Гьал къоязда нилъехъе гьоболлъухъе рачӏун рукӏана «Россия жакъа» абураб халкъазда гьоркьосеб агентствоялъул журналистал Юлия Насрудиноваги Владимир Песняги. Дагъистаналде рачӏиналъе ккараб
гӏиллаялъулги мугӏрузулаб улкаялъ гьел къабул гьарураб куцалъулги бицун, нижеца гара-чӏвари гьабуна Ю. Насрудиновалъулгун.
— Юлия, Дагъистаналде сапар бухьиналъе гӏилла щиб ккараб?
— Москваялда ва цогидал чӏахӏиял шагьаразда гӏумру гьабулел ракьцоязда цӏакъ лъикӏ лъала къватӏисел улкабазул берцинлъи, тӏабигӏиял, ва тарихиял бакӏал. Гьебго заманалда лъазего лъаларо халкъазул тарих, маданият ва тӏабигӏияб берцинлъи. Гьелда бан, нижер агентствоялъ гӏумруялде бахъинабулеб буго «Россия рагьулаго» абураб проект. Гьелъул мурад буго гьалбал хириял, тӏабигӏат берцинал, гьайбатал ва дунялалда тӏокӏалъ гьечӏел гӏадинал регионазул хӏакъалъулъ бицин. Нилъер кӏудияб улкаялдаги руго гӏамал берцинал гӏадамалги, спорталъул базабиги, маданияталъул централги, музеялгун театралги, инсанас квер хъвачӏеб гьайбатаб тӏабигӏатги. Гьезулги бицун, россиялъулал Россиялда жанирго сапарал гьаризе тӏамиги буго нижер проекталъул мурад.
Дагъистаналде дун ячӏана машгьурав фотожурналист, МИАялъул хасав фотомухбир, «ПроФото» абураб фотоконкурсалъул (суратал рахъулезул конкурсазда гьоркьоб гьеб бащалъула «Оскар» кинопремиялда) премиялъул лауреат Владимир Песнягун цадахъ (гьес рахъарал Дагъистаналъул суратазухъ балагьизе бегьула Фейсбукалда – ред.). Нижеца суратал рахъана Поволжьеялъул, Дальний Востокалъул, Татарстаналъул, Уралалъул, Крымалъул. Гьанире рачӏун рахъарал суратаздалъун нижеца дунялалдаго бихьизабизе буго Кавказалъул гьайбатаб тӏабигӏатги, гьалбал хириял дагъистаниялги, нижеда дандчӏвараб гӏаданлъигун яхӏ-намусги. Дида ракӏалде ккола, гьес Дагъистаналда рахъарал суратал бищунго тӏадегӏанаб къиматалъе мустахӏикълъизе ругин абун.
Дида киданиги кӏоченаро Гумбет районалъул Мелъелтӏаса вехь Хӏайбула. Гӏумруялда жаниб тӏоцебесеб нухалда дида бихьана рорхатал мугӏрузда хьихьулеб чӏегӏербоцӏул рехъен. Гӏухьби ругоан, чодаги рекӏун. Гьединал суратаз кӏудияб асар гьабула. Хасаб хинлъи рещтӏуна тӏаде рачӏарал гьалбадерие гьез ракӏбацӏцӏадго гьабулеб хъулухъ бихьулеб мехалда, ракӏ-ракӏалъ гьез гьарзаго цере лъурал нигӏматазул хӏалбихьидал! Гьеб кинабго дуе маян кьолеб буго, щибгӏаги жо гьелъухъги тӏалаб гьабичӏого. Гӏажаибал гӏадамаз гӏумру гьабулеб буго мугӏрузда. Цо анкьцин гӏоларо гьаниб бугеб берцинлъиялъухъ балагьизе.
— Мун щвана батӏи-батӏиял регионазде. Дагъистаналъул хаслъи сундулъ батараб дуда?
— Швейцария хӏухьбахъиялда тезе заман щвана! Гьаниб кинабго буго цивилизация хъинтӏичӏого цӏунараб. Хӏажат буго гӏицӏго туризмалъулаб инфраструктураялде кӏвар кьезе: разе ккола кафеял, гьалбадерил рукъзал, хӏадуризе ккола тарихалъулгун маданияталъул бицун бажарулел махщелчагӏи. Дида лъала, нужер министерствоялда гьеб рахъалъ хӏалтӏи гӏуцӏун бугеблъи. Нижеда рихьана цо-цо бакӏазде рачӏарал туристалги гьенир гӏуцӏун ругел шартӏалги. Амма гьабизесеб хӏалтӏи жеги гӏемер буго.
Дун гӏажаиблъана магӏарул росабалъ ругел берцинго къачӏарал, машина бачине санагӏатал нухал рихьидал. Гьайгьай, руго лъелго хьвадизе кколел бакӏалги – гьединал бакӏал рукӏинеги ккола, туристаз гьаб гьайбатлъиялдаса лазат босизе.
— Дагъистаналъул гьайбатлъиялъ асир гьаюрай дуца щиб гьарилеб дагъистаниязе?
— Кӏудияб баркала буго цееккун «Россия жакъа» абураб МИАялда хӏалтӏарай дир ишцояй Патӏимат Расуловалъе – гьелъ гӏемераб кумек гьабуна нижее: гостиница балагьизеги, сапарал гӏуцӏизеги, республикаялъул хаслъи бичӏчӏизеги. Баркала кьола дица нижее гьоболлъи гьабурав щивав дагъистаниясеги, хасго вехь Хӏайбулагьие ва гьесул хъизамалъе – нижеда цебе гьез лъуна магӏарулазул богогьанлъиялъул тӏолалго нигӏматал: хинкӏалгун белъараб гьанги бакьги, цӏурачадал, корониб бежараб хъабахъгун чӏакӏултӏан, цӏоросаролъ… Кинабго рехсезе хӏал кӏвеларо. Хӏакъикъаталдаги, кӏочонареб рекӏел хинлъигун толеб буго дица Дагъистан.
Дагъистаналъул хӏакъалъулъ гьадин бицана фотомухбир Владимир Песняца:
— Нилъер улкаялъул цо-цо регионазул гӏадамазда Дагъистан лъала гьоркьоса къотӏулареб рагъ-кьал унеб ва тӏаде вачӏарав чиясе квешлъи гьабизе къачӏараб халкъалъ гӏумру гьабулеб регион хӏисабалда. Республикаялде ниж рачӏана цо мурадгун: гьелъул бугеб гьарзаяб ва цивилизациялъул балагьаз чӏунтичӏеб тӏабигӏатги гӏадамазул лъикӏлъиги дунялалъего гьурщизе. Сверухъ гьайбатаб тӏабигӏат, географиялъул рахъалъ гьарзаяб ракь, тарихиял балъголъабазул гъамас, ралъадгун салул авлахъ, мугӏрулгун гӏатӏиракь – щибго камун гьечӏо гьаниб.
Дир пикруялда рекъон, лъикӏал гӏадамаз берцин гьабула гӏумру гьабулеб ракь, ватӏан, улка. Гӏадамал квешал ругони, пуланаб бакӏ цӏакъаб бугин абиларо лъицаниги. Гьаниб щибаб районалъул буго хаслъи, щибалъул буго цогидазда релълъенги. Дун пана гьавуна басрияб Гъамсукь росдал тӏабигӏаталъ. Рехун тараб росдалцин бугеб гьайбатлъи! Гьелъул некӏсиял минабазул риххун унел къадазулъ бессун бугебщинаб тарихгун балъгояб чӏухӏи! Мугӏрузде вахараб мехалда гурони тӏубанго бичӏчӏун бахъунаро гьезул тӏадегӏанлъиги сихӏкъотӏиги. Дагьабго заманалъ кьурабазухъ гӏенеккани, гьез бицине бугин ккола гӏасрабаз жаниб цӏунун тараб тарих. Огь, цо гьезулъ дида халлъараб чӏаголъиги гӏумруялде рокьиги!