Цӏикӏкӏараб гӏелалъул гӏадамазда, хасго педагогазда ракӏалда ватила Буйнакскиялъул педагогикияб училищеялда авар мацӏалъул дарсал кьолев вукӏарав Мухӏамад Гӏабдулаев. Гьев гьавуна 1924 соналда Цӏумада районалъул Лъондода росулъ. Анкьго класс росдал школалда лъугӏизабурав гьев Кӏванада байбихьул школалде учительлъун хӏалтӏизе витӏана.
Рагъул соназда росулъ 8-9 классалги къан, анкьго класс лъугӏизабурал гӏолилал районалъул росабалъе учительзабилъун хӏалтӏизе ритӏун рукӏана.
Кӏванада росдал школалда хӏалтӏул хӏалбихьи щварав М. Гӏабдулаев Лъондоде хӏалтӏизе вачана, цинги тӏамуна Гьигьалъ байбихьул школалъул заведующийлъун, Лъондода росдал анкьгосонилаб школалъул директорлъун.
Лъимерлъудасаго инвалид вукӏана Гӏабдулагьил Мухӏамад. Гьедин бугониги, гьев цӏализе лъугьана Буйнакскиялъул педагогикияб училищеялде. Гьесие бигьаго букӏинчӏо рорхатал мугӏрузда, рикӏкӏада бугеб районалдаса шагьаралде цӏализе ине. Амма сундухъго балагьичӏого, 1950 соналда гьес бергьенлъиялда лъугӏизабуна Буйнакскиялъул педагогикияб училище ва цӏализе лъугьана Дагъистаналъул учительзабазул институталъул филологияб факультеталде. Гьенив лъикӏ цӏалулев М. Гӏабдулаевасе щолаан Кировасулаб стипендияги.
Лъикӏал къиматазда институт лъугӏизабурав Лъондодаса гӏолохъанчи ДАССРалъул Халкъияб лъай кьеялъул министерствоялъ витӏана Буйнакскиялъул руччабазул педагогикияб училищеялде авар мацӏалъул преподавательлъун хӏалтӏизе.
Гьениб рагьана гьесул творческияб бажари буголъи ва гӏелмияб пагьму. Гьесухъа бажарана гьенире цӏализе лъугьунезул къабул гьариялъул экзаменал, районазде ун, гьенирго росизе рес букӏунеб хӏалалда, пайдаяб иш гьабизе.
Араб гӏасруялъул 50-60-абилел соназда мугӏрузул районаздаса ясал дагьал гурони цӏализе гьоркьохъел ва тӏадегӏанал цӏалул идарабазде лъугьунел рукӏинчӏо. Чан нухалъдай М. Гӏабдулаевас гьарун, цӏалун эбел-эмен разилъизарурал жидерго ясал Буйнакскиялъул руччабазул педагогикияб училищеялде цӏализе ритӏизе.
Байбихьуда Буйнакскиялда, хадуб Избербашалда гьев хӏалтӏараб 25 соналда жаниб гьеб цӏалул идараялъ хӏадур гьавуна гьоркьохъеб педагогикияб лъаялъул аза-азар учитель.
Педагог хӏисабалда М. Гӏабдулаев вукӏана тӏалаб бугев, кьварараб хӏалалда хӏалтӏулев чи. Бицунаан, тӏехьалде валагьичӏого, гьесда рекӏехъе лъалаанин диктанталъул текст ва гьедин цӏалдохъабаздаги хъвазабулаанин. Зама-заманалдасан педагогас хӏадурун, къватӏире риччалаан учительзабазе ва педучилищеязул преподавательзабазе цӏалул тӏахьал.
1964 соналда гьес лъугӏизабуна В. И. Ленинил цӏаралда бугеб Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул филологияб факультет.
Филологиял гӏелмабазул кандидатал Зайнулгӏабид Къурбановасда ва Мухӏамад Муртазагӏалиевасда цадахъ М. Гӏабдулаевас хӏадур гьабуна ва басмаялда бахъана «Авар мацӏалъул орфографиялъул словарь». Гьев ккола авар школазе къватӏире риччарал цӏалул тӏахьазул авторги. Авар мацӏалда тӏад хӏалтӏарал гӏалимзаби, мунагьал чураял Шигьабудин Микагӏиловасда, Якъуб Сулеймановасда, Гульжагьан Мадиевалда ва Мухӏамад Муртазагӏалиевасда цадахъ хӏалтӏун, хӏадур гьаруна ва басмаялда рахъана байбихьул школалъул киналго классазул, педагогикиял училищабазул авар мацӏалъул учительзабазе кумекалъе цӏалул тӏахьал, программаби, методикиял пособиял.
Школазул ва педагогикиял училищабазул цӏалдохъабаз, ДГУялъул Дагъистаналъулал мацӏазул отделениялъул студентаз, авар мацӏалъул учительзабаз, жидерго рахьдал мацӏ бокьулез ва цӏунулез цӏикӏкӏараб гъираялда къабул гьабуна Гӏабдулаевасул «Меседил мугьал» тӏехьги.
Араб гӏасруялъул 70-абилел соназда Мухӏамад хӏалтӏана Гъизилюрт районалъул Комсомольское росдал школалъул директорасул цӏалул рахъалъ заместительлъунги.
Гӏун бачӏунеб гӏелалъе гъваридаб лъай ва лъикӏаб тарбия кьеялъулъ росарал чӏахӏиял хӏасилазе гӏоло 1966 соналда ДАССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул указалдалъун М. Гӏабдулаевасе кьуна «ДАССРалъул школазул мустахӏикъав учитель» абураб хӏурматияб цӏар. 1970 соналда мустахӏикълъана «Къадруяб захӏматалъе гӏоло» медалалъе. 1983 соналда РСФСРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул указалда рекъон, педагогикияб хӏалтӏулъ росарал бергьенлъабазухъ Мухӏамадие щвана «РСФСРалъул школазул мустахӏикъав учитель» абураб цӏарги.
Инсул нухдасанги ун, педагогасул махщел тӏаса бищана Мухӏамад Гӏабдулаевасул ясал Хӏабсатица ва Патӏинаца, вас Гӏабдулагь ккола минаби ралев чи.
Тохлъукьегояб хвелалъ Гӏабдулаев Мухӏамад нилъер кьеразулъа ватӏа гьавуна, амма нилъгун руго гьес нахъе тарал лъикӏал ишал, гьес тарбияги лъайги кьун гӏезарурал кӏиго-лъабго гӏелалъул цӏалдохъаби. Гьесул цӏар лъун буго Гъизилюрт районалъул Комсомольское росдал цо къватӏалдаги.