Гъоркьехун рехсолел суалазе жаваб кьуна ДРялъул Пенсиялъул фондалъул отделалъул начальникасул заместитель Гӏайшат Кӏудиямухӏамадовалъ.
Шамил районалдаса Асхӏабгӏалиев Мухӏамадица цӏехолеб буго: «Дун ва росасдаса ятӏалъарай дир яс гӏумру гьабун руго чияр минаялъур. Лъимер гьабидал ясалъе щвезе кколаан эбелалъулаб капитал. Ракӏалда букӏана гьелъул кумекалдалъун мина-рукъ босиялъе санагӏалъи гьабизе. Амма Шамил районалдаса дир ясалъе гьеб капитал кьолеб гьечӏо. Абулеб буго гьелъие ва гьейго гӏадал цогидазеги кьезе кколеб капиталалъул сертификатал кинабалиго банкалда лъун рагӏулин. Гьеб битӏараб батани, кинго бичӏчӏуларо гьелъул магӏна. Лъазе бокьилаан, щай дир ясалъул сертификат кодобе кьоларого бугебали? Цоги, лъимералъ чан моцӏ бараб мехалда гьеб бетӏергьабазухъе кьезе кколеб?»
— 2020 соналъул 1 марталда къабул гьабураб №36 «О внесении изменений в ФЗ №256 о дополнительных мерах государственной поддержки семьям имеющих детей» абураб федералияб законалда рекъон, эбелалъулаб капиталалъул сертификат кодобе кьоларо.
Гьелъул бакӏалда кьола эбелалъул цӏарги, инсул цӏарги, гьаюраб сонги, къо-моцӏги, сертификаталъул номерги тӏад хъвараб гӏадатияб кагъат-уведомление. Сертификат хӏадур гьабула ва гьелъул бицунеб кагъат эбелалъухъе кьола гьелъул хъвай- хъвагӏай гьабун бугеб (прописка) бакӏалъул пенсиялъул фондалдаса, лъимер гьабураб къоялъго, ай гьелъие бокьани.
Лъимадул сертификаталъул хӏакъалъулъ тӏубараб баян балагьизе бегьула «Госуслуги» абулеб сайталдасан.
Эбелалъ сертификаталдаса, ай капиталалъул гӏарцудаса пайда босизе бегьуларо лъимералъ лъабго сон тӏубачӏого. Капиталалъул гӏарцухъ мина-рукъ босиялъе, гӏарзаги уведомлениеги босун, хитӏаб гьабизе ккола Пенсиялъул фондалде. Гьениб духъе кьола къваригӏунел документазул сияхӏ.
Мина-рукъ босиялъе ва ипотекаялъе кьезе капиталалъул гӏарац эбелалъухъе кодобе кьоларо. Мина-рукъ босиялъе, баялъе, гьединго ипотекаялъе гьабураб къотӏи-къаялъул документалда рекъон, Пенсиялъул фондалъ гьеб битӏула мина бичарав чиясул банкалъулаб счеталде.
«Дун хӏалтӏана улкаялъул батӏи-батӏиял регионазда. Заман щвелалдего пенсиялде ине бокьун буго. Букӏунищ дир гьединаб ихтияр? Пенсия чӏезабулаго, документазда хадуб дун хӏалтӏулей йикӏарай идарабаздейищ ине кколей? Гьенир документал цӏунун ратичӏони, щиб гьабилеб?»
— «О трудовых пенсиях в РФ- П» абураб федералияб законалъул №№27 ва 28 статьябазда рекъон, заман щвелалдего пенсия чӏезабула заралиял предприятиязда ва рикӏкӏадаб Севералъул шартӏазда хӏалтӏарал чагӏазе, гьединго щуго ва цӏикӏкӏун лъимер бугел руччабазе.
Херлъиялда бан кьолеб пенсия чӏезабиялъе цебе щуго сонил страховияб стаж гӏолаан, цӏиял тӏалабазда рекъон, гьеб дагь- дагьккун цӏикӏкӏинабуна ва гьелъие къваригӏине буго 15 соналдаса дагь гьечӏеб страховияб стаж.
Пенсия чӏезабулаго, гӏумру гьабун вугеб бакӏалъул пенсиялъулаб отделениялде кьезе ккола: захӏматалъул книжка, паспорт ва гьоркьохъеб харжалъул хӏакъалъулъ справка. Къваригӏуна мун хӏалтӏулев вукӏараб бокьараб идараялдаса щуго соналъ гьоркьоса тӏечӏого дуе щолеб букӏараб харжалъул хӏакъалъулъ баян.
Дур захӏматалъул книжкаялда хӏалтӏулев вукӏарал бакӏазулги заманалъулги мухӏканал баянал ратичӏони, стажалъул хӏакъалъулъ справка архивалдаса босизе ккола яги къваригӏуна хӏалтӏи кьолесулгун гьарун рукӏарал къотӏи-къаязул кагътал. Гьел ракӏаризе улкаялда сверизе кколаро.
Кагътидаги хъван, хӏалтӏулев вукӏарал идараялъул кадрабазул отделалде запрос битӏани гӏола яги телефоналъ ахӏизе бегьула. Идара тӏагӏун батани, документал ралагьула бакӏалъулаб архивалдаса. Федералияб кӏваралъул идараялда хӏалтӏулев вукӏун ватани, хитӏаб гьабизе ккола федералиял архивазде, регионалияб кӏваралъул идараялда хӏалтӏун ватани – пачалихъияб архивалде, районалъул кӏваралъул батани — муниципалияб архивалде.
Архивалде яги хӏалтӏулев вукӏараб идараялъул кадрабазул отделалде цӏех-рех гьабеян гьарун битӏулеб гӏарзаялда хадуб къваригӏуна дур букӏараб хъулухъалъул яги тӏубалеб хӏалтӏул баян ва захӏматалъул книжкаялъул копия. Гьениса духъе бачӏине ккола архивияб справка, мухӏканал документал ратичӏони — буюрухъазул ва харж кьурал ведомостазул копиял.
Пенсия чӏезабиялъе документал щвезе захӏмалъулеб бугони, хитӏаб гьабизе ккола хӏалтӏи кьолес взносал рехулел рукӏараб Пенсиялъул фондалъул бакӏалъулаб отделениялде. Гьел баяназги бицуна дур стажалъул къадаралъул хӏакъалъулъ.
Букӏуна лъугьа-бахъин, стажалъул ва харжалъул хӏакъалъулъ киналгӏаги баянал нахъе цӏунун хутӏичӏеб. Архивалдаса босизе ккола гьел баянал цӏунун гьечӏин абураб справка.
Дур гӏайибалдалъун документал тӏагӏун, рилун ратичӏони, масала, архив бухӏун, гьеб хӏужаялъул божилъи кьезе бегьула дол соназ мунгун цадахъ цо идараялда хӏалтӏулев вукӏарав ва гьелъул бицунел документал кодор ругев кӏиго ва цӏикӏкӏун нугӏасул рагӏабаздалъун. Амма гьеб иш тӏубала судалъ.
Чӏарада районалъул Цӏулда росулъа Хӏажи Гӏумаровас цӏехолеб буго: «Телевизоралдасан бицунеб рагӏана 50 соналъ цадахъ гӏумру гьабурал рос- лъадуе хӏукуматалъ 50 азарго гъурущ кьезе бугилан. Гьеб битӏараб бугищ? Гьединал рос-лъадуе цоги кинал бигьалъаби рукӏунел?»
Махӏачхъалаялдаса Хӏажимурад Гӏалиевас битӏун бачӏараб кагътидаги кьолеб буго гьединабго магӏнаялъул суал: «Цадахъ гӏумру гьабун 50 сон барал рос-лъадуе ДРялъул хӏукуматалъ гьабулеб кинабгӏаги кумек-бигьалъиго букӏунарищ?»
Хунзахъ районалъул Бакьайчӏи росулъа Мухӏамад Расуловас цӏехолеб буго: «30 соналъ рос-лъадиялъ цадахъ гӏумру гьабун бугони, хӏукуматалъ, щибаб сон рикӏкӏун, пенсиялде тӏаде кӏиазарго гъурущ кьолин абулеб жо битӏараб бугищ?»
Хӏурматиял Хӏажи, Хӏажимурад ва Мухӏамад, гьал суалазе нижеца цереги жавабал кьун рукӏаниги, ДРялъул Захӏматалъул ва социалияб рахъалъ цӏуниялъул хӏалтӏухъан Сайхат Хӏажимухӏамадовалъ ва ДРялъул Пенсиялъул фондалъул хӏалтӏухъан Зарина Сункулиевалъ кьураб жаваб нахъеги такрар гьабулеб буго:
— 50 соналъ рос-лъадиялъ цадахъ гӏумру гьабун бугониги, хӏукуматалъ щибаб сон рикӏкӏун азарго гъурущ кьолин абураб закон яги хӏукму гьечӏо. Амма регионалияб даражаялда гьеб бигьалъи гьабизе гьукъунги гьечӏо. Закон буго 30-40-50 соналъ цадахъ гӏумру гьабурал рос-лъадуе, хӏукуматалъ щибаб сон рикӏкӏун, аза-азар гъурущ кьезе бихьизабураб. Россиялъул цо-цо бечедал регионазда гӏумру гьабун ругел пенсионеразе гьеб кьола. Дагъистан ккола 80 проценталъ Москваялдаса бачӏунеб гӏарцуца хьихьараб республика. Гьединлъидал тӏадехун бицунеб пособие Дагъистаналда ругел 30-40-50 соналъ цадахъ гӏумру гьабурал рос-лъадуе щоларо.
«3-7 сонил ригьалда ругел лъималазе щибаб моцӏалъ букӏунеб пособие кинал шартӏазда кьолеб? Гьеб кьейин абун кибе хитӏаб гьабизе кколеб? Октябрь моцӏ лъугӏизегӏан гурони пособие цӏигьабиялъе гӏарза къабул гьабуларин абулеб жо битӏараб бугищ?»
— Щибаб моцӏалъ кьолеб пособие щола Россиялъул гражданлъи бугеб лъимадуе.
Пособие чӏезабула хадусел шартӏазда:
Лъимадул эбелалъул яги инсул, ялъуни къайимчиясул букӏине ккола Россиялъул гражданлъи.
Лъабго сон бараб лъимадуе 2020 соналъул 1 январалдаса нахъе пособие кьола, гьелъ микьго сон базегӏан.
2020 соналда пособие кьола лъимералъ лъабго сон баралдаса нахъе кьечӏого хутӏарал моцӏазулги, амма хитӏаб гьабизе ккола 2020 соналъул 31 декабралдаса кватӏизе течӏого.
Хъизамалда 3-7 сонил ригьалде бахараб чанго лъимер батани, пособие кьола щибаб лъимадуе батӏа- батӏаго.
2021 соналдаса нахъе пособие кьейин хитӏаб гьабизе ккола лъимералъ лъабго сон бан хадуб, ай анлъго моцӏидаса кватӏизе течӏого. Кватӏани, гьеб кьола гьеб чӏезабеян гӏарза кьураб къоялдаса нахъе.
Пособие чӏезабула ресукъал хъизамазул лъималазе, ай хъизамалъул щивав чиясе гӏумру гьабиялъе хӏажалъулеб бищунго гӏодобегӏанасеб гурони харж щолеб гьечӏони.
2020 соналда 3-7 сонил ригьалда бугеб щибаб лъимадуе кьола Дагъистаналда чӏезабураб, гӏумру гьабиялъе хӏажалъулеб бищунго гӏодобегӏанасеб доходалъул бащалъи (50 процент). Дагъистаналда цо лъимадуе гӏага-шагарго 5500 гъурущ бихьизабун буго. 2021 соналда гьелъул къадар гӏага-шагарго 11 азарго гъурщиде бахинеги буго.
Пособиязул иш гьабун рагӏалде бахъине байбихьана 2020 соналъул 1 июналдаса нахъе. Гьеб щвеялъе хъизамалъ электроннияб къагӏидаялда гӏарза кьуни гӏола «Госуслугаялде» яги М ФЦялде. К ъваригӏунел д окументазул пакет гьез жидецаго балагьула.
Пособие чӏезабула цо лъагӏалил болжалалъе.
Пособие кьеялъе инкар гьабизе бегьула:
Лъимер хвани.
Щивав чиясул хӏисаб гьабун, хъизамалъул доход гӏумру гьабиялъе хӏажалъулеб бищунго гӏодобегӏанасеб къадаралдаса цӏикӏкӏани.
Дуруслъи гьечӏел яги тӏубачӏел баянал гӏарзаялда ратани.