Расалъаби тӏугьдуз, тӏогьал гӏаздал цӏураб ихдалил къоялъ лъай-хъвай ккана дир Гӏиса Шарапудиновасулгун. Тележурналистка Хатимат Мухӏамадовалъ гӏуцӏараб гӏолохъанал шагӏирзабазул данделъи тӏобитӏулеб мех букӏана доб.

— Гӏисаги вачӏунев вихьула, — ян Малачиева Гӏайшатица абидал, ниж киналго гьей юссараб рахъалде ралагьана. Гьурмада разияб гьимиги щущан, гъутӏбузда нахъасан ваккун вачӏана Гӏиса. Хъатикь ккураб папкаги сверизабулаго, гьев нижеда аскӏове вачӏана, салам кьуна, байрам баркана. Нижее гьитӏинабго рецц-бакъги гьабун, нахъе унев вукӏарав гьев Гӏайшатица чӏезавуна ва абуна:

— Гӏиса, лъай-хъвай гьабизе бокьиларищ магӏарул гӏолохъанал шагӏирзабазулгун, — ан.

Цинги тӏадеги жубана гьав вугин Гумбет районалъул Игьалиса Гӏиса Шарапудиновилан.

Нижер щиялъе бетӏерги къулун, лъай-хъвай ккеялдаса рази вукӏин бичӏчӏизабуна гьес. Намус гъорлъ жубараб гьесул гьимиялъ бицунеб букӏана гьев цӏакъ ракӏ бацӏцӏадав чи вукӏин. Гьеб къоялъ нижгун цадахъ суратги бахъун ана гьев гьениса нахъе.

Кӏиабилеб нухалда Гӏиса дандчӏвана мунагьал чураяв Гӏабасил Махӏамадил рокъов. Гьесиеги гьесул лъади Савдатиеги кватӏун щварав вас гӏадинав чи вукӏана Гӏиса. Гьесул кӏудиял чагӏаздехун бугеб рокьиги недегьаб бербалагьиги бихьулеб буго, Гӏабасилав хведалги, гьесул лъади Савдатил адаб Гӏисаца рехичӏолъиялдасан. Ячун лъади Чакаргун гьев Савдатиде ваккизе Лъагӏилухъе инчӏого вукӏунаро. Мунагьал чураяв Гӏабасиласги гӏемер абулаан, жакъалъизегӏан Гӏиса лъачӏого араб гӏумру гӏадада араблъун тезе бегьулилин, гьев, лъикӏав шагӏир гуревги, лъикӏав инсанги вугин. Лъикӏав инсанилан абураб цӏар бокьа-бокьарав чиясе щолеб жоги гуро.

Лъикӏлъиялъулги яхӏалъулги нухал гӏатӏидав Гӏисалгун дандчӏваял гӏемерлъанагӏан дирги гьесдехун адаб цӏикӏкӏана. Дир адабги борцун, гьесги вацлъи рагӏизабуна. Дир тӏулил щуго вац вугониги, гьезул кьерда тезе мустахӏикъав, яхӏги гӏаданлъиги бугев, чӏужугӏаданалъул къадру-къиматги цӏунулев чи ватана гьев.

Гьелъие мисалги буго Гӏисаца чӏужугӏаданалъе хъвараб кечӏ.

Чӏужугӏадан, дица дур адабалъе,

Намусалъул хасаб си буго балеб.

Гьелъул тӏадегӏанаб гӏаламат ккола,

Гӏумруялъ кидаго дур течӏеб адаб.

Гӏиса вуго гьудулзаби гӏемерав, гӏадан хирияв, инсанасда гурхӏел бугев, херазул тӏалаб тӏаде босулев, квер гӏатӏидав, садакъа гьарзаяв чи. Гьелъие нугӏлъиги гьабула гьал рагӏабаз.

Дун кив вугониги, киве щваниги —

Ватӏанияб тӏалаб тӏад бугев инсан.

Тӏолабго гӏумруги рекӏел рокьиги

Бокьулеб ракьалъе кьезе бугев чи.

Бокьулеб ракьалъе хилиплъичӏого, рекӏел хинлъи тӏаде гӏолеб гӏелалъеги бикьун, инсул гъасда цӏаги ккун, жакъаги росулъ вуго Гӏиса. Гьев вуго пикру роцӏарав, рагӏи гъваридав шагӏир, сабурав мугӏалим, камилав муъминчи. Гьес жиндирго тӏахьазеги кьуна цӏакъ берцинал ва хӏикматал цӏарал: «Намусалъул ах», «Тӏокӏкӏарал иццал», «Бисил тӏинчӏ», «Талихӏалъул хӏинчӏ», «Дир цӏвабзазул Дагъистан» абурал. Щибаб тӏехьалда жаниб буго цӏалдолесул ракӏ тӏаде цӏаледухъ хӏикматал рагӏабаздалъун бахъараб сурат. Гьелъ цӏалдолесе асар гьабичӏогоги толаро. Масала, «Рилълъа Ахӏулгохӏде зияраталъе» абураб поэмаялда буго:

Гьаниб гохӏда щибаб галиялда гъоркь,

Гаргар буго жеги жаназабазул.

Жал хун гьечӏин абун, чӏаго ругилан,

Чӏела дуда цере гьенир муридал.

Гъоба гъоркьа Гъойсу, гъулгъулел кӏкӏалал,

Кӏкӏуйдулъ босун унеб Ахӏулгохӏда рагъ,

Имамасул чӏварай лъадиялда тӏад,

Лъимадул эбелан, ахӏулеб гьаракь.

Гьеб гьаракь жакъаги гӏинда рагӏулеб кинниги, рагӏабазулъ лъун буго шагӏирас.

Лъималазе хъварал, махсара-хочӏалъул, Ватӏаналъул унти-тӏалабалъул, гьобол-гьудуласе сайгъат гьарурал, жиндирго рекӏел хӏасрат рагьарал, чан батӏияб накъищ бекьун бугеб гьес жиндирго асаразда жаниб, цӏалдолесул рекӏее унго-унгояб асар гьабулеб куцалда. Гьез гӏодизеги, релъизеги, рохизеги, хинлъизеги тӏамула.

Гьаб ахир заманалда тӏахьал цӏалулел чагӏи къанагӏатаб заманалда, хӏикмалъизе бачӏана, Мелъелтӏа гӏуцӏараб Гӏисал творчествоялъул сордо бихьидал. Гьесул творчество, жакъа къалмидеги босун, метер тӏанчида бегун хутӏулареблъи бихьулеб букӏана гьениб.

«Росабазул тарихги гӏакълабазул квацӏиги» гӏун бачӏунеб гӏелалъе жакъа чара гьечӏого хӏажат буго. Гьеб хӏажатаб хазина халкъалъе цӏуниялда тӏаде кӏвар кьола Гӏисаца. Бакълъулазул тарих жанибе бачараб, жакъасебги сонисебги заманалъул сипат-сурат, гӏадат-яшав, гӏамал-хасият рагьараб Гӏисал творчествоялдаса нилъер наслуялъ пайда босичӏого теларилан ккола. Гьеб гьедин букӏинги бихьулеб букӏана гьесул творчествоялъул бицунел вечеразда.

Гӏисал гӏемерал руго махсара-хочӏалъул кучӏдул, гьел цӏалулезухъ гӏенеккаразе щола гӏемераб кеп. Мисалалъе росизин «Хӏамиде магӏу» абураб кочӏодаса цо-цо куплетал.

* * *

Рихьун хӏамул течӏеб «Тулпар» букӏанин,

Тарабищ, Мухӏамад, хӏамица дунял?

Тохаб пиша ккечӏеб чӏухӏи букӏанин,

Чӏвандай хвана пакъир, хоб кибдай буго.

* * *

Ахил гӏарза буго Гӏалибегиде,

Гӏадамаца гӏадин жиб хьихьейилан.

Гъотӏол гьари буго мадугьаласде,

Жиб бакъун танани, талихӏ къинилан.

Гъотӏол гьариги къабул гьабун, гӏалахалда бащдаб гӏумруги тӏамула Гӏисаца.

Гьесул куракалъул кеп босулареб сон шагӏирзабазул къанагӏатги букӏунаро. Гьес цин цо хасаб юк Хъвадарухъабазул союзалде щвезабула. Цо-цо мехалъ хӏикмалъизецин бачӏуна, кин гьесухъа гьабгощинаб хӏалтӏи гьабун бажарулебиланги. Хур-ахги, боцӏи-панзги, наялги, школагун шигӏруги, гьобол-гьудулги, жамгӏияб хӏалтӏиги. Гьесие нижеца цо-цо махсарацин гьабула дуда цадахъ шайтӏаби хӏалтӏулел ратилилан. Шайтӏаби гурин, малаикзабиян абун гьевги велъула.

Гьеб гьедин букӏине ресги буго, хварал умумуз кьураб дарс рехичӏого Аллагьасул нухда витӏун хьвадиялъул баракат батила гьеб гьесие. Гьев воржунел зобал рацӏцӏуней, гьев хьвадулеб нухда гӏурччинаб ихлъун тӏегьарай гӏумруялъул гьудул Чакарилги гьунар батила гьаниб. Чиясе зарал гьечӏел, эбел-эмен разиял, магӏарул яхӏ- намус цӏунарал васазулги, Аллагь кӏочон толарел, адабалъул борхалъи борцине лъалел ясазулги дада вукӏинги буго. Гӏумруялъул магӏна Аллагьасул нухдаса борцине лъалев вукӏиналъ Гӏиса талихӏавлъун лъугьана.

* * *

Жакъа гӏодовги чӏун гӏодана дихъго,

Гӏадан гьечӏеб бакӏихъ ракӏ жаниб бекун,

Гӏакълу гьечӏолъиялъ гьабунщиналъухъ,

Гьабичӏого тараб гӏибадаталъухъ.

* * *

Кьеги, Аллагь, нижее Дуца диналъе къуват,

Къуръан-хӏадис хиралъун,

хвезе рукӏин рекӏелъ чӏун.

Кьеги, Аллагь, нижее Дуца хӏалалаб боцӏи,

Хӏарамлъи гьоркьоб гьечӏеб,

гьабулаго гӏетӏ балеб.

Гьеле гьеб хӏарамлъи сундулъго бегьуларев шагӏир вуго Гӏиса — рорхатал мугӏруздаса рецӏцӏарал иццал данделъун чвахулеб Авар гӏурул чвахигун цадахъ цо-цо салам кьезе ралъдахъеги щолев, шагьаралъул гьудулзабахъеги ваккулев, щвараб бакӏалда жиндирго берцинаб гӏамалалъул гӏажаибаб лъалкӏги тун нахъе инеги лъалев.