Динцоял ва дин батӏиял Аллагьасул лагъзал

Дагьаб цебегӏан Махӏачхъалаялда рагӏалде бахъана диназда гьоркьосеб гӏолилазул форум. Гьелда гӏахьаллъана Россиялъул регионаздаса ва къватӏисел пачалихъаздаса батӏи-батӏиял диназул кинавниги 70 вакил.

Форум араб куцалъул бицана 2 октябралда «Дагъистан» РИАялъул редакциялда тӏобитӏараб пресс-конференциялда.

Республикаялъул миллияб политикаялъул ва диназул суалазул рахъалъ министр Энрик Муслимовги муфтиясул заместитель Мухӏамад Майрановги рачӏун рукӏана журналисталгун дандчӏвазе. Гьединго гьенир гӏахьаллъана жугьутӏазул жамгӏияб цолъиялъул вакил Расим Шалумовги Махӏачхъалаялда бугеб насранияб килисаялъул секретарь, иерей Виталий Тарасовги.

Энрик Муслимовасул рагӏабазда рекъон, анкьабилеб нухалъги республикаялда тӏобитӏулеб гьеб данделъи исана гӏажаибго берцинго ана.

Россиялдаса ва цогидал улкабаздаса батӏи-батӏияб диналъул вакилзабилъун кколел гӏолохъаби рачӏун рукӏана гьенире. Пандемиялъул хӏалуцин жеги гӏодоцун гьечӏелъул, гӏахьаллъизе бокьаразул къадар исана дагь гьабизе ккун буго министерствоялъ. Гьединлъидал 70-гӏанасев чи гурони вачӏине бегьун гьечӏо. Амма чагӏи дагьал рукӏиналъул цо пайдаги ккун буго. Ракӏ рагьун, эркенго кинавго чи цоцада кӏалъазе цӏакъ санагӏалъи букӏана исана.

«Чӏагояб эфиралдаса форумалъулгун бухьен гьабурал дунялалдасаго экспертаз цӏакъ кӏудияб къимат кьуна исана тӏобитӏараб тадбиралъе. Хасго ракӏалда чӏана форумалъе модераторлъи гьабурай Анна Беликовалъ абурал рагӏаби. Гьадин кӏудияб даражаялда тӏобитӏараб цоги форум жинда ракӏалда гьечӏин, гьалъул хӏалбихьиялдаса пайда босизе рекъараб бугин дунялалда тӏоритӏулел цогидал форумазгиян абуна гьелъ.

Дир хӏисабалда, аслияб жолъун исана ккана гӏолохъабазул букӏараб чӏаголъи. Цогидаб диналъул аслаби, кьучӏ, гьелъул хаслъи ва гӏадатал, тарих лъазабизе, гьелъул адаб гьабизе гьезие бокьун букӏин бихьулеб букӏана. Гьелъ киналго рохизеги гьаруна», — ян абуна Энрик Муслимовас.

Гьесулго рагӏаби тасдикъ гьарун кӏалъана муфтиясул заместитель М. Майрановги. Жиндир дин бищун цӏакъабги тӏадегӏанабги бугин чи чӏезе бегьуларин, цогидал конфессиязулги адаб букӏине кколин, гьеб рахъ исанасеб форумалда цӏакъ берцинго анин бицана гьес.

Иудеязул вакил Р. Шалумовги цӏакъ разиго вугоан форумалдаса. Форумалъе лъикӏаб къимат кьун кӏалъана, Махӏачхъалаялъул иерей В. Тарасовги.