«Россиялъул миллаталъул цолъи щулалъизабуралъухъ» абураб премиялъе мустахӏикълъаразул сияхӏалда буго нилъер ракьцояй, «Соддружество женщин» абураб ДРООялъулги «Добро по кругу» абураб фондалъулги нухмалъулей Патӏимат Геличовалъул цӏарги. Гьелъие гӏиллалъун ккана «Гӏурус учительзаби Дагъистаналда» абураб тӏехь басмаялда бахъи.
Патӏиматилгун гара-чӏвари гьабуна «Хӏакъикъаталъул» мухбир Кавсарат Сулеймановалъ.
— Патӏимат, мун йиго медицинаялъул хӏалтӏухъан. Щай дуда ракӏалде ккараб гӏурус учительзабазул хӏакъалъулъ тӏехь хъвазе?
— Дица цӏалана Дагъистаналде хӏалтӏизе ячӏарай ва республикаялда гӏумру арай гӏурус учительницаялъул хӏакъалъулъ бицунеб цо макъала. 19-20 сон барал ясал ритӏун рукӏана Дагъистаналде. Гьезул хӏакъалъулъ пикрабалъ йикӏаго, цебе бачӏана дирго къисмат. Дицаги бан букӏана 23 сон, росасда хадуй Афгъанистаналде араб мехалда. Дунни ана бетӏергьанчиясухъе. Дол лъихъе ва кире? Гьез тӏубазабуна тӏадаб борч. Гьеб ккола бахӏарчилъи.
Цоги нухалда цӏалана добго макъала ва ракӏалде ккана, цониги чияс гьезул хӏакъалъулъ макъаланиги тӏехьниги хъванадаян абун. Батана Жапар Рамазановас, Болъихъ хӏалтӏулеб заманалдаго хъвараб цо брошюра. Жеги бугоан Гӏахьвахъ районалда хӏалтӏарал учительзабазул хӏакъалъулъ хъварабги. Хадуб дица байбихьана гӏурус учительзабазул хӏакъалъулъ баянал ракӏаризе. Ва къватӏибе биччана тӏоцебесеб тӏехь.
— Кӏиабилеб тӏехьалъул 800 гьумералда бицунеб буго 3000 учителасул къисматалъул хӏакъалъулъ. Кин бажарараб гьелгощинал баянал данде гьаризе?
— Дун хъвадарухъан гуро. Гьеб ишалъул балъголъабазда гъорлъе яккизе ракӏалдаги букӏинчӏо. Амма букӏана кӏудияб анищ – нилъер халкъалъул къисматалда нахъе хъвагӏазе рес гьечӏеб лъалкӏ тарал гӏурус учительзабазул цӏарал тарихалда цӏунизе. Дир тӏахьазда гъорлъе ана 1930-1970 соназда Дагъистаналда хӏалтӏарал учительзаби. Жеги хӏадурун гьечӏо гьедин хӏалтӏизе рачӏарал киналго учительзабазул сияхӏцин.
Дир букӏана команда – волонтерал, бакӏалъул администрациязул вакилзаби, школазул нухмалъулел. Щолел баянал рукӏана цӏакъ мукъсанал. Муниципалитетазул архивал цӏунун хутӏун гьечӏо. Хьул букӏана педучилищабазулги педуниверситеталъуги архивазде ине – гьеб хьулги хӏорго хутӏана. Щвечӏо баянал республикаялъул Лъай кьеялъул министерствоялдасаги. Талихӏалъ, лъикӏаланго материал щвана республикаялъулаб архивалдаса.
Тӏоцебесеб тӏехь басмаялде бахъана 2015 соналда. Гьеб типографиялда букӏаго, дихъе кӏалъана ДРялъул Лъай кьеялъул министерствоялдаса. Гьез гьарулеб букӏана тӏахьал кьеян абун. Доб заманалда Махӏачхъалаялда тӏобитӏулеб букӏана Тӏолгороссиялъул гӏурус мацӏалъулгун адабияталъул учительзабазул дандеруссин. Гьалбадерие рикьизе гьарана дир тӏахьал. Дие тана 50 тӏехь ва 250 ана министерствоялъ.
Тӏехь бачӏун хадуб социалиял гьиназдаса дихъе хъвана гӏемерав чияс: жиндир кӏодоэбел (эбел, ада, мадугьал яги учительница) щай гьоркьой тарай – гьеб букӏана аслияб суал. Дидагоги лъалаан гьеб рахъалъ жеги гӏезегӏан хӏалтӏи гьабизе кколеблъи. Байбихьана цӏидасан хӏалтӏи. Хъвана киналго шагьаразулгун районазул бутӏрузухъе кагътал. Кодоб диктофонгун ва видеокамерагун, сверана росабигун шагьарал, щвана машинадул нухцин гьечӏел росабалъе. Кумек гьабеян гьарана дирго гьудулзабазда.
— Тӏехь хӏадури бигьаяб иш гуро. Гьеб басмаялде бахъиги учузго чӏоларо. Киса щвараб гьелде харж гьабизе гӏарац?
— Редакторалъ абулеб букӏана гьединаб кӏудияб тӏехь букӏунарин – лъабнусгоялдаса тӏаде гьумер бегьуларин абун. Амма дагь гьабизе рес букӏинчӏо дир. Гьадингоги къокъал баянал кьезе ккана гӏемерисезул хӏакъалъулъ: гьавураб ва цӏалараб бакӏ, Дагъистаналъул щиб росулъ ва кигӏан заманалъ хӏалтӏарав, хъизамги гьабун, гьанивгойищ чӏарав яги республика тунищ арав.
Хӏалтӏизаруна текст бищизе, гьеб къачӏазе ва гъалатӏал ритӏизаризе махщелчагӏи. Кьуна гьезие кколеб мухьги – дир чвантиниса… Хӏадурана тӏехьалъул макет. Хӏадурана проект ва кьуна РФялъул президентасул гранталъе. Комиссиялъе бокьана проекталда рехсараб пикру. Щвана грант ва гьелъухъ Ростовалда басмаялде бахъана тӏехь. Анлъго тонна – тӏахьазул гӏаммаб цӏайи – щвезабизе кколаан Махӏачхъалаялде. Гьелъие кумек гьабуна ДРялъул почалъул нухмалъулев Махӏач Мухӏамадовас. Гьес битӏараб КамАЗалда рачӏана тӏахьал Дагъистаналде. Гьел цӏунизе санагӏатаб бакӏги кьуна Махӏачица.
— Къватӏибе бачӏана тӏехь, тӏубана мурад. Гьанже сундул пикрабазда йигей мун?
— Дир аслияб мурад букӏана учителасул статус тӏадегӏан гьаби. Учителасе кьезе ккола хӏалтӏуда рекъараб харж. Гьеб гьечӏони, гӏолеб гӏелалъе лъайги тарбияги кьеялъул иш рекъдизе буго. Щиб кьелеб лъималазе кваназе? Сундухъ босилеб гьезие ретӏел? Гьел ва цогидал масъалабаздаса эркенго вукӏине ккола учитель. Гьеб мехалда гьесие квалквал букӏине гьечӏо аслияб хӏалтӏи ракӏбацӏцӏадго гьабизе.
Тӏоцебесеб иргаялда, кӏудияб баркала буго Махӏачхъалаялдаги цогидал шагьараздаги жеги хӏалтӏулел яги хӏухьбахъиялда ругел гӏурус учительзабазе. Гьезухъан щвана дие цӏикӏкӏараб кумекги мухӏканал баяналги. Гьабсагӏаталда гьел рикьулел руго дица – гьудул-гьалмагъзабазе, тӏехь хӏадуриялъе квербакъаразе. Масала, гьеб щвана Сулейман Керимовасе ва гьес кагъат хъван буго Президентасул премиялъе мустахӏикъаб хӏалтӏи бугин абураб. Дир цӏар хъван буго «шорт-листалда». Гьеб цӏалана РФялъул Конституциялъулаб судалъул судия Хӏадис Хӏажиевас. Гьев кӏалъана дихъе ва абуна, СКФОялъул тӏолалго регионазда тӏибитӏизабизе кколин гьеб проектилан абун. Рагӏи кьуна гьелъие кумек гьабизеги.
Дица хӏадурун буго анлъго регионалъул бетӏерасухъе кагъат: Адыгеялъул, Кабардино-Балкариялъул, Осетиялъул, Чачаналъул, Ингушетиялъул ва Гъарачай-Черкесиялъул. Тӏехьалда цадахъ гьезухъе битӏизе буго кагъатги. Дагъистаналдаго гӏадин, Северияб Кавказалъул регионаздаги, тӏолабго Совет Союзалдаго хӏалтӏана гӏурус учительзаби. Гьезул хӏакъалъулъги лъицаниги хъван гьечӏо. Дица тӏобитӏана видео-конференция Россиялъул регионазулгун. Татарстан, Хакасия, Удмуртия… Киналго рази руго проекталда тӏад хӏалтӏизе. Сахлъиялъги рес кьуни, хьул буго гьеб проект гӏумруялде бахъиналде.
Ракӏалда буго Дагъистаналде рачӏарал цогидал махщелчагӏазул хӏакъалъулъ хъвазеги. Тохтурзаби, нартихъаби, инженерал… гӏемер рукӏана гьел.
Гьабсагӏаталда хӏалтӏулел руго документалияб фильмалда тӏад – гьебги буго проекталъул бутӏа. Тӏехьалъе материал бакӏарулаго, видеокамераялда бахъун букӏана. Гьанже гьеб тартибалде бачунеб буго Гулера Камаловалъ. Аслияб къагӏидаялда балагьун хутӏун руго диргун гара-чӏвариялъухъ. Дун унтун йикӏиналда бан, нахътӏамизе кколеб буго.
Ракӏалда буго Гӏурус театралда спектакль лъезеги. Гьелда гӏахьаллъизе руго «Содружество» абураб руччабазулгун лъималазул ихтиярал цӏунулеб жамгӏияб гӏуцӏиги, Гӏурус театрги, ДРялъул Культураялъул министерствоги. Спектакль букӏине буго гӏурус учительзабазул хӏакъалъулъ.
Бокьун буго художествияб фильм бахъизеги. Гьениб бицине буго цо учительницаялъул къисматалъул хӏакъалъулъ. Гьакида рекӏун магӏарул росулъе уней гӏолохъанай учительница… Гьелъулги жамагӏаталъулги бухьен, гьайгьай, гӏурус ясалъулги магӏаруласулги цоцахъ ккараб рокьи, рикӏкӏаде арай ясалъулгун гьелъул гӏагарлъиялъул бухьен – гьеб кинабго загьирлъизе ккола киноялда.
Гьабсагӏаталда хӏадурлъизе ккола проекталъул презентациялде. Гьелъие хӏажат буго гӏарац. Хьул букӏана Дербенталъул мэр Хизри Абакаровасде… Хьул буго Гӏурус культура цӏуниялъул рахъалъ пачалихъияб комитеталъул кумекалдеги. Гьелъул нухмалъулей Наталья Евсеевалъ абуна квербакъилин абун.