…Лъала шагьаралда дий къадар щвани,

Машинаялъ ина дунги росулъе;

Амма росулъа чи къаникь лъолелъул,

Къварилъичӏев дова хутӏиларо чи.

…Рекӏел гъварилъуда бегараб рухӏел,

Бухӏараб магӏица гьурщула къватӏиб.

Анищлъун хутӏараб тӏокӏкӏараб рокьи,

Зоноде бикьидал, бигьуна ургъел…