Дие рокьуларо гӏадамал реццарал макъалаби хъвазе. Амма гьанже хъвачӏого гӏолеб гьечӏо. Гьеб реццги гуро, амма гьаниб дица рехсолел чагӏи реццалъе мустахӏикъал руго. Гьезулгун лъай-хъвай ккараб къогоялдаса цӏикӏкӏун соналъ мадугьалихъ рукӏаниги, дида гьезулъ цониги тохлъи бихьичӏо. Гьединлъидал мех-мехалда ракӏалде ккола Цӏулдаса Гӏумарасхӏабги Сугъралъа Аминатги дирго кьолбол чагӏилъун ратун рукӏараланищан.
Гӏумарасхӏаб Мухӏамадовас 35 соналъ директорлъи гьабуна Каспи ралъдалъ бугеб Чечень чӏинкӏиллъиялъул школалъе. Хъизан Аминатги гьенийго ингилис мацӏ, география предметал кьолей йикӏана.
2019 соналъул марталда Гӏумарасхӏаб Аллагьасул къадаралде щвана. Гьеб ишги ккана школалда. Щибго гьечӏого вукӏарав чи лъавудаса ана ва вертолёталда Махӏачхъалаялде хъамуна. Амма тохтурзабазда кӏвечӏо Аллагьасул къадаралда данде чӏезе.
5 октябралда кӏодо гьабураб учителасул къоялъ Аминатица гьадин ракӏалде щвезавуна Гӏумарасхӏабги, гьевгун цадахъ чӏинкӏиллъиялда тӏамурал соналги, гьесул эбел-эменги. Сагӏадул Гӏабдулагьил Аминатин абула сугъулдерица гьелда.
Субхӏанатги Амирхӏамзаги
Гӏумарасхӏаб гьавуна цоцазул адаб бугеб, гьитӏинго захӏматалде куцараб хъизамалда. Битӏараб нухдасан гурони ине бегьунгутӏиялъул кьучӏ лъун букӏана эбел-эмен Субхӏанатицаги Амирхӏамзацаги гьесулъ.
Кутакалда рацӏцӏадал чагӏи рукӏана гьел, мунагьал чурадал. Дир Аминатилан рукӏунаан дидаги. Бецӏизе цониги как яги кӏал хутӏун букӏинчӏо гьел кӏиязулго.
Ичӏго лъимер букӏана Субхӏанатилги Амирхӏамзалги – анлъго ясги лъабго васги. Гӏумарасхӏаб кколаан кӏиабилев.
Чӏинкӏиллъиялда
ДГПИялъул химиялъулгун биологиялъул факультет лъугӏун хадуб лъабго соналъ Кьорошив учительлъун хӏалтӏана Гӏумарасхӏаб. 1983 соналда лъугӏана гьебго институталда дир цӏалиги.
Амма магӏарухъе тӏад руссинчӏого, шагьаралдаго чӏезе ракӏалде ккана. Битӏун гьеб мехалда Чечень чӏинкӏиллъиялда ункъо учитель къваригӏун вукӏана – къватӏисел пачалихъазул мацӏазул, географиялъул, химиялъулгун биологиялъул. Лъабго соналъ гьенир хӏалтӏани, Махӏачхъалаялда рукъ кьелинги абулеб букӏана нижеда. Гьединлъидал гьенире ине ракӏалде ккана.
Каспи ралъдаца сверун ккураб, салул цӏураб, цӏулал гьитӏинал минаби ругеб росу батана гьеб. Кьолболъанго гьенир гӏумру гьабулел рукӏарал чагӏи ккола гӏурусал. Батӏиял миллатазул ункъо-щуго хъизан гурони букӏинчӏо гьениб доб мехалда.
Чӏухӏараб клубги букӏана, гьанже биххун тӏатӏала ккун бугин гьеб. 1860 соналда ингилисаз бараб маякги буго. Жакъа къоялъги хӏалтӏулеб буго гьеб.
Гьениб букӏана аэродромги, больницаги, библиотекаги, почги, сельсоветги, тукенги, метеостанцияги, колхозги, лъималазул ахги. Хутӏана гӏицӏго школа.
КГБялъ изну кьурав гурони, бокьа-бокьарав чиги гьениве виччалароан. Гьелъие гӏилла букӏана Каспи ралъдалъ хӏалбихьиял гьарулеб полигон букӏин. Масала, цо кӏудияб гидросамолёт букӏана гьениб, «Каспиялъул монстр» абун америкаялъулаз цӏар кьураб.
Чеченалдаса гӏурусал
Диеги Гӏумарасхӏабиеги кутакалда асар гьабуна чӏинкӏиллъиялъул гӏадамаз. Ралъдалъ жанир, цогидал росабаздасагун шагьараздаса рикӏкӏад гӏумру гьабулел рукӏиналъ, гьезул рукӏа-рахъинги XVII-ХӀX гӏасруялъул гӏурусазулалда релълъараб букӏана. Масала, киналго руччаби рукӏунаан кӏазалги чӏван. Доб мехалда ботӏрода кӏазал къалел руччаби (ясал) гьедигӏан гӏемер рукӏунароан Махӏачхъалаялдаги цогидал бакӏаздаги.
Цӏакъ жидерго диналда божулел чагӏиги ратана гьел. Светиял байрамазул ургъел букӏунароан гьезие, диниял байрамазулгӏан. Гьез мугъчӏвай гьабулаан насраниязул календаралде. Масала, Илья абурав аварагасул къоялъ кинаб гьава-бакъ букӏун батаниги, гьелда бараб букӏунин лъагӏалил гьава-бакъилан рикӏкӏуна гьез. Гьединго гьеб къоялъ гьаризе бегьулелги бегьуларелги жалги рукӏуна гьезул.
Кутакалда бихьиназул къимат гьабулел чагӏиги руго гьел. Хъизаналда аслияв чилъун бихьинчи вукӏуна. Сам абун рукӏуна гьел. Дихъе рачӏарал руччабаз Гӏумарасхӏаб рокъов вугищан гьикъизе «Сам (хозяин) дома?» абун цӏехолаан.
Бихьинчи рокъов гьечӏони, чӏужугӏадан киданиги киениги (байрамазде, гьоболлъухъ яги цогидаб къваригӏелалъ) унароан. Цо нухалъ мадугьалзабазул вас армиялде унеб бакӏалде ячӏарай дихъ чӏваркьун балагьун чӏана гьел руччаби. Гьезие ккараб бичӏчӏуларого дунги йикӏана. Гӏумарасхӏаб шагьаралде ун вукӏана гьеб мехалда.
Чӏинкӏиллъиялъул гӏадамаз кутакалда лъикӏ къабул гьаруна ниж. Масала, мадугьалалъ анкьабго соналда жаниб щибаб къойил бежун кьолаан чед. Гӏурусазул печь хӏалтӏизабизе лъалеб букӏинчӏо дида. Школалдаса гьелде регӏулароан. Дица ролъул хъап щвезабун толаан гьелъухъе.
Гьединго нижер боцӏи-панзги мадугьалзабаз тӏубалаан. Чӏинкӏиллъиялда гӏадамал цӏакъ цудунго рахъуна тӏаде. Рогьалилъго рукъ-бакӏги бакӏарун, хадур боцӏи-панзалде руссуна. Нилъер (бусурбабазул) байрамазулги цӏакъ адаб гьабула гьез. Масала, жидерго байрамкъояз яги хириял къояз хӏалтӏичӏого, хӏухьбахъизе чӏола гьел. Нилъер байрамкъоязги хӏалтӏудаса гӏодорчӏола (Тӏадегӏанав Цо вугиланги абун). Хасго Кӏалбиччанкъоялъ асар гьабулаан гьезие. Гьеб баркизе, къачӏа-кӏатӏан, радалго нижехъе рачӏунаан.
Лъагӏалицаги хӏалтӏун нахъе инилан рукӏарал ниж, гьардон, гьенирго чӏезаруна гӏадамаз. Гьединго лъагӏалидасан Гӏумарасхӏабие гьениб директорасул хъулухъги кьуна. Нижги разилъана.
Гьеб мехалда Гӏумарасхӏабица кьучӏдасанго хисизабуна школа: ремонт гьабуна, къайи-цӏа хисана. Школалда цебехун бугеб бакӏалде, ракьги баччун, пастӏан гьабуна. Цинги цӏалдохъабигун цадахъ картошка чӏана. Нужеца гьениб бекьараб жо щибилан гьикъизе гӏурус-кӏодабиги рачӏунаан. Гьелде щвезегӏан картошка кин бижулебали бихьун букӏун гьечӏо гьезда.
Советияб заманалда Чеченалда букӏун буго хӏатталдаса ун бечедаб колхоз — ччугӏа ккун, гьелъул хӏалтӏи гьабулеб.
Гӏумарасхӏаб
Тӏаде балагьун росдал школалъул учитель цо кӏудияб кӏварго гьечӏев чийин ккезе рес буго. Амма гьединаб бакӏалда учительги директорги тӏалъиялъул вакиллъунги вихьула гӏемерисезда. Гьединлъидал кинаб къваригӏел кканиги, гьезухъе рекерула. Цо заманалда херал чагӏаз уколал гьаризецин ахӏулаан Гӏумарасхӏаб, гьесул квер тӏадагьаб бугиланги абун.
Чеченалъул цӏалдохъабазул хӏисаб гьабун абуни, нижехъа бажарана Сорбоннаялъулги Пекиналъулги университетазде рорчӏизегӏанасеб лъай гьезие кьезе. Лъималги дагьал рукӏун (5-7 цӏалдохъан), учителасул ирга щолаан щибаб лъимералде (цо заманалда бищун цӏикӏкӏун 11 лъимер букӏана классалда).
Жидеда дарс бичӏчӏичӏилан гьез абиларедухъ Гӏумарасхӏабица къойилго учительзабазул дежурствоги чӏезабун букӏана. Рокъоре риччан хадур бакъанида цӏидасан рачӏунаан лъимал дарсал гьаризе школалде.
Гьезул эбел-инсулги цӏакъ лъикӏаб бербалагьи букӏунаан школалдехун. Гьенире жанире хьиталги рахъун гурони рачӏунароан гьел.
Гӏумарасхӏаб вукӏана дунялалъул боцӏуда хадув лъугьунарев, гӏадатияв чи. 1990-абилел соназда захӏмат букӏана гӏумру гьабизе. Гьединлъидал гӏемерисез бетӏербахъи гьабулаан ччугӏа бичун. Директорасул харжалда божун чӏечӏого, гьебго гьабизе Гӏумарасхӏабги лъугьунарогоян гӏажаиблъун рукӏунаан гьел. Амма гьединаб жо къабуллъулев чи вукӏинчӏо дов.
Директорлъи гьабизеги бигьа букӏинчӏо гьесие, хасго 1990-абилел соназда. Сундулъго бичча-бихъан тей букӏиндал доб заманалда. Школалда ремонтги уборщицаялъгун цадахъ жинцаго гьабулаан. Тӏокӏаб лъиданиги абулароан кумекалъе рахъаян, лъихъаниги гӏарацги бакӏарулароан.
Ралъадги живгоги
Жавабчилъиги къохӏехьейги букӏана Гӏумарасхӏабилъ. Гьелъие кӏиго мисалги бачинин.
РФялъул Пачалихъияб Думаялде депутатал рищизе хӏадурулел рукӏана. Вертолет бачӏине кколаан бюллетеналги росун. Махӏачхъалаялде арав Гӏумарасхӏабги вачӏинин гьелда рекӏунилан йикӏана дун. Амма квешго накӏкӏги лъун букӏун, вертолёт Лопатино абураб бакӏалда рещтӏун буго. Бюллетеналгун цадахъ Гӏумарасхӏабги гьенивго тун вуго. Нахъисеб къоялъ байбихьулаан рищиял. Гьезде щвезеян абун Гӏумарасхӏаб Лопатиноялдаса расаги бачун вахъун вуго ралъдалъе. Амма бакьулъе щведал моторги хун, раса чӏун буго. Зажигалкаялъул канлъухъе расаялда тӏад щибниги гьечӏолъи бихьун буго гьесда – я жилетал, яги лъим ххалел жал. Гӏицӏго якорь батун буго.
Гьеб мехалда Гӏумарасхӏабица байбихьун буго цебе рехун якорьгун, цӏан гьелъул кваргун, раса цебехун бачине. Гьедин гьабун буго анкьго километр тезегӏан. Рищиял байбихьилалде жив чӏинкӏиллъиялде щвезе кколин абураб пикругун, бид рецӏцӏулел, гьорорал квералгун радакь вачӏана Гӏумарасхӏаб рокъове.
Цоги мисал. Цӏияб соналда цебесеб къоялъ лъималазе ёлкаялдаги сайгъатаздаги хадув Махӏачхъалаялде ун вукӏана гьев. Нахъвуссун вачӏиналде бахъана квешаб гьуриги, бачӏана зампари бихъулеб цӏоройги. Гьанже гуреб гьанже вихьилин ралъдалъан вачӏунев чийилан, ралъдал рагӏал мерхьуней дунги йикӏана. Амма гьадинаб пуй-чӏваялда къватӏиве вахъунев чи вукӏунарилан, мадугьалас дун рокъое йитӏана.
Гӏемер заман иналде мадугьалзабазул вас векерун вачӏана Гӏумарасхӏаб тӏаде щванила, жиндихъго бугеб къайи босизе гьес ниж ралъдал рагӏалде ахӏулел ругилан бицине.
Дун екерана гьение. Вай, гъаринха, Гӏумарасхӏаб, гьадинаб къиямасеб къо чӏараб мехалда вахъинчӏониги бегьулароанищин мун къватӏивеян абуна дица. Гьеб жо рагӏулеб хӏал эсул букӏинчӏо. Цӏияб сон байбихьилалде школлъимал роххизаризе сайгъаталги росун тӏадвуссиналдаса воххуца холев вукӏана. Гьебни гӏицӏго школалъе гуребги, тӏолабго Чечень чӏинкӏиллъиго гӏахьаллъараб байрам букӏана.
Директорин абун, лъималаздехун кьвари бихьизабиги букӏинчӏо гьесул. Цо нухалъ школалда жанире лъугьун ратун, цо васал рачун рачӏун рукӏана хъаравулас. Амма Гӏумарасхӏабица берцинго хабарги бицун, кибениги лъазабичӏого, риччан тана гьел. Чиясул гӏумру хвезабизе кутакалда бигьаяб жо бугин абулаан гьес.
Гӏадамазул бербалагьиги гьединабго букӏана Гӏумарасхӏабидехун. Школалда квеш лъугьун, гьесда хадуб вертолет бачӏараб параялъ гӏурусал рокъоре рекерун руго гьев хвасар гьавеян Аллагьасе какал разе. Жидеца кинаб кумек гьабилебин Франциялдаса бахъарабцин ахӏун бачӏана нижер цӏалдохъабазги.