2020 соналъул 24 сентябралда ДРялъул Халкъияб Собраниялъул данделъиялда кӏалъалаго, ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместитель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас абуна: «Дагъистаналъул экономикаялда аслияб бутӏа ккола агропромышленнияб комплексалъ (АПК) – гьелъул цебетӏеялда бараб буго росабалъ гӏумру гьабулел гӏемерисел дагъистаниязул», — ан.
Гьаб макъалаялда бокьун буго «Мелиорация – Дагъистаналъул АПК цебетӏезабиялъул стратегияб рахъ» абураб темаялда гьабураб Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасул кӏалъаялдаса аслиял бутӏабазул баянал кьезе.
Гӏаммал баянал
Республикаялда росдал магӏишат цебетӏеялъе руго захӏматал тӏабигӏиял шартӏал: бекьулеб ракьул 75 процент буго ракъдаллъиялда, 16 процент – цӏадал къанагӏатаб ва лъалъазе кколеб ракьул ва гӏицӏго ичӏго процент – дагьа-макъабниги тӏабигӏияб регьел щолеб ракь. Гьебго заманалда, Дагъистан буго лъел рахъалъ бечедаб бакӏ. Гьединлъидал республикаялъул росдал магӏишат цебетӏезабиялъе цӏакъ санагӏатаб иш ккола мелиорация. Гьабсагӏаталда республикаялда ракьал лъалъазе санайил хӏалтӏизабула цо миллиардгун микьго миллионалдаса цӏикӏкӏун кубометр лъел.
Россиялъул лъалъалел ракьазул гӏаммаб хӏисаб гьабидал, Дагъистаналъ ккола 8,5 процент, СКФОялда ругезул – 40,2 процент. Мелиорациялъул кумекалдалъун хӏалтӏизабула республикаялъул росдал магӏишаталъул ракьул 395,6 азарго гектар, гьезда гьоркьоса 65 процент ккола бекьулеб ракь (Россиялда – гӏицӏго микьго процент). Республикаялъул росдал магӏишаталъул ракьул гӏицӏго 12 процентлъун ккола лъалъалеб ракь, амма гьенир хӏадурула хурухъанлъиялъул нигӏматазул 70 проценталдасаги цӏикӏкӏун (гӏарцул хӏисаб гьабун, гьеб ккола 45 миллиардгӏанасеб гъурущ).
Салул гьужум
Ракьал лъалъазе къваригӏунел каналал Дагъистаналда рана араб гӏасруялъул 50-60-абилел соназда. Рана гьел, инженериял роценалги хӏисабалде росичӏого. Гьезул гӏемерисел гьабсагӏаталда бакӏ-бакӏаздаса риххун ун руго, гьединлъидал, проекталда бихьизабуралде данде ккун, 50-60 проценталъ дагьлъун буго гьезул пайда. Каналазда рукӏине кколел гидротехникиял алаталги, нормативазде данде ккун, лъабго нухалъ дагьал руго. Гьелъие гӏилла — араб гӏасруялъул 90-абилел соназдаса байбихьун, лъалъалел ракьазе биччалеб букӏараб гӏарцул къадар гӏезегӏанго мукъсанлъи.
Хӏинкъараб хӏалалде ккун буго Гъизляралъул мучӏдузулги Чӏегӏер ракьазулги (1519 азарго га) экологияб ахӏвал-хӏал. Гьениб хасало хьихьула кӏигогун бащдаб миллион бетӏер гӏиял. Рехсарал ракьазул 90 процент чӏунтун руго ва гьабсагӏаталда 70 азаргоялдаса цӏикӏкӏун гектар сверулеб буго салул авлахъалде. Хӏажат буго гьеб масъалаялдеги кӏвар кьезе ва ракьаздаса гӏакъилго пайда босизе.
Масъалаби тӏуразаризе ресал
2014 соналда къабул гьаруна «2014-2020 соназда Россиялъул росдал магӏишаталъул ракьазул мелиорациялъул цебетӏей» ва «2012-2020 соназда Россиялъул Федерациялъул лъелгун магӏишатияб комплекс цебетӏезаби» абурал федералиял программаби. Гьел хӏалтӏизариялъул хӏасилалда дагьабго лъикӏлъана бицен гьабулел ракьазда бугеб ахӏвал- хӏалги.
Рехсарал программабазул кьучӏалда ва «АПКялъул нигӏматазул экспорт» абураб федералияб проекталда рекъон чӏезаруна мелиоративияб комплексалъе пачалихъияб кумек гьабулел тадбирал. Гьел ккола:
— магӏишатазда гьоркьосел каналал цӏигьари;
— ихдал цӏадал цӏикӏкӏиналъул хӏасилалда щварал гӏораз каналазул рахъал риххизарунгутӏиялъе ва росдал магӏишаталъул ракьалгун росаби лъелъ гъанкъунгутӏиялде данде тадбирал гӏуцӏи;
— субсидиялги кьун, росдал магӏишаталъул кооперативазегун предприятиязе кумек гьаби: магӏишатазда жанисел каналал раялъухъ, къачӏаялъухъ, цӏи гьариялъухъ ва техникиял алатаздалъун хьезариялъухъ 70 процент; чӏунталиде ккарал ракьазда агролесомелиоративиял, фитомелиоративиял, ай ракь цӏилъулел тадбирал гӏуцӏаралъухъ — 90 процент; рехун тарал ракьал цӏидасан хӏалтӏизаризе байбихьиялъул мурадалда лъалъазе санагӏатал бакӏал цӏуладасагун чӏахӏ-къулалдаса, ганчӏаздаса ва цогидал жалаздаса эркенги гьарун, гьенибе сали-ракь баччун, гьеб бухъун-бегун, хурзал гьариялде харж гьабураб гӏарцул – 90 проценталъ; мучӏдузда артезиан бухъиялъухъ араб гӏарцул — 70 проценталъ.
Ахирал соназда регионалда гӏураб хӏалтӏи гьабуна мелиоративияб комплекс нормативазде рекъонккезабиялъул мурадалда. Пачалихъияб кумекалдалъун, ахираб щуго соналда жаниб росдал магӏишаталъул нухмалъулез рана ва къачӏана магӏишатазда жанисел каналал – гьезул лъеца лъалъала 69,33 азарго гектар ракьул; 35,33 азаргоялдаса цӏикӏкӏун гектаралда цӏи гьаруна ва рана пиринчӏ бекьулел чекал.
Салул авлахъалде сверунгутӏиялъул мурадалда 10,25 азарго гектаралда гӏуцӏана фитомелиоративиял тадбирал 8653 гектаралда гьабуна культуриябгун техникияб хӏалтӏи. Гъоркьиса мучӏдузда бухъана анлъго артезианалъул гъуйги.
Гьединал хӏасилазе квербакъана аслияб къагӏидаялда пачалихъияб кумекалъ. Ахираб 30 соналда жаниб тӏоцебесеб нухалда гъоркьиса республикаялъул бюджеталдаса мелиорациялъе кьун букӏана 500 млн гъурущ. Гьеб гӏарцухъ гьарурал тадбиразул хӏасилалда рекъон, кӏиго- лъабго соналдаса гьел ракьаз кьезе буго лъикӏаб бачӏинги. Пачалихъияб кумек щвана 178 магӏишаталъе — гьел ккола пиринчӏ бекьизе цӏиял ракьал хӏалтӏизарурал Гъизляр ва Тарумовка районазул ракьал.
Гъоркьиса 21 азарго гектаралдаса бакӏарана 95,2 азарго тонна пиринчӏалъул. Масала, 1987 соналда бакӏарун букӏана 89 азарго тонна. Тӏоцебесеб нухалда къватӏибе битӏана пиринчӏалъул 1,2 азарго тонна.
Инвестициял ва гьезул хӏасил
2019 соналда мелиорациялде кьуна инвестициязул гӏарцул кӏиго миллиардгун микьго млн гъурущ: цогун бащдаб млрд гъурущ — ДРялъул Росдал магӏишаталъулгун кванил нигӏматазул министерствоялъ (282 млн гъурущ федералияб ва 500 млн гъурущ республикаялъул бюджетаздасаги ва росдал магӏишаталъул нигӏматал хӏадуриялде — 771 млн гъурущ) ва «ДРялъул Мелиорациялъулгун лъел магӏишатазул министерство» абураб ФГБУялъул рахъалдаса — цо миллиардгун лъабнусго млн гъурущ.
Исана мелиоративияб комплексалъе ДРялъул Росдал магӏишаталъулгун кванил нигӏматазул министерствоялдаса кьезе буго 550 млн гъурущ. Гьезухъ республикаялъул росдал магӏишаталъул нигӏматал хӏадурулел предприятиязе бецӏизе буго мелиоративиял хӏалтӏабазухъ гьез харж гьабураб гӏарац: 5860 гектаралда рана ва цӏигьаруна каналал, росдал магӏишаталъе цӏунана 3000 гектар, 4000 гектаралда гьаруна фитомелиоративиял тадбирал, 700 гектаралда хӏалтӏизаруна сурсатал цӏунулел технологиял.
Гидромелиоративияб хӏалтӏи цӏи гьабулеб буго «ДРялъул Минмелиоводхоз» абураб ФГБУялъги. Хӏалтӏизарулел руго гьелъул мурадалда федералиял программабиги. Къачӏан бахъунеб буго Сардапкенталъул лъим бикьулеб пункт. Гьелдалъун Сулейман-Стальск районалъул Карчагъ авлахъалде чвахизе буго лъим. Гьелдалъун рес щвезе буго ток тӏокӏлъизабизеги лъалъалеб ракьул 2500 гектар хӏалтӏизабизеги. Байбихьун буго ахал гӏезариялъул проект гӏумруялде бахъинабизеги. Жакъа къоялде 120 гектаралда чӏун руго пихъил гъутӏби.
Хинлъиялъул хӏинкъи
Гидрометеорологиялъул хъулухъалъул Дагъистаналъул централъул баяназда рекъон, ахираб 40 соналда жаниб 30 проценталъ дагьлъана Северияб Кавказалъул мугӏрузда бугеб цӏер; ахираб 5-10 соналда жаниб 0,3-0,5 градусалъ багӏарана Дагъистаналда гьава-бакъ ва 15-30 проценталъ дагьлана ралел цӏадазул къадарги.
Советияб заманалда хӏалтӏизабулаан цӏадхӏалаб заманалда ва ихдал гӏазу-цӏер биараб мехалда лъим данде гьабиялъул къагӏида (ирригация). Гьелъ лъалъалаан ракьалги. Советияб улка биххаралдаса нахъе ирригациялъул объектазе техникияб хъулухъ гьабичӏо ва гьел рехунго тана.
Гьабсагӏаталда республикаялда буго 33 ирригациялъулаб хӏор: 23 – магӏишатазда гьоркьосеб ва 10 – пуланаб магӏишаталъул балансалда бугеб. Гьезул цо-цоял ран руго дагьалъ цере, гьанжезаманалъул технологиязул кьучӏалда. 33 хӏориниб данде бакӏаризе бегьула 94 млн лъел кубометр ва гьелъ лъалъазе рес щола 10 азаргоялдаса цӏикӏкӏун гектар. Гьоркьоса къотӏичӏого ракьал лъалъазе гьеб лъим гӏоларо. Гьединлъидал Югалъулаб Дагъистаналда 2012 соналдаса нахъе балеб буго Шурдере абураб ва 50 млн кубометра унеб лъел хӏор. Гьеб цӏезабизе буго Самур гӏурул лъиналъ. Гьелъ рес кьезе буго тӏолабго лъагӏелалъ 25 азаргоялдаса цӏикӏкӏун гектар лъалъазе. Шурдере хӏоралда сверухъ щунусгогӏанасеб гектаралда гьанжеялдего чӏун буго цӏолбол гъабуги.