Магӏарулазул бищун кӏудияб республикаялъулаб казияталъул коллективалъул рахӏат хвезабун буго къойидаса къойиде «Хӏакъикъат» цӏалулезул къадар дагьлъулеб букӏиналъ. Миллионалде гӏунтӏун чи вугеб миллаталда щуазаргоцин подписчик гьечӏин абураб жоялда божизецин кӏолеб гьечӏо.

Редакциялъул хӏалтӏухъабазги хӏаракат бахъулеб буго цӏалдолезул тӏалабал тӏуразаризе, халкъалъулгун бухьен чӏезабизе. Амма казияталъулгун гьудуллъи щулалъизабиялъулъ мукъсанлъи биччалеб буго магӏарулаз. Масала, Хасавюрталъул зонаялда (Хасавюрт, Гъизилюрт, Казбек районал ва Хасавюрт, Гъизилюрт шагьарал) вугев хасав мухбирас хӏаракат бахъана бакӏалъулал администрациязул нухмалъулезулгун кӏалъа-басаял гьаризе, гьезухъ гӏенеккизе.

Росабазул бегавулзабазда гьоркьор руго казият цӏалулелги, ратана гӏурус мацӏалдайищ гьеб бахъулебин цӏехолелги. Хӏалчӏахъаги Комсомольское росдал бегавул Казбек Гӏабдуразакъовасул. Гьес абуна гьадин: «Дица щулияб рагӏи кьола 2021 соналъул тӏоцебесеб бащдаб лъагӏалие къого экземпляр «Хӏакъикъаталъул» хъвазе», — ян. Гьесдаго релълъун, киналго бегавулзабаз щула гьабулебани казияталъулгун гьудуллъи, жакъа гӏадинаб къадар (39) букӏинароан Гъизилюрт районалда казият цӏалулезул.

Гьанибго абичӏого гӏоларо, баркала буго Гъизилюрт районалъул бетӏер Мухӏамад Шабановасе. Гьесул хӏаракаталдалъун районалда тӏубараб лъагӏалиего хъван буго 300 экземпляр «Хӏакъикъаталъул». Мухӏамадидаса мисал босизе ккела цогидазги.

Нилъеда бичӏчӏизе ккола, казият гьечӏони, мацӏги, адабиятги, маданиятги, тарихги мукъсанлъулеблъи. Гьеб масъалаялда тӏад ургъизе заман щун буго.

Хасавюрт шагьаралда буго цогидал районазде ва Гъизилюрталде поч баччулеб бетӏераб идара. Гьелъул нухмалъулев Махӏач Гӏумаровгунги дандчӏвана дун.

— Дица дирго рокъоб я хъизаналъе, я лъималазе магӏарул тун батӏияб мацӏалда кӏалъазе изну кьоларо. «Хӏакъикъат» казиятги хъвала, гьебги цӏалула. Гьаб буго захӏматаб заман. Кӏвар кьела. Моцӏида жаниб цо-цо нухалда данделъула почалъул отделениязул нухмалъулел. Гьенибги гьоркьоб лъела гьеб суал ва чӏванкъотӏарал хӏукмабиги гьарила, — ян бицана гьес.

Хасавюрт районалда буго магӏарулазул 16 росу. Кинабниги 10388 цӏараки. Гьелгощинал гӏадамал магӏарулазул ругеб районалда 2020 соналъул кӏиабилеб бащалъиялъе 81 гурони «Хӏакъикъат» хъван гьечӏо.

Хасавюрт шагьаралда яшав гьабулеб буго 145 азаргоялдаса цӏикӏкӏун чияс. 2010 соналъ гьабураб халкъалъул хъвай-хъвагӏаялда рекъон, халкъалъул гӏаммаб къадаралда гьоркьоса магӏарулазул буго 30 процент. Амма 2020 соналъул кӏиабилеб бащалъиялъе «Хӏакъикъаталъе» подписка гьабун буго ичӏго чияс.

Дида киданиги ракӏалде ккун букӏинчӏо магӏарул миллат гьадигӏан мискинлъун батилин. Дун гӏемер щола магӏарухъ ва гӏатӏиракьалда ругел росабалъе. Къанагӏат гурони бихьуларо кӏи-кӏи, лъаб-лъаб тӏадагьаб букӏа, юк баччулеб букӏа, машина рагьда гьечӏеб мина. Гьебищха магӏарулазул гьанжесеб мискинлъи. Мискинлъун гуро нилъ ругел, мукъсанлъун руго, гӏарцул гурони пикру рекӏелъе биччалеб гьечӏо. Гьединаллъунищха нилъ рукӏине кколел, бергьарал гӏалимзабазул ирсилал?

Казбек район кидаго букӏана казият хъвалезул ва цӏалулезул цебесеб кьерда. Гьеб рахъалъ реццалъе мустахӏикъал руго Алмахъ росдал гӏадамал. 80-ялдаса цӏикӏкӏун «Хӏакъикъат» хъван буго алмахъаз. Хӏатта 3500 цӏараки бугеб Дилималдацин 60-ялде бахун гьечӏеб мехалда.

Коронавирусалъул хӏасилги батила гьеб. Кин-щиб батаниги, тӏад ургъизе ккарал суалал гӏемер руго.