Гьелъухъ гӏенеккаразул ракӏал хӏеккуна. Гьелъул гьаркьихъе щивасул ракӏ гӏодула. Къваридаб къисматалъул къасидатаз бищун хириязухъ тӏолеб магӏуги бигьалъизабула. Гьединай йиго Чӏарада районалъул Багинуб росулъа Фатима Гӏисаева. Гьелъул рекӏелъа чваххулел пашманал нашидал рагӏичӏев чи къанагӏат гурони ватиларо магӏарулазда гьоркьов. «Эбелалъухъ чӏалгӏун йиго дун» абураб нашид гьелъ ахӏулелъул гӏодуларей чӏужугӏаданго ятиларо.

Гьитӏинго эбелалъул хинлъигун рокьудаса махӏрумлъарай Фатимаца къварилъи нашидазде чучула. Яцаллъунги гьелъие жиндирго гӏадаб къисматалъул руччаби лъугьана. Аллагьасе рецц гьабун, Аварагасде свалат битӏун магӏарул, гӏурус, ингилис, гӏараб ва чачан мацӏазда берцинаб гьаркьидалъун нашидал ахӏула гьелъ.

Махлукъат хирияв

халкъалъул устар,

Малъе дийги дару

дунял рихунеб.

Гӏалам сах гьабулев

динияв тӏабиб,

Тӏерен гьабе дирги

биццалъараб ракӏ.

Гьедин байбихьулеб буго Сагӏид- афандиясул хӏакъалъулъ Гӏумахан Гӏумахановас хъвараб назмуялъул рагӏабазда Фатима Гӏисаевалъ ахӏулеб цӏияб нашидги. Гьелъул гӏемерисел нашидал руго пашманал. Гьелъие гӏиллаги — къваридаб къисматалъ гьелъул рекӏелъ тараб «ругъун».

Цӏадул балагьалъ

гӏумруялдаго лъалкӏ тана

Гӏурус ракьалда, Тверь областалда фермеразулаб магӏишаталда букӏана Фатимал хъизам. Цо балагьаб лъугьа-бахъиналдаса хадуб хисана талихӏаблъун букӏараб гӏумру. Эмен Хӏусеницаги эбел Чакарицаги данде гьабураб магӏишатги минаги цо къоялъ цӏаги ккун бухӏана. Цӏа ккедал рокъор рукӏана Фатимаги гьелъул гьитӏинав вацги. Фатима хвасар гьайизе кӏвана. Гьелъул гьитӏинав вац цӏадул балагьалдаса ворчӏичӏо. Талихӏ ккана, гьезул кӏудияв вас гьеб заманалда кӏодоэбелалда аскӏов росулъ вукӏинги.

Цо лахӏзаталда жаниб Фатимал хъизамалъул кинабго магӏишатги гӏумруялде гъираги тӏагӏана. Минаги магӏишатги бухӏун чара хвараб хъизам Дагъистаналде тӏад буссана ва Шамхал поселокалда гӏумру гьабун чӏана. Гьеб балагьалъ Фатимал эбел Чакарил рекӏелъ цӏа бакана, чохьол лъимер берда цебе бухӏарай эбелалъул ракӏ тӏокӏаб цӏилъичӏо. Хварав вацасул цӏар лъезе жийго хванигицин вас гьавичӏого йикӏунарин абун, кигӏан унтун йигониги, цоги лъимер гьабуна. Гьелъ абухъеги ккана. Лъагӏалидаса гьелъ вас гьавуна, гьесда хварав вацасул цӏарги лъуна. Чакарил сахлъи лъикӏаб букӏинчӏо, гьуърул унтарал рукӏана, тохтурзабазги лъазабун букӏана гьелда лъимер гьабизе бегьуларин абун. Чакарица, жийго кигӏан загӏипго йигониги гьел малъа-хъваязухъ гӏинтӏамичӏо. Васасе микьго моцӏ гурони букӏинчӏо гьей къадаралде щвараб мехалда.

Хвалда цееги цохӏо йигей ясги каранде къан чӏана Чакар, жий цадахъ йикӏине гьечӏел сонал гьеб лахӏзаталъ жанире рачунел кинигин.

Микьго сон барай Фатимада доб мехалда жиндирго гӏумруялъул нухда дандчӏвалел къварилъабазул бакӏлъи тӏубанго бичӏчӏулеб букӏинчӏо. Кӏудияй гӏунагӏан, заман анагӏан захӏмалъана гьелъие эбел ками. Жидерго ясалде гӏадаб рокьигун ва бербалагьигун хьихьана гьей имгӏаласул лъади Патӏиматица ва инсуца хадуй ячарай лъади Шакиратица.

Эбел хун хадуб Цӏуриб гӏумру гьабун вугев имгӏалас жидехъего ячана Фатима. Имгӏаласул лъади Патӏиматица жиндирго яслъун рикӏкӏуна жакъа къоялъги Фатима. Кӏиабилеб класс лъугӏизегӏан Цӏуриб школалда цӏалана гьей. Лъагӏалидаса инсуца лъади ячун йигин рагӏана. Гьитӏинай Фатима цӏакъ йохана гьелъулги яс йигин бицунеб рагӏидал. Жиндир ракӏ гъезе яцги щванин абун йохарай гьей имгӏаласул бакӏалда тӏокӏалъ чӏезайизе кӏвечӏо. Унго-унгоги яцалъул бакӏалда йикӏана гьелъие мунагьал чураяй Сагӏдият. Къисматалъ кьурайго гӏадин гӏажалалъ нахъеги ячун ана гьелъул яцлъун лъугьарай яс. Жиндирго ясалдаса батӏа гьайичӏого тарбияги кьуна гьелъие Шакиратица. Эбелалъулаб недегьлъигун малъана гьелъ Фатимада кинабго лъикӏабщинабги квешлъиялдаса цӏунизе кколеб куцги. Гьелъги батила эбелилан гуреб цӏар абуларо гьелда Фатимаца. Гьелъ гьавурав гьитӏинав вацги вуго Фатимал. Гьелъие сайгъат гьабун ахӏулеб нашидалъулъги гьелъ кьураб тарбиялъухъ ва гӏакълуялъухъ баркала кьолеб буго Фатимаца. Кидаго лъикӏаб дугӏадулъги эбел Шакиратил цӏар рехсола гьелъ.

Дур гьаракь дий гьоцӏолъун

Гьинал рекӏелъ бессула,

Дур калам дий дугӏалъун

Гӏундузулъ рукъ ккун чӏола.

Бер бахилаб, хъантӏараб,

Хивалал мекъса ккараб,

Карим разилъулареб

Гӏумруялде нух къана.

Рекӏее парахалъи

нашидазулъ батана

Кечӏ-бакъаналъе школалдасанго гьунар букӏаниги, Фатимада лъалаан чӏужугӏаданалъ кечӏ ахӏи — халкъалда гьоркьоб беццараб пиша гьечӏолъи. Кочӏохъабазухъ гӏенекканиги, гьезда нахъаса рагӏи абулелги камуларелъул. Гьеб кинабго бихьулаан ва бичӏчӏулаан Фатимадаги. Кечӏ ахӏичӏониги, гьелъ жиндирго берцинаб гьаракь хӏалтӏизабулаан мавлидал ахӏулелъул, зикру бачунелъул, Къуръан цӏалулелъул.

Фатимада ракӏалдего кколароан жий нашидал ахӏиялдалъун машгьурлъилин. Школа лъугӏидал росасеги ун, цӏакъ къваридаб ва ракӏбохи гьечӏеб яшавалда йикӏана гьей. Гьаюрабго инсуца кьураб Зарема абураб цӏарги, росасе индал, Фатимаян хисана, ретӏана хӏижабги, цӏалана Къуръанги. Хадуб лъабго соналъ мадрасаялда ясазда Къуръан цӏализе малъана. Къуръан цӏализе цогидазда малъулелъул ва лъале-хъвалезда гьоркьоб мавлидал ахӏулелъул рекӏее парахалъиги щолаан.

Гьитӏинго захӏмалъаби дандчӏваниги, ракӏ аваданай, букӏинеселде лъикӏал хьулазул цӏурай Фатимал гӏумру дагь-дагьккун бецӏлъулеб букӏана. Ригьналъ талихӏ къаниги, хъизан биххизабизе хӏинкъун чӏолаан Фатима. Инсул рокъое тӏад юссун хадуйги, эбелалъулаб ракӏбухӏигун Шакиратица кверчӏвай гьабуна гьелда, гьелъул рекӏел «ругънал» сах гьаризе хӏаракат бахъана.

Ригьнада кьечӏеб талихӏги лъимерлъиялъул ракӏалде щвеялги пашманал нашидазулъ лъуна гьелъ. Битӏккечӏеб ригьнадаса хадуй, рухӏгӏан хирияв васгун жийго хутӏидал, гьелъ ургъелгун пашманлъи къинабулаан гьоркьоса къотӏичӏого хӏалтӏун. Гьелъ батила гьелъул гӏемерисел нашидалги къваридал, пашманлъиялъул цӏурал ругел. Хӏалтӏуда гъорлъ йосанагӏан гӏумруялъул кьогӏлъиги кӏочона. Гьей къаси-къаси «Маидат» исламияб рестораналда хӏалтӏулаан, къадин абуни мадрасаялда Къуръан цӏалиялъул дарсал малъулаан. Цохӏо вугев вас Хӏабибулагьие тарбия кьолелъулги гьелъ лъикӏлъиялъул дарсазде цӏикӏкӏун кӏвар кьолаан.

Къварилъиялдаса хадуб

гӏатӏилъи камуларо

Гӏадамазул рекӏее парахалъи сайгъат гьабулел нашидал ахӏизеги гьелъ ракӏалдаго гьечӏого байбихьана. Мавлидал ахӏулелъулги гьелъул гьаракь сверухъ ругезе цӏакъ рекӏее гӏолаан. Профессионалияб къагӏидаялъ нашидал ахӏизе бокьилин ракӏалде ккараб пикру гьелъ хехго гӏумруялде бахъинабуна. Рекӏелъ бугеб хӏинкъиги нахъе цун, ахӏана тӏоцебесеб нашид. Гьелъулъ батана Фатимае рохелги хинлъиги. Гьале кӏиго соналда жаниб Фатимал нашидазул лъабго концерт тӏобитӏана.

Къисматалъ мугъ рехаразе «ракӏ батизе» кумекалъе «Фатима Гӏисаевалъ лъикӏлъи сайгъат гьабула» абураб гурхӏел-рахӏмуялъул проектги гӏуцӏун, нашидал ахӏула гьелъ, рес къотӏаразе гӏарац бакӏарун кумекги гьабула. Инстаграм ва цогидал социалиял гьинал гьоркьорккун хӏажатазе кумек гьабизеги гьей чӏухӏуларо.

Фатима Гӏисаевалъ хӏаракат бахъула щивав чиясул рекӏелъе нух батулел, магӏна гъваридал нашидал ахӏизе. Фатималгун ургъел бикьизе байбихьана гьейго гӏадин къисматалъ къварид гьарурал магӏарул руччабаз. Эбелалде чучулеб ургъелги инсуде бикьулеб къварилъиги — гьел тӏокӏалъ тӏадруссунареб абадияб дунялалде индал кочӏол мухъазе бикьула гьезул гӏагарлъиялъ. Фатимацаян абуни гьел мухъал рекъезарун нашидал ахӏун къваридал ва унтарал ракӏал сах гьарула. Бахӏаразе — рохалилал, дунявиял ва диниял насихӏатал гьарурал нашидал сайгъат гьарула. Гьел цӏияб гӏумруялде нуха регӏула лъикӏаб дугӏагун ва насихӏатгун.

Цӏияб хъизамалъулъ батана талихӏ

Къадруяй, жиндирго къимат гьабизе лъалей чӏужугӏадан сверухъ ругезги кӏодо гьаюла. Щиб кканиги, Фатимаца хӏаракат бахъулаан жиндирго намусги къадруги цӏунизе.

Творчествоялде машгъуллъун йикӏарай гьелъие талихӏалъул бакъ гвангъана. Цӏияб ригьналъ батана талихӏ. Гьелъул рос Шамилилги руго васги ясги. Цебе цохӏо лъимер букӏун батани, гьанже лъабго бугин абула Фатимаца. Гьабсагӏаталда гьей гӏумру гьабулей йиго росасул ватӏан — Хьаргаби районалда.