Бакътӏерхьул улкабазда бугелде ва гьениб къиматаблъун рикӏкӏунелде дир рекӏелъ рокьукълъи букӏаниги, дие къабулаблъун лъугьун буго гьениб дида бихьулеб ва нилъеца рахъ кквезе мустахӏикъаб цо хӏужа – доба хӏукумат хисаниги, бетӏерлъуде щив кканиги, хисизаричӏого хутӏула къватӏазда ва шагьаразда лъурал цӏарал. Большевиказухъе улка ккедал советияб Россиялда лъилъулареб унтилъун лъугьун буго цӏарал хисизари.
Дир пикруялда цо-цоял разилъичӏого рукӏинеги бегьула, амма ракӏалде ккола цӏиял вождал цӏвабигӏанги тӏадегӏан гьариялдаго цадахъ, хромалъул курткаби ретӏарал дол комиссаразул букӏанин цогидаб мурад – шагьаразул ва къватӏазул цӏаразулъ загьирлъулеб тарихияб ритӏухълъи гражданазул ракӏазулъа лъугӏизаби.
Байбихьи гьадин гьабуниги, гьебги гьоркьобе уна Сталинградалъул цӏар хисизабиялъул хӏакъалъулъ гьаниб бицине бугелде. Хӏурият бахъилалде цебе гьеб шагьаралда цӏар букӏана Царицын абун. Цинги советияб заманалда лъуна Иосиф Сталинил цӏар. Гьелдаса хадуб Никита Хрущёвас хисизабуна Волгоград абун.
Гьелъул хӏакъалъулъ гӏемер бицуна Бергьенлъиялъул юбилей кӏодо гьабулебщинаб соналъ. Ва гьелдалъун хабарги лъугӏула.
Букӏана нилъер Багӏараб Армия, вукӏана Тӏадегӏанав Бетӏерав командующий, юбилеялъулал кӏалъаяздацин гьанже цӏар рехсоларев. Гьеб буго гӏемерго гӏажаиблъи гьабизе ккараб хӏужаги.
Генштабалъул, Тӏадегӏанав Бетӏерав командующиясул, Оборонаялъул пачалихъияб комитеталъул председателасул, Совет Союзалъул нухмалъулесул ишал тӏуразарулев вукӏарав Иосиф Сталинил щибго гӏахьаллъи гьечӏогойищха фашистазул вермахт щущазабураб? Кинаб къуваталда бахчизе кӏолеб, Черчиллил рагӏабазда рекъон, «пуруцгун щвараб Россия атомалъулаб яргъидалъун хьезабун» бажарарав чиясул цӏар?
Гьанже тӏад руссинин Кӏудияб Ватӏанияб рагъул тарихалда жаниб бищунго вахӏшияблъун лъугьараб Сталинградалъул рагъул бициналде. Царицыналъул бакӏалда Сталинград лъей большевиказул гъалатӏ букӏун батилин тезеги бегьила. Амма Волгаялъул рагӏаллъабазда рагъул кор боркьараб заманалда, гьенир къеялъул зарал гӏемерго цӏикӏкӏараб букӏинаан, Москва тушманасухъе кьеялдасаги.
Гьеб шагьаралда лъун букӏана Сталинил цӏар. Гьанже гьеб цӏар цо кинабалиго къуваталъ къабихӏаблъун лъугьинабун буго. Амма доб заманалда Иосиф Виссарионович советияб халкъалъе вукӏана къадруявлъун ва гьеб божулаан Сталинил рагӏабаздаги гьесул ишаздаги. Гьебин абуни букӏана Сталинград цӏунун багъараб халкъ. Халкъалда лъалеб букӏана лъил цӏар лъураб шагьар рокьукъав тушманасдаса цӏунулеб бугебали. Гьайгьай, гьужумалъ унел лъицаниги тӏамулел рукӏинчӏо: «Ватӏаналъе гӏоло, Сталиние гӏоло!» – абун ахӏизе. Хвалде унев чиясда гьереси бицинабизе лъиданиги кӏоларо!
Бергьенлъиялъул 70 сонилаб юбилей кӏодо гьабулел къоязда рагъул ветеранас Волгоградалъул цӏар хисиялъул рахъалъ кьураб суалалъе Владимир Путиница гьадинаб жаваб кьуна: «Къануналда рекъон, гьеб буго Федерациялъул субъекталъул ва муниципалитеталъул иш. Шагьаралъул гӏадамаз, референдумги лъазабун, хӏукму гьабизе ккола», — ян.
«Дун Сталинградалъул рахъалда вуго», — ян жаваб кьуна ветеранасул суалалъе «Сталинградалъулаб рагъ» музей-заповедникалъул директор Алексей Васиница. – Волгоград гуреб, Сталинград лъала тӏолабго дунялалда. Нилъеца жакъа кинабго къуват кьолеб буго Кӏиабилеб дунялалъулаб рагъул бергьенлъи нилъер букӏараблъи дунялалдаго лъазабизе, гьебго заманалда нилъецаго свинабулебги буго гьелъул кӏодолъи, тӏадегӏанлъи. Тӏадежоялъе, Волгоградалъул цӏар хисизаби ветераназе бищунго лъикӏаб сайгъатлъунги лъугьина».
Алексей Васиница загьир гьабуна, гӏемерисезда лъалареб цо гьадинаб хӏужаги: «1961 соналда шагьаралъул цӏар хисизабиялъул хӏукмуялде гъорлъе раккани, баянлъула КПССалъул Сталинградалъулаб обкомалъул членаз инкар гьабураблъи гьеб документалда гъулбас гьабизе. Гьезда гьоркьоса кӏигояс гъулбас гьабуниги, гьеб хӏукму законияблъун лъугьунароан ва хисизабизе кколаан».
Гьединабго пикру загьир гьабулеб буго Гӏурусазул правослвияб килисаялъги (РПЦ). Гьелъул вакил Всеволод Чаплиница абун букӏана: «Сталинград» абураб рагӏиялъ гьанже гӏумру гьабулеб буго, Сталинил цӏаралдагицин хурхинчӏого. Гьеб хурхараблъун лъугьун буго тӏолабго дунялалдаго цӏар рагӏараб рагъулъ босараб бергьенлъиялда, нилъер тарихалъул цо бутӏаялда», — ян.
Буго «тарихалъул ритӏухълъи» абураб гъваридаб магӏнаялъул кӏиго рагӏи. Гьел рухьинаризе бегьуларо цо чиясул цӏаралда, гӏадамазул цо къукъаялда, яги цо кинаб букӏаниги партиялда. Тарихияб ритӏухълъиялъул гьаракь дунялалдаго рагӏизабизе ккола Ватӏаналъул букӏинеселъе гӏоло. Цӏар рагӏараб тарихалъул тӏанчазда чӏегӏераб тӏанкӏ лъезе биччазе бегьуларо.