Загӏисан буго Шамил, Лъаратӏа, Цӏунтӏа районазул ва Бежтӏа участокалъул росабалъе нух
Дагъистан Республикаялъул картаялда Загӏиб росу бихьизабун гьечӏо. Гьеб буго гьитӏинаб, амма цӏакъго гӏажаибаб тӏабигӏаталъул бокӏон. Тӏабигӏаталъ жиндирго гьайбатлъи цӏакъ сахаватго сайгъат гьабун буго гьеб расалъиялъе. Гьенир гӏемер руго балагьарасул рекӏелъе рохел лъугьинабулел, берзул лазат босизе рес кколел жал. Шамил районалъул ракьалда, Аваргӏоралда тӏасан гьабураб Гьакьадерил кьоги бахун, тӏаса гъоркье рачӏунаго, ниж щвана Хунзахъ районалде гьоркьобе унеб Загӏиб росдал росалъиялде. Гьеб букӏана май моцӏалъул бакьулъе кколел къоязул цояб. Севералдехун ругел рорхатал мугӏрузул гъулдуздаса жеги гӏазу биун букӏинчӏо, амма зегӏдерил расалъиялъ гьеб ихдалил къоялъ, накӏкӏул хӏур гьечӏеб, цӏцӏел бер гӏадин роцӏараб зодисан бакъул чӏораз ракьалъе хинлъи кьолеб букӏана. Тӏегьарал ахбазаналъул гъутӏбузул ахикье бер рехидал, ракӏалде кколеб букӏана гӏурччин-багӏараб кьералъул тӏадагьал накӏкӏул парчабаз бацун бугин гьебилан.
Богосалъул ва Нухъакьалъул мугӏрузул сиртаз гьури гьукъула зегӏдерил расалъиялде. Гьениб гьава букӏуна бацӏцӏадаб, тӏадагьаб, хинаб. Гьава-бакъалъул лъикӏал шартӏал рукӏиналъ, гьениб рес буго цӏоралъул соно ва инжир гӏадинал, цӏакъго хинлъи бокьулел пихъазул гъутӏби гӏезаризеги гьездаса бачӏин бакӏаризеги. Аслияб къагӏидаялъ зегӏдерил ахикь руго умумузул заманалда рукӏаралги гьанже чӏаралги генул, гӏечул, мокьрол ва ахбазаналъул гъутӏби.
Зегӏдерил расалъи буго Аваргӏурул квегӏаб рагӏаллъуда. Росдал харабаз бицана цебе заманалда гьенир цӏолбол ахал гьарзаго рукӏун ругилан. Гьеб росу гӏуцӏараб ракьалда гӏадамаз цӏакъ цебегоялдаса гӏумру гьабулеб букӏун буго. Гьелъие нугӏлъи гьабула цо борхатаб гохӏил тӏогьиб гьоркьохъел гӏасрабаздаго букӏараб росдал чӏудби хутӏун рукӏиналъ. Зегӏдерил гӏадамазда гьенир ратун рукӏун руго шагӏил кӏудияб хъаба ва курхьен. Некӏсияб тарихалъул хӏакъалъулъ бицуна килисаялъул хутӏелазги. Гьениб буго «Александр» яги «Александер» абураб цӏар тӏад бикӏараб ганчӏил къоно.
Зегӏдерил расалъиялде тӏаде къуларал мугӏрузулги щобазулги батӏи-батӏиял суратал лъугьун рихьула. Цо мегӏер яги щоб цогидалда релълъараб гьечӏо. Расалъиялъе берцинлъи кьолеб буго зодил хъахӏиллъиялъги, хьолбохъан чвахулеб гӏурул лъададасан лъугьунеб кунчӏиялъги, ахазул гӏурччинлъиялъги. Аваргӏурул рагӏалдасан сапар гьабизе бокьарал, мугӏрузда ругел хер-тӏегь гьарзаял мучӏдузде ва циязги гӏалхул хӏанчӏазги гӏумру гьабулел рохьазде щвезе ракӏалде ккарал гӏадамазе нух зегӏдерил расалъиялдасан буго. Мугӏруздеги расалъабаздеги щвезе, тӏабигӏаталъул гьайбатал бакӏал рихьизе хиял лъоларев чи къанагӏатги вукӏунаро. Гьеб релълъуна интересаб тӏехь цӏалиялда. Тӏабигӏаталда гӏемер буго инсанасе жеги балъгояблъун хутӏараб, тӏубанго лъазе ва бичӏчӏизе къасд кколеб жо…
Гьанже нуж унел руго Аваргӏурул квегӏаб рагӏаллъудаса тӏаде хунздерил Зоногохӏ мегӏералъул къилбаялъул рахъалдасан. Автобусалъе захӏмат буго хунздерил гӏолохъабаз араб гӏасруялъул лъеберабилел соназда гӏатӏид гьабураб гьакинухдасан эхеде ххаризе. Гъветӏ-хер гьениб, гъоба расалъиялда гӏадин, гьарзаго гьечӏо, бакӏ-бакӏалда рихьула зазилги гӏинтӏидулги хъархъал. Кьурабазул парсахъ, ганчӏазда гьоркьор рижун руго гӏалхул куракул гъутӏби. Гьенир руго цогидал бакӏалда рижуларел цо-цо хъархъалги.
Рахъ-рахъалде хьвагӏолаго, бигьагьабун эхеде бахунеб автобус гьалагал чвахунцӏадаз чучазарурал бакӏазде щведал, тормозазул бахъуна ракӏгъанцӏизабураб къир-къири. Нухлул кӏиябго рахъалда, цо-цо бакӏалда битӏахъе нухдаги ратула кидаялиго кьурабазулъа тӏун рачӏарал, чӏахӏиял ганчӏал. Эхедерай цӏикӏкӏараб бугелъул, шоферас автобус бачунеб буго «тӏоцебесеб хехлъиялда», «кӏиабилеб хехлъиялде» рехизе, ай дагьаб гӏедегӏизабизе ракӏалде ккани, мотор «угьдизе» лъугьунин абуна гьес.
Ахирги ниж рахана Игирагӏалде. Гьенисан Аваргӏор бихьула хъахӏилаб гӏебаб чалу гӏадин, Загӏиб росуги буго гъоба гъоркьа пахьул шагьиялъул сураталда. Амма къилбаялъул рахъалда Кьилимегӏер бихьула берцинго, битӏахъе аскӏоб бугеб гӏадин. Мугӏрузулаб Дагъистаналда бищунго рорхатал бакӏазда гьоркьоб рехсола Кьилимегӏер. Гьелъул тӏогь буго ралъдал гьумералдаса 2456 метралъул борхалъуда. Роцӏараб къоялъ гьениса Каспий ралъад бихьулинги абуна.
Игирагӏалдасанги Хунзахъе буго битӏараб бакӏалдасан додинабго къваридаб нух. Нижер гӏемерисел хӏинкъулел руго автобусалъул гордухъа къватӏире раккизе. Нухлул рагӏалда бугеб кьурул борхалъиялъ лъугьинабураб кӏкӏалал тӏину бихьуларо. Нухлул ракьандасан бугеб кьурул рагӏалде ралагьизе бокьани, тӏагъур бортиледухъ, бетӏер эхеде борхизе ккола. Богосалъул мугӏрузул сирталъул къилбаялъул рахъалда ругел гьел гӏицӏал кьурабиги рикӏкӏуна Дагъистаналъул унго-унгоял памятникаллъун.
Битӏараб нухдасан чанго километр нахъа тедал, ахирги ниж щвана гӏемерал чвахабаздалъун машгьурлъараб хунздерил тӏалъиялде.
Ибрагьимхалил Мухӏамадовасул
«Хӏикматаб Дагъистан» тӏехьалдаса