8 октябралъул къалъудаса хадуб ДРялъул нухмалъулесул ишал тӏуразарулев Сергей Меликов дандчӏвана республикаялъул жамгӏиял хӏаракатчагӏигун, Харабазул советалъул вакилзабигун.

Харабазул советалъул нухмалъулев Гӏабдула Мухӏмадовас С. Меликовасе малъа-хъваял гьаруна гӏадамал хъулухъаздаса рахъизе гӏедегӏугейин, гьезул щивасул хӏалтӏи борцинчӏого.

Мухӏамадовас гьарана ДРялъул бетӏерасулгун хӏукуматалъул администрациялъул нухмалъулев Владимир Ивановги тейин гьеб хъулухъалда. «Дагъистаналъе цӏуне гьев, кивего виччаге», — ян абуна гьес.

Гьев гьоркьов къотӏизавуна залалда рукӏаразул хъатчӏваялъ.

Блогер Булач Чӏанкӏалаевас гьарана Гьоор-Хьиндахъа вацал Хӏасанхӏусенгун Наби Хӏасанхӏусеновал чӏваялъул цӏех-рех рагӏалде бахъинабизе кумек гьабеян.

Сергей Меликовас абуна гьеб бугин Дагъистаналдаго лъураб ругъун. Гьелда бан щиб бугониги гьабилин абун рагӏи кьезе гьечӏин жинца, амма кутакалда гӏемераб заман анин гьелдаса нахъе ва нилъеца гьеб ругъун сах гьабизеги кколин.

Гьединго Чӏанкӏалаевас Сергей Меликовасул кӏвар буссинабуна Махӏачхъалаялда тӏокӏалъ чӏечӏого борхулеб кӏиго суалалдеги – къун унеб бугеб Ак-Гель хӏорги, зама- заманалдасан цӏаги лъун, бухӏун лъугӏизабулеб бугеб Эльтавалъул рохьги цӏунизе ккеялъул.

Данделъиялда борхана цо-цо хӏакимзабазул гӏайибалдалъун пайда босизе бажаричӏого Москваялде чанцӏулго нахъбуссинабураб федералияб гӏарцул суалги – 9-10 млрд гъурущ кколин гьебиланги абуна.

Сергей Меликовас бицана гьеб кинабго хӏисабалде босизе бугин ва чӏванкъотӏараб хӏукмуги къотӏилин.

Исана сентябралда тӏоритӏарал рищиязда халкъалда лъазего лъаларел чагӏи бергьараблъиги бицана данделъиялда. Меликовасги абуна халкъалда лъалел чагӏи рукӏине кколин депутаталлъунилан.

РФялъул Конституциялда гьарурал хиса-басиязда тӏасан хабар ккедал, гьелги рагӏа-ракьанде щун гӏадамазда ричӏчӏизарун рукӏинчӏин кӏалъана С. Меликов.