25 сентябралда 70 сон тӏубана ДРялъул мустахӏикъав тохтур, РФялъул сахлъи цӏуниялъул отличник, тӏурул унти ккарал гӏадамазе кумек гьабулеб республикаялъулаб централъул (Центр антирабической помощи) нухмалъулев, хирург ва травматолог Анварбег Хӏажиевас.

Анварбегил хӏакъалъулъ абизе гьев бегьула унго-унгояв, унтарасул тӏалабалда гӏумру унев тохтур вугин абун. Инсанасул сахлъи цӏуниялде жавабияб тӏалабчилъи букӏуна гьесул. «Нижеца унти сах гьабуларо. Нижеца сах гьарула унтиялъ кӏвекӏулел гӏадамал», — ан абурал тохтур-философ Авиценнал рагӏаби такрар гьарула гьес кидаго. Кигӏан захӏматаб хӏалалда унтарав ватаниги, гьесда хӏал лъазе толаро Анварбегица. Гьесул сабураб ва хӏеренаб каламалъ унтарасул ракӏчӏезабула жив сахлъиялде. Тохтурасда бугеб божилъиялъги кумек гьабулелъулха сахлъизе.

Анварбег Хӏажиев гьавуна 1950 соналда Гӏахьвахъ районалъул Гӏарчо росулъ. 1966 соналда цӏализе лъугьана Буйнакскиялъул медучилищеялде. Гьебги лъугӏизабун, хӏалтӏана Цӏумада районалда фельдшерлъун. Гьенисан ана Советияб армиялде ва вукӏана кӏудияв рагъулав фельдшерлъун. Армиялдаса тӏад вуссиндал цӏализе лъугьана Дагъистаналъул пачалихъияб медицинаялъул институталде. Цадахъго хӏалтӏана гӏаммаб хирургиялъул кафедраялда лаборантлъун. 1979 соналда тӏокӏлъиялда лъугӏизабуна ДГМИ ва хӏалтӏизе байбихьана Каспийскиялда. Хадубккун – тӏоцебесеб Махӏачхъалаялъул поликлиникаялъул заведующийлъун.

Мисалияв нухмалъулев ва махщел камилав тохтур хӏисабалда ва ДРялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъул коллегиялъул хӏукмуялда рекъон, Анварбег Хӏажиев тӏамуна Хехаб кумекалъул цолъиялъул бетӏерав тохтурасул заместительлъун хӏалтӏизе. Байбихьана хӏалхьи гьечӏел сардалги рахӏат кӏочарал къоялги гьарзаяб заман. Анварбегица гьаризе ккана гӏемерал операциял, хӏажалъараб мехалда чанги унтарасе гьес кьуна жиндирго би.

Тӏаде щвана улка биххизабурал 1990-абилел сонал. Хисана тӏолабго гӏумру – хиса-басиял гьаруна медицинаялдаги. Цӏияб къагӏидаялда рекъезабун медицинаялъул хъулухъалъул хӏалтӏи гӏуцӏиялъул рахъалъ церехъабазул кьерда вукӏана Анварбег Хӏажиевги. Хӏалтӏул балъголъабазул гъварилъуде ваккиялъул мурадалда гьес сапарал гьаруна Россиялъул Кемерово, Ленинград, Самара областаздеги Казахстаналъул Джезказган областалдеги. Гьел сапаразулги гӏелмиял дандеруссиназда гӏахьаллъиялъул хӏасилалги данде гьарун, гьес хъвана ва басмаялде бахъана «Перевод учреждений здравоохранения Дагестана на новый хозяйственный механизм» абураб методикияб пособие.

Камиллъараб лъайгун махщел Хӏажиевас хӏалтӏизабуна дагъистаниязул сахлъи цӏуниялъе. Тахшагьаралъул №2 поликлиникаялда гьес рагьана гьитӏинабго операционная ва гьенир гьарулаан цереккун стационаралда гьарулел рукӏарал операциял. Операция гьабурав унтарав кӏиго сагӏаталдасан унаан рокъове. Гьелъ гӏемераб пайда кьолаан больницаялъул экономикияб рахъалъе.

Гӏемерал соназ Анварбег хӏалтӏана Махӏачхъалаялъул №1 больницаялъул хирурглъун. Гьарулаан батӏи- батӏиял операциял. «Цо нухалда нижехъе вачун вачӏана унтарав. Щаклъи букӏана гьесул кванирукъалда рак унти батиялде. Киназго абулеб букӏана, дараби кьун, операция гьабичӏого теян абун. Унтийин абуни, цӏикӏкӏунебго цӏикӏкӏунеб букӏана. Дица гӏакълу данд бана дир гӏелмияв нухмалъулев, профессор Тӏалхӏат Манаповичасда. Гьес абуна, операция гьабизе бегьулин абун ва гьабуна гьес малъухъе. Ункъо сагӏаталъ халалъана гьеб захӏматаб иш. Хӏасил — унтарав сахлъана ва нижее баркала кьолаго ана больницаялдаса нахъе.

Букӏана гьадинаб лъугьа-бахъинги. Больницаялде щвезавуна гулбуз керен борлъарав гӏолилав. Кинго бажарулеб букӏинчӏо би чӏезабун – бетуларого букӏана гьеб. Дир ишцояз абулеб букӏана, заманаялъ ракӏги лъалхъизабун, г ьабизе к келин операция а бун. Гӏемер ургъизе заман букӏинчӏо. Гьединаб мехалда гӏемер квалквадани, лъукъарав хвеялде щаклъи гьечӏин абулаан машгьурав хирург Николай Пироговас. Гьебги ракӏалде щун, букӏа-бахъаян абухъего, гьабуна хехго операция. Лъикӏ ккана гьеб, ва гӏолилавги чӏаго хутӏана», — ян ракӏалде щвезабуна Анварбегица.

Рахӏат бикъарал сардалгун къоял

1995 соналда рагьана Ортопедиялъулгун травматологиялъул республикаялъулаб центр. Доб заманалда сахлъи цӏуниялъул министрлъун вукӏарав Иляс Мамаевас гьеб централъул бетӏерав тохтурасул заместительлъун тана Анварбег Хӏажиев. Цӏидасанги байбихьана хӏалуцараб, сордо-къоялъухъ балагьичӏого гьабизе тӏадаб хӏалтӏи.

— Халкъалъе пайдаяб иш ккана Дагъистаналда гьединаб Центр рагьи. Централъ тартибалде бачун букӏана республикаялда ругел киналго больницабазул травматологиялъул отделениязул хӏаракат; гьенир хӏалтӏулел хирургал унаан ишцоязе кумекалъе. Централда гӏуцӏун букӏана гӏелмиябгун методикияб хӏалтӏи ва тӏоритӏулаан экспериментал.

Нижер аслияб мурад буго унтарасе кумек гьаби. Рукӏана шагьараздагун районазда травматологиялъул отделениял, амма захӏматаб хӏалалде ккарав унтарав вачунаан Централде. Нагагь хехаб кумек хӏажалъаниян абун, нижеца гӏуцӏун букӏана хӏалбихьи бугел тохтурзабазул кӏиго къокъа. Къваригӏел ккарабго, республикаялъул бокьараб районалде яги шагьаралде ритӏулаан гьел. Чадрахъ гӏуцӏараб госпиталалда букӏана 70 чиясе кумек гьабизе рес. Хӏалтӏи гӏуцӏун букӏана рагъулабгун авлахъалъулаб хирургиялъул тӏалабазда рекъон. Нахъраталие толаан тохтурзабазул цоги къокъа – тӏабигӏияб яги техногеннияб балагь рещтӏаниян абун, — ин бицана Анварбегица.

Гьесул нухмалъиялда гъоркь хирургазул хехаб кумек щвана Махӏачхъалаялъул Пархоменкол къотӏноб, Каспийскиялда ва Буйнакскиялда ккарал терактазул хӏасилалда лъукъа- къотӏарал гӏадамазе. Хӏалтӏана гьел 1999 соналда халкъазда гьоркьосел террористаз нилъер республикаялде гьужум гьабураб заманалдаги. Бахӏарчияб хӏаракаталъухъ Анварбег мустахӏикълъана Дагъистаналъул Пачалихъияб Советалъулгун Халкъияб Собраниялъул ва ДРялъул хӏукуматалъул рахъаздаса Баркалаялъе. Гьесул каранда кенчӏана «Халкъазда гьоркьосел хъачагъал щущахъ риххизаруралдаса 20 сон» абураб юбилеялъулаб медальги.

Цӏияб хъулухъалда

2017 соналда Анварбег Хӏажиев тӏамуна ДРялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъ рагьараб «Центр антирабической помощи» абураб идараялъул нухмалъулевлъун. Гьениб кумек гьабула тӏуриялъ (бешенство) унтарал гӏадамазе. Гьенибго цӏунун букӏуна унтараб гьойца яги гӏалхул жанаваралъ хӏанчӏараб мехалда инсанасе гьабулеб КОКАВ абураб вакцинаги антирабияб иммуноглобулинги.

Дунялалъулго сахлъи цӏуниялъул гӏуцӏиялъул (ВОЗ) баяназда рекъон, тӏурул унтиялдалъун санайилго хола 59 азарго чи. Россиялда щибаб соналда кумек гьарун тохтурасухъе вачӏуна 400 азаргониги чи. Гьезда гьоркьоса 250 азаргоясе гьабизе ккола дару – прививка.

Ахираб 10 соналда жаниб Дагъистаналда цониги чи хвечӏо тӏурул унти сабаблъун. Антирабияб централде рачӏун рукӏана Карамахьиялдаса, Губденалдаса, Бабаюрталдаса, Гъизилюрталдаса, Сабнаваялдаса, Хасавюрталдаса ва цогидал бакӏаздаса хӏайваназ хӏанчӏун хадуб унтарал гӏадамал. Заманалда гьаруна гьезда уколал ва гьел сахго тӏадруссана рокъоре.

Эркенаб заманалда

Хӏалтӏудаса свакан тӏад вуссарав Анварбегие цӏакъ бокьула хурибгун ахикь хӏухьбахъизе. Гьес жинцаго чӏола гъутӏби ва тӏугьдул, вукӏуна гьезул тӏалабалда. Буго гьесул рекӏее хиралъараб цоги пиша: носоца бикӏун, берцинал цӏулал тӏагӏелал гьарула гьес. Хадуб сайгъаталъе кьола гьудул-гьалмагъзабазе.

Анварбегицаги лъади Хадижатицаги гӏумруялъул нухда тӏобитӏана ункъо лъимер. Гьезул цоял учительзабилъун рахъана, руго инженерал ва низам цӏунулел идарабазул хӏалтӏухъаби. Гьезул кӏудияб хъизамалда (17 сибтӏ ва гьезулги кӏиго лъимер) гӏадатлъун лъугьун буго байрамал цадахъ тӏоритӏи. Гьарзаяб тепсиялда нахъа татуял нигӏматаздаса кеп босулаго, гьез цоцазе бикьула рохелгун къварилъи