Нух бугелъуб букӏуна гӏумруги магӏишатги
Краснодар шагьаралъул проекталъулаб институталъул директор, экономикиял гӏелмабазул доктор, Гъуниб районалъул Сугъралъ росулъа Гӏумаров Элдарица лъугӏизабуна Махӏачхъалаялъул ралел бакӏазул техникум, Комсомольск-на-Амуре шагьаралда — политехникияб институт ва Хабаровск шагьаралда — менеджеразул тӏадегӏанаб школа. 1984-2012 соназда хӏалтӏана (ралел бакӏазда) Комсомольск-на-Амуре шагьаралда, гьелда цадахъ хӏалтӏана университеталда преподавательлъунги. 2013 соналдаса нахъе гӏумру гьабун вуго Краснодаралда. Гьал къоязда Махӏачхъалаялде щварав гьесулгун гара-чӏвари гьабуна нижеца.
— Дуца нухмалъи гьабулеб институталъул аслияб хӏалтӏи щиб кколеб?
— Нижер аслияб хӏалтӏи ккола нухазул, кьоязул, тоннелазул, гӏадамал хьвадизе ракьалда гъоркьан ва тӏасан гьарулел нухазул, жиндир цо хасаб хаслъи ругел минабазул проектал рахъи, гьел хӏадур гьари. Гьеб киналдаго гьоркьоб цӏакъго кӏвар бугеб иш ккола гьалагал ихаздаса, лъиназдаса, ччукӏалабаздаса росаби, нухал, кьоял цӏуниялъе гьабулеб хӏалтӏиги.
— Гьединал хӏалтӏаби гьарулел махщелчагӏи гӏемер ругищ нилъер гьанир?
— Нухазе, кьоязе проектал рахъулел махщел камилал специалистал Дагъистаналда руго. Масала, «Транспроект», «Экодор» гӏадал гӏуцӏабазда. Амма ччукӏелаздаса цӏуниялъул, хьуцӏ бугеб, лъим гӏемераб ракь бакъвазабиялъул, гьениса лъим нахъе тӏамиялъул хӏалтӏаби гьарулел гӏуцӏабигун махщалилал нилъер гьанир гьечӏо.
— Кинал регионазда нужеца гьединал хӏалтӏаби гьарулел?
— Краснодар краялда, Ростов областалда, Калмыкиялда, кӏудияб хӏалтӏи букӏана Абхазиялда, чанго тӏадкъай тӏубана Крымалда, Болъихъа байбихьун Табасараналде щвезегӏан 15-гӏанасеб объекталда сверухъ гьабулеб хӏалтӏулъги букӏана нижер гӏахьаллъи.
— Гьел регионазда дандеккуни, хӏалтӏи гьабизе Дагъистаналда бигьагойищ букӏунеб яги…
— Гьабулев чияс хӏалтӏи, дандчӏвалел квекӏеназухъ балагьичӏого, кибго гьабула. Нижер руго батӏи-батӏиял регионаздаса (Краснодар, Дагъистан, Дальный Восток, Осетия, Гуржистан) специалистал, хӏалтӏухъаби. Гьез кидаго абула, кире жал щваниги, Дагъистаналда гӏадин (бакӏалъулал гӏадамазул бербалагьи, гьоболасул адаб-хӏурмат гьаби, кибго гьечӏеб хӏисабалъул ракӏрагьи) хӏалтӏи гьабизе бигьаяб бакӏ жидеда батичӏин.
— Атли-Боюн тоннель бахъиялъе байбихьи лъолел хӏалтӏабазде тӏаделъулел ругин нужилан бицунеб буго. Битӏараб бугищ гьеб хабар?
— Гьеб бахъизе хӏажат букӏиналъул хӏакъалъулъ бицунеб букӏана советияб заманалдаго. 1970-абилел соназда гьеб хӏалтӏуда квер банги букӏана. Амма, щаялиго, хадуб рехун тана. Тоннель байбихьула Ленинкент поселкалда бугеб школа-интернаталда цебесан, лъугӏула Таргъу-Буйнакск ва Махӏачхъала-Буйнакск нухал цолъулеб бакӏалда. Тоннелалъул гӏаммаб халалъи букӏине буго ункъогӏанасеб километр – гендерил тоннелалдаса 400-500 метралъ къокъаб. Тоннелалъул заказчик ккола «Дагъавтодор», генералияб подрядчик — «Транспроект» проекталъулаб институт, гьелъул заказалда рекъон проект хӏадур гьабизе буго «Ленгидропроект» институталъ. Геодезиялъулаб хӏалтӏи гьабун лъугӏана Краснодаралъул «Аэротех» фирмаялъ, тӏубан буго экологиялда хурхараб кинабго хӏалтӏиги. Гьаб анкьида нижеца байбихьизе буго геологиялъулал хӏалтӏабазде, ай ракьалъул гӏуцӏи (структура) лъазаби, гьелъул анализ гьаби. Гьеб мурадалда 400 метралъул гъварилъуде гӏунтӏун борлъизе ккола ракь. Планалда рекъон, нижеца хӏалтӏи лъугӏизабизе ккола 11 моцӏида жаниб. Гьелдаса хадуб, нижер баяназда рекъон, проектировщиказ хӏадурула тоннелалъе проект. Тоннель бахъун лъугӏизе ккола 2025 соналда.
— Гӏемерал районазде, росабалъе ярагьунел нухалцин гьечӏеб заманалда, кинаб хӏажалъи бугеб, гӏемераб гӏарацги харж гьабун, гьеб тоннель бахъиялъе?
— Тоннелалъул багьа, гӏага-шагарго бахуна, 3,5-4 млрд гъуршиде. Гьанже босилин цогидаб рахъги:
1. 1970-абилел соназдаса нахъе рехсараб нухда ккарал авариязулги, гьезул хӏасилалда хварал гӏадамазулги хӏисаб гьабуни, кинаб гӏарцудалъун гьеб борцине бегьулеб?
2. Тоннелалъул манзил автомашинаялъ нахъа тола 4 минуталда жаниб.
3. Тоннелалъ рес кьола магӏарухъе-нахъе къайи чанго нухалъ цӏикӏкӏунги гьединго учузгоги баччизе.
4. Гьелъул кӏудияб кумек буго тӏабигӏат, экология цӏуниялъе.
5. Гьелъ квербакъизе буго Махӏачхъала шагьар гӏатӏид ва эркен гьабиялъе.
Ахираб чанго соналда жаниб, гӏатӏид гьарун, къачӏан, ялъуни хъил тӏун нухазда хӏалтӏи гьабичӏеб район хутӏун батиларо. Тоннель бахъиялъ кумек гурони нухазе гьабулеб къварилъи гьечӏо. Тоннельги буго добго нух — кӏудияб, гӏатӏидаб, цӏикӏкӏараб рес ва бигьалъи кьолеб. Гьединаб нух бугеб бакӏалда киданиги гӏумруги магӏишатги лъугӏуларо. Гӏадамалги дагьлъула, магӏишатги гӏодобе ккола нух гьечӏеб бакӏалда.
— Краснодар ва Дагъистан дандеккуни, щиб абилеб?
— Россиялъул бокьараб регионалда Дагъистан дандекквей ккола захӏматаб масъала. Дагъистан буго гӏажаибаб, гӏадат-гӏамалъул, мацӏазул, маданияталъул бечелъиялъул рахъалъ цогидаздаса батӏияб регион. Нилъер гӏадамал руго жигарал, бажари бугел. Нилъехъ жеги цӏунун хутӏун буго «нилъехълъи». Амма буго цогидаб рахъги. Кӏиябго регионалъул нухмалъи дандеккуни, гьеб буго зобги ракьги — доба нухмалъиялъ хӏалтӏи гьабула халкъалъе гӏоло, нилъер гьаниб – гьелъул гӏаксалда. Бачина цо-кӏиго гӏадатияб мисал. Краснодаралда, къасимехалда машинабаз (шампуньги хӏалтӏизабун) чурула къватӏал. Махӏачхъалаялда дида жеги бихьичӏо гьедин гьабулеб. Лъим, ток, газ гьечӏин абураб жо Краснодаралда гӏумру гьабулезда лъаларо. Нилъер гьаниб букӏунеб хӏалалъул хӏакъалъулъ бицине ккелищха.
— Краснодаралдаса балагьани, Дагъистаналда кколел ругел хиса-басиязе щиб къимат кьелеб?
— Мун рикӏкӏалъарабгӏан, дуе гӏагарлъула Ватӏан. Дора рукӏаниги, Дагъистаналъул ургъел гьабичӏого, кколе-толелъул халкквечӏого ниж рукӏунаро. Ахирал хиса-басиязда хурхун руго кӏийиде рикьарал пикраби: гьаб батизе гурин цо ричӏчӏуларел хӏаял абураб ва кӏиабилебги — хӏай гуреб хӏасил кьолеб хӏалтӏи батилин абурабги. Иргадулаб, сунда бугониги бухьинабураб хӏай гьаб батани, гьеб буго киназего квешаб иш. Кӏудияб хьул буго гьаб багъа-бачариялъ нилъ рачинин дагьаб бацӏцӏадаб, ритӏухъаб хӏасилалде ва гьебги лъугьинин нилъер гӏумруялъул, рукӏа-рахъиналъул низамлъун абураб.
Гара-чӏвари гьабуна
Гӏабаш Гӏабашиловас.