Шамил районалъул Хучада росулъе щведал, бегавул Жамалудинов Къурбан-Хӏусен ватана культураялъул рукъ балеб бакӏалда хӏалтӏулев. Мурад бициндал, росулъ цо свери бахъун лъикӏинги абун, гьес цадахъ вачана дун.

Чанго соналъ цевеги щун вукӏана Хучаде, амма гьаб нухалда гьеб хисун, цӏилъун батана. Гьев бегавуллъун хӏалтӏизе лъугьараб 2015 соналдаса нахъе гӏурал хӏалтӏаби гьарун ругоан росулъ.

— Тӏоцебе байбихьана росулъ санитарияб ахӏвал-хӏал лъикӏлъизабиялдаса, — ян бицана Жамалудиновас. — Хасаб къо чӏезабуна рищни-къул къватӏибе баччиялъе. Гӏатӏид гьабуна кверкьовул рукъ. Бана жамгӏияб хӏажатхана. Сверун къана росдал хабзалал. Къачӏана росулъе рачӏунелги, росулъ жанир ругелги нухал. Бана муршид Меселасул Мухӏамадил зиярат. Гьабсагӏаталда балеб буго культураялъул рукъ. Лъабго соналъ рагӏалде бахъинабизе кӏоларого букӏараб гьеб, исана тендерги бергьун, Культураялъул министерствоялдасан гӏарацги щун, бан лъугӏизабизе ракӏалда буго. Бищунго цӏакъ хӏалтӏул гӏемераб заман бахъана росдал ракьалъул гӏурхъи чӏезабулаго.

Росу кӏудияб гьечӏониги, кӏудияб росдадаса нахъе ккарал рукӏунаро Хучадаги гьаризе кколел хӏалтӏаби. Амма гӏарац биччала гӏадамазул къадаралде балагьун. Гьебин абуни ракӏалда ругелщинал хӏалтӏаби гьаризе гӏоларо. Руго кумек гьабулел гӏадамалги. Масала, кумек гьабула росдал медпункталъул нухмалъулев Мухӏамадов Билбулатица, жамагӏатчи Хӏажиясулов Гьитӏинамухӏамадица.

Хучадисезул буго цогидал росабазул гьечӏеб, 15 сон барал гӏолилал чӏахӏиязул кьерде рачин кӏодо гьабулеб байрам. Гьелда абула «Тӏохде рахинин» абун. Гьеб къоги тӏобитӏула щибаб санайил, ихдал. Тӏоритӏула спорталъул къецалги. Исана коронавирусалъул пандемиялда бан, гьеб тадбир тӏобитӏизе рес ккечӏо.

Хучадисел руго гьобол-гьудул хириял, къо ккедал цоцазе ратулел гӏадамал. Росулъ гьарулел хӏалтӏабазулъги гьел нахъе къан чӏоларо.

Гьаризе ругел хӏалтӏабазул гьикъидал, бегавулас абуна хӏажат бугин росулъ цӏияб хӏавузги бан лъим бачиналъул хӏалтӏабиги, байбихьараб культураялъул рукъги рагӏалде бахъинабизе ва ракьазул суал роцӏинабизе.