дуда халлъанищ гьеб?

— Доб мехалда Россиялда унго-унголъунги цо кӏудияб божилъи букӏинчӏо нилъер дипломаздехун. Гьединлъидал лъилниги кинабгӏаги тӏадкӏалъай букӏинаредухъ, дун ячӏинахъего гӏарцухъ цӏалулеб отделениялде лъугьана.

Амма ракӏчӏун абизе кӏола дие Дагъистаналъул медакадемиялда щвараб байбихьулаб лъай гӏезегӏан лъикӏаб даражаялда батанилан.

Гӏадамазул бербалагьиялъул бицани, Петербургалъул чӏахӏияб гӏелалъ кутакалда адаб гьабула нилъер чагӏазул. Гьоркьохъеб гӏелалъул абуни, дагьаб божилъи гӏолеб букӏинчӏо нилъеразде, хасго церегӏан соназда. Нилъер гьаниса щуго яс йикӏана доб мехалда ординатураялда цӏалулей.

Цо къоялъ нижер кураторалъ абуна хӏухьбахъизе ине бокьилаанин жиндие, амма Турциялде инегицин рес гьечӏила. Санайилго сапараз унеб лъикӏаб гӏадат буго дозул. Нилъерал абуни кирениги унаро, ремонтал гьаризе рокъорго чӏола.

Кватӏичӏого рокъое, Дагъистаналде инехъин йигин дун, цадахъ йилълъайин абуна дица кураторалда. Гьеб мехалда берал чӏахӏалъун рачӏана гьелъул. Белталги дицаго росилин, разилъеян такрар гьабуна дица хадубги. Гьейни разилъана, амма гьелъул эбел йикӏун йиго йихха-хочун, кинаб Дагъистанин букӏунебилан.

Лъикӏги-квешги ячӏана гьей гьание. Нижеца гьей ячана гӏагарал чагӏазул мавлидалде, Дербенталде, Сарыкумалде, Чӏикӏаб хӏорихъе. Хӏадурана умумузул квенал. Рихьизаруна нилъерго гӏадатал.

Гьедин нилъедехун тӏубанго бербалагьи хисана Елена Борисовная-лъул. Гьелъ бицун – цогидазулги.

Нижедаса хадур, тӏасияб соналъ, нилъер гьаниса васалги рачӏана добго ординатураялде. Гьезухъаги борчӏичӏо кинабгӏаги тохлъи. Бокьараб хӏалтӏукьаги хӏинкъулароан. Гьединлъидал халкъалъе къимат кьей гьелъул вакилзабазда бараб букӏуна.

— Дуца гӏелмияб хӏалтӏи инсультазда тӏасан хъван букӏанин цӏалана дица. Гье- лъул рахъалъ дуца щиб абулеб?

— Россиялъул даражаялда босани, 80 процент буго инсульт кколел чагӏазул къадар. Гьитӏинаб мехалдасаго сах гьаричӏого тарал лъималазул гӏиси-бикъинал гӏузрабаздасан кколел жал руго инсультал. Тӏадежоялъе, цере гӏадин рагъа-рачарулелги гьечӏо гьел. Масала, гимнастика гьабизе тӏамулел гьечӏо. Дарсал гьарулеб мехалдаги телефонал-компьютеразда нахъаги, гуризабун гьодгун, чӏолел руго лъимал гӏодор. Дагьал кӏудиял гӏуралго, остеохондроз лъугьинабула гьединал гӏузрабаз.

Гьарулеб мехалдаго чорхое зиян ккеялдаги бараб букӏуна хадубккун чиясулъ унтаби загьирлъи. Масала, гьанжего-гьанже гьарурал лъималазул 85 процент букӏуна горбол гьодиде хӏал ккараб. Хадуб гьеб сверула габур гьетӏиялде, бохдул къокълъиялде, гьединго хондрозалде.

— Гӏемерисеб мехалда нилъер гӏадамал Россиялъул шагьаразде унел руго лъикӏал клиникаби цӏехон. Дуда дандчӏвалищ гьел?

— Тӏокӏалъ чӏечӏого рачӏуна. Гьебги гӏемерисеб мехалда онкология букӏиналда щаклъи ккани гурони рачӏунаро. Лъималги рачӏуна гӏаммаб хал-шал гьабизе рачун. Эндокринология хӏажатал унтаралги гӏемер дандчӏвала. Амма нилъер гӏадамазул квешаб гӏадат буго — ахиралде ккезегӏан чӏолел рукӏин.