Гӏолеб гӏелалъ мисал босизе мустахӏикъал бусурбабазул кьеразулъ вуго ДРялъул муфтияталъул мугӏрузулаб территориалияб округалда бугеб маслихӏат гьабиялъул отделалъул нухмалъулев, Унсоколо районалъул имамзабазул советалъе щуго соналъ нухмалъи гьабурав Гъазимухӏамад Абакаров.
Церегӏанго къоязда гьес цӏунана исламиял гӏелмабазул докторлъиялъе диссертацияги.
Гьеб рохел гӏахьал гьабун, Унсоколо районалда тӏобитӏана мажлисги. Гьелда гӏахьаллъана Гъазимухӏамадил гӏага-божаралги, диниял церехъабиги, районалъул администрациялъул вакилзабиги. Ахӏана нашидал, бицана исламалъул гӏалимзабазул гӏумруялдаса лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ.
Тадбиралда гӏахьаллъарав ДРялъул муфтиясул заместитель Ахӏмад Кахаевас бицана Дагъистан кколин гӏалимзабазул ватӏанилан. «Гьаниб бан букӏана Европаялдацин гьечӏеб гӏадинаб ва динияб тарихалда кӏудияб лъалкӏ тараб исламияб университет. Гӏалимзаби руго нилъер жакъаги – гьеб ккола Тӏадегӏанав Аллагьасул рахӏмат», — ан абуна гьес.
Нижее рес щвана Гъазимухӏамад Абакаровасе цо чанго суал кьезеги.
— Гъазимухӏамад, кинаб темаялда хъвараб дуца гӏелмияб хӏалтӏи? Цогидал гӏалимзабаз щиб тӏаса бищун букӏараб гӏалимчиясул цӏар цӏунизе?
— Тӏадегӏанав Аллагьасе шукру, нижее рес щвана гӏелмияб хӏалтӏи цӏунизеги тӏадегӏанаб цӏаралъе мустахӏикъаллъун рахъинеги. Аллагьасул цӏобалдалъун ва Гьесул квербакъиялдалъун ккараб иш буго гьеб. Дида цадахъ диссертация цӏунана жеги лъабго чияс. Гьел руго камилаб лъайги бажариги бугел гӏалимзаби. Масала, Ахӏмад Гӏисаев ккола къогоялдаса цӏикӏкӏун соналъ гӏелмуялда тӏадчӏарав чи. Гьес дарсал кьола Дагъистаналъул исламияб университеталда (ДИУ). Эсенбулат Яхӏияев вуго бищунго захӏматал суалазе жаваб кьун бажарулев гӏалимчи. Гьевги хӏалтӏулев вуго ДИУялдаги ДГИялдаги (Дагъистаналъул гуманитарияб институт). Рашид Гӏалимурадов – теологиялъул ва социалиябгун гуманитарияб кафедраялъул кӏудияв преподаватель.
Гьайгьай, киназулго диссертациязул букӏана исламияб диналда хурхараб тема. Ахӏмадица хъвана фикъгьиялъул, ай исламияб юриспруденциялда тӏасан. Гьесул диссертациялда бицунеб буго риба гьабиялъул хӏасилалда рукӏунел социалиялгун экономикиял масъалабазул хӏакъалъулъ. Эсенбулатица кӏвар кьолеб буго гӏараб мацӏалда рахъарал исламиял тӏахьазулъ рехсолел гӏакъидаялъул суалазде. Рашидица хъван буго Къуръаналъулъ бицен гьабулел правоялда хурхарал масъалабазул хӏакъалъулъ. Дица гьабуна имам Бадрудин Мухӏамад аз-Заркашил “Бахру-ль-мухит’ фи усули-ль-фикх” абураб тӏехьалъул диниябгун тексталъулаб анализ.
— Бокьилаан дурго хӏалтӏуе дагьаб гӏатӏидго баян кьуни…
— Имам Бадрудин Мухӏамад аз- Заркаши вукӏана машгьурав тарихчи, гӏалимчи ва дагӏватчи. Гьес хъван руго гӏемерал тӏахьал. Ва «Бахру-ль-мухит» ккола гьесул машгьурал асаразул цояб. Гьеб тӏехь къачӏалеб букӏана дица – гьеб батана цӏакъ захӏматаб ишги. Мугь бищулеб кинигин ракӏаризе ккана баянал, щайгурелъул я Интернеталда, я цогидаб бакӏалда гьечӏо хӏажатал баянал. Аллагьасе рецц, гьеб масъала тӏубан бажарана.
Цо-цоязда ракӏалде ккезе бегьула, цогидалги хӏалтӏанин гьесул асаразда тӏад, дуца гьабураб тӏехьалъул батӏалъи щибин абун. Ракӏчӏун абила, гьедин мухӏканго шаргӏалде рекъон кколеб къагӏидаялда гьеб тӏехьалда тӏад хӏалтӏи гьабун букӏинчӏо жеги. Гӏицӏго кьочӏое росун рукӏана гьесул тӏехьалдаса цо- цо пикраби, цо-цо бутӏаби. Амма тӏолабго тӏехь цадахъго лъицаниги къачӏан букӏинчӏо.
— Кигӏан заман бараб гьелда тӏад хӏалтӏулаго?
— Гӏемер заман ана гьеб хӏадурулаго. Рекӏел хӏалхьи, парахалъи бикъулеб иш букӏун буго гьеб. Гьединаб хӏалтӏи тӏаде босараб мехалда хӏаталдаса араб жавабчилъи букӏине кколеблъиги бичӏчӏун, дица хӏаракат бахъана гъалатӏаздаса эркенаб, камилаб къагӏидаялда тӏехь хӏадуризе.
Диссертациялъулаб советалъул данделъиялда видеобухьеналдалъун гӏахьаллъана къватӏисел ва нилъерго улкабаздаса гӏалимзаби. Гьез гӏемерал суалалги кьуна ва дир хӏалтӏуе лъикӏаб къиматги щвана.
— Бигьаяб иш гуро гӏелмияб хӏалтӏи. Бищунго щиб захӏмалъараб?
— Аслияб мурад букӏана гӏадамал къосунареб къагӏидаялда, киназдаго бичӏчӏуледухъ, ай бигьаяб мацӏалда хӏалтӏи къачӏай. Гьеб букӏана бищунго захӏматабги. Дие машгьурлъи къваригӏун букӏинчӏо. Хӏажат букӏана дир хӏалтӏул кумекалдалъун инсан битӏараб нухде ккезавизе. Щайгурелъул Аллагьас нилъеда тӏадаблъун гьабун буго, вижараб къоялдаса даимаб рокъове инегӏан лъай тӏалаб гьаби.
— Дур гӏелмияв нухмалъулев щив вукӏарав?
— ДИУялда хӏалтӏулев вуго исламиял гӏелмабазул доктор, Кьохъа Мухӏамад Сайгидов. Гьес диссертация цӏунана Каиралда ва дарсал кьолел руго исламиял институтазда. Гьес дие гьабуна кӏудияб кумек ва дица гьесие ракӏ-ракӏалъ баркала кьола.
Баркала кьола дица диссертациялда тӏад хӏалтӏулаго дие квербакъарав щивав чиясеги – хъизамалъе, районалъул нухмалъиялъе, гьудул-гьалмагълъиялъе. Дие гьабураб кумекалъухъ Тӏадегӏанас гьезиеги лъикӏабщинаб насиб гьабеги.
— Маслихӏат гьабиялъул отделалъул аслияб хӏалтӏи щиб?
— Цоцалъ барщарал, цоцаздаса ракӏ хварал гӏадамазда гьоркьоб рекъел гьаби. Гьелъие хӏалтӏизабула хӏеренаб, ракӏ батизабулеб, инсан маслихӏаталде кантӏизавулеб рагӏи.
Щуго соналъ дун вукӏана Унсоколо районалъул имамлъун. Гьеб заманалдаги маслихӏаталъул иш тӏубалаан. Аллагьасул кумекалдалъун, гӏемерав чияс тӏаса бищана битӏараб нух.
Дир пикруялда рекъон, ахираб заманалда нижехъа бажарана районалъул хӏакъалъулъ букӏараб пикру лъикӏаб рахъалде сверизабун. Гьеб рахъалъ гӏезегӏан хӏалтӏи гьабуна районалъул бетӏер Гӏиса Нурмухӏамадовасги районцоязги.