Россиялъул цогидал регионазда гьоркьоб, хъизамал риххунгутӏиялъул рахъалъ лъабабилеб бакӏалда буго Дагъистан. Азарго ригьнада гьоркьоса бищунго цӏикӏкӏун ригьнал риххун руго Сахалин областалда. Бищун дагь – Чачаналда, Ингушетиялда ва Дагъистаналда.

Росстаталъул баяназда рекъон, 2018 соналда Россиялда данделъун буго 967000 хъизан ва гьебго заманалда жаниб ратӏалъунги руго 613000 рос-лъади.

Дагъстаталъул баяназда рекъон, 2020 соналъул январалда ригьин гьабун буго 793 хъизамалъ, ратӏалъун руго 323 рос-лъади. Февраль моцӏалда гьабун буго 1053 ригьин ва ратӏалъун руго 429-ял.

ДРялъул ЗАГСалъул баяназда рекъон, 2018-2019 соназда данделъарал хъизамазул 30 процент ратӏалъун руго.

Ригьин гьабураб щибаб лъабабилеб хъизам батӏалъиялъе гӏилла щибха? Гьелъул хӏакъалъулъ цӏех-рех гьабидал баянлъана, Россиялда хъизамал риххиялъе аслияб гӏилла гьекъолди, наркомания, рос-лъади цоцазе хилиплъи кколеб букӏин. Нилъер республикаялдайин абуни, гьел гӏиллаби ахирисел бакӏазда руго.

Дагъистаналда хъизамал риххиялъе руго гьадинал гӏиллаби:

1. Рос-лъади магӏишат, хъизамалъул тӏалаб гьабиялде хӏадурлъун гьечӏолъи.

2. Ресукълъи, хъизам хьихьизе кӏунгутӏи.

3. Росасул яги лъадул гӏагарлъиялъулгун гьоркьорлъаби лъикӏал гьечӏолъи.

4. Гьекъолди.

5. Рос-лъади цоцазе хилиплъи.

6. Цогидалги гӏиллаби.

Гӏемерисеб мехалда, рос-лъади ратӏалъулелъул, гьел киналго гӏиллаби цадахъгоги данд чӏвала. Масала, росги лъадиги цадахъаб магӏишат гьабизе, хъизан гӏуцӏизе хӏадурго гьечӏолъиялъги загьирлъулел руго цогидал гӏиллаби. Гӏицӏго чӏужуялда тӏадаб гурони, росасда гьелъул ихтиярал лъангутӏиялъги бижизабулеб буго хъизамалда жаниб рокьукълъи. Ресукълъиялъги хӏалтӏи гьечӏолъиялъги гӏолохъанал хъизамал цӏунизе захӏмалъулеб буго. Ва гьеб киналдаго гьоркьоре гӏагарлъиги лъугьани, тӏубанго биххулеб буго хъизам.

Ахирал соназда хъизамал риххиялъе ругел гӏиллабазул гьадин бицана нижеца гара-чӏвари гьабураз.

Гӏедегӏулел руго хъизан биххизе

Мадихӏат, 73 сон: «Нижер заманалда букӏараб захӏмат хӏехьезе кколеб букӏарабани, гӏодор ккаралъуса тӏадего рахъинароан гьанжесел ясал. Лъимер гьабизе заман щвезегӏан хурирги хӏалтӏулаан ниж, 9-10 лъимерги гьабулаан, ясли-ахалги, ретӏел чурулел машинабиги рукӏинчӏо нижер. Гьанже харил магьал раччизе кколаро, пачалихъалъ лъимал хьихьизе гӏарацги кьолеб буго, эбелалъулаб капиталги буго. Гьанжесел руччаби росас хьихьулел гьечӏин, квер борхулеб бугин, цогидай тӏаде ячун йигинги абун, росасдаса ратӏалъулел руго. Жийги лъималги хьихьизе кӏоларев рос щайин къваригӏаравин абун хъизам биххизе гӏедегӏулел руго.

Гӏолохъанаб мехалда дир росги вукӏана квешав, иман рекӏелъ гьечӏев чи. Мехтараб мехалда дун юхулаан, гъалмагъир гьабулаан. Цогидал руччабиги камулароан гьесул.

Цо нухалда дие квешезеян абун какикьжоялде тӏаде хъублъи гьабуна гьес. Гьеб мехалда рокъоса нахъе уней йикӏарай дун эбелалъ нахъ юссинаюна. Кигӏан квешав вугониги, дур ункъо ясалъул эмен вугин гьевин абуна гьелъ. Гьел ясал рос-рукъалде унелъул, гьел абизе рачӏунел гӏадамал дурго нахъияб гӏагарлъиялъухъе гурел, гьезул инсухъе ине гӏоло хӏехьезе кколин дуца гьевин абуна гьелъ. Ратӏалъараб хъизамалдаса яс гьаризеги лъикӏаб хъизамалдаса чи вачӏунареблъи лъалаан дида. Асиятица Фиргӏавн хӏехьарав куц ракӏалдаги чӏезабун хӏехьана кинабго.

Гьале ясалги рукъалде руссана, гьезулги лъималазул лъималги руго. Росги херлъун бусаде ккана. Гьесда хадуб хъулухъ гьабулей дунги йиго. Гьанже вукӏунаха дида тӏаса лъугьаян гьарделев. Жакъа къоялде щвезегӏан чияда лъазе течӏо дица дирго рукъалъул къварилъи. Лъадул гӏакълуялъ данде бачунеб жо букӏуна хъизам. Цо-цоял рукӏуна мадугьаласул ахикь пихъ лъикӏаб бугин, жидераб къадараб бугин къварилъахъдулел, гьес гьелда хадуб гьабураб хъулухъалъул хӏисабго гьабичӏого».

Чанги сардал ана магӏу тӏолаго

Зарема, 35 сон, цо лъимергун ятӏалъарай: «Лъимадуе гӏоло 10 соналъ цӏунана дица хъизам. Гьелщинал соназ хӏехьана наркотикалги хӏалтӏизарулев, дие гӏакъубаги кьолев рос. Дун росасе ун йикӏана рокьи ккун. Дун гьаризе рачӏиндал, инсуцаги калам гьечӏого кьуна, васасул эбел-эмен лъикӏал чагӏи ругинги абун. Ячинегӏан живго лъикӏав чилъун вихьизавулаан гьес. Лъимер гьабун хадуб тӏуванго хисана. Гӏемерисеб заман гьесул гьудулзабазда цадахъ унаан. Хӏалтӏизеги гьес дун йиччалароан.

Данделъун лъабабилеб соналде гьудулзабазда хадувги ун, диналъул батӏияб мухъилъе лъугьана. Дица вирд гьабулелъул ццидахунаан. Рамазан моцӏалъ наркотикалги хӏалтӏизарун вачӏунаан рокъове ва дунги юхулаан. Чанги сардаз росас юхун къварид гьаюрай дун унаан гьесул эбелалъухъе, хӏинкъиялъул кутакалъ гьелда къвалги бан, гӏодилаго рогьунаан сордо. Ясалдаги бихьулаан гьес гьабулебщинаб. Гьес гьеб квешаб гӏамалгӏаги телародаян абун, чанго нухалда эбел-инсул рокъое арай дун, хадув вачӏун гьес нахъе ячана. Эбел-инсул рокъое тӏуянго тӏад юссани, дун лъиего хӏажалъиларин ракӏалде кколаан. Гьединлъидал гӏагарлъиялдаги щибго лъазе толароан. Гьесги хӏайванилан гуреб цӏарцин абулароан дида. Нижер ахӏвал-хӏал кватӏун бичӏчӏарай мадугьалалъ абуна дида цо къоялъ гьев чияс тохлъукьего мун чӏвани, дур яс лъицадай хьихьилаян. Гьеб мехалда ракӏалде ккана дида, гӏадамазул гӏайибаздаса хӏинкъичӏого, гьеб балагьаб рокъоса дирго лъимер хвасар гьабун лъикӏилан.

Росасдаса ятӏалъун хадуб бащдаб лъагӏалица рукӏалиде бачӏунеб букӏинчӏо дир гӏумру. Жиндаго букӏун батилин гӏайибин абулелги камичӏо. Гьезул щивасда дирго гӏумрудул хӏакъикъат бицине дунги инчӏо. Бокьараб бицунел рукӏаян гӏадамалги тун, хӏалтӏизе ва цӏализе лъугьана. Къад университеталде хьвадулаан, къалъудаса хадуб руччабаз квен гьабулеб бакӏалде хӏалтӏизе хьвадулаан. Хӏалтӏуца ва бокьулеб ишалъ кӏоченабулаан дирго къварилъи. Гьанже цӏалиги лъугӏана, цогидав чиясе росасеги ун цоги лъимерги гьабуна. Дирго ясги гьесул лъималги цадахъ хьихьун, гӏадамал бахилаб яшавалдаги йиго гьанже».

Вагӏзачагӏи гӏемерлъун,

гӏадлу хун буго

Хадижат, 47 сон: «Ахираб заманалда хъизамал риххиялъе гӏиллалъун дица рикӏкӏуна, руччабазе ихтиярал цӏикӏкӏун щвей. Интернеталдасан руччабаз цӏехолеб буго лъикӏабги квешабги. Гьаб Инстаграм абулеб социалияб гьиналдаги психологалги вагӏзачагӏиги гӏемерлъун, гӏолилазул гӏадлу хун буго. Хъизамал риххи битӏахъе модаялде сверулеб буго. Цебе росасдаса ятӏалъарай чӏужугӏадан лъикӏ заманаялъ къватӏиего яхъунароан, магӏишат гьабизеги гьелъие захӏмат букӏунаан. Гьанжейин абуни, чӏужугӏаданалъухъа жийгоги лъималги хьихьизе бажарулеб буго. Ятӏалъун хадубги психологазухъе хьвадун хехго рукӏалиде ячӏуней йиго. Ятӏалъи цебе нич букӏун батани, гьанже гьелъул хӏакъалъулъ кӏудияб бергьенлъи босараб кинигин бицуна.

Диниял чагӏазги бицунеб буге-лъулха чӏужугӏаданалъул ихтияр бугин рукъалъул хӏалтӏи гьабичӏого тезецин. Гьеб бичӏчӏаралдаса нахъе руччабиги жидерго ихтиярал цӏехезе, гьездаса пайда босизе лъугьунел руго. Росасул эбел-инсулги гьесул яц-вацазулги къимат гьабулеб гьечӏо, гьезие адаб-хъулухъ гьабиялдаса инкар гьабулеб буго. Васасул хъизамалъ цебе гӏадин эбел-инсуда аскӏоб гӏумру гьабулеб гьечӏо. Гьединлъидалги батила жидеего бокьахъе хъизамалги риххи-

зарулел. Гӏицӏго жидерго рахӏаталъул гуребги, гьоркьор хутӏулел лъималазулги ургъел гьабизе ккеларищ».

Лейла, 28 сон: «Кӏудияб гӏелалъул руччабазда гьанжесеб гӏел бичӏчӏулеб гьечӏо. Цо-цо мехалда гьез нижедехун бугеб жидерго жахӏдацин бахчуларо. Нужее бугеб рахӏат жидее щвечӏин абула. Исламалда рекъон, лъабго моцӏалъ хъизан хьихьичӏого тарав росасдаса ятӏалъизе гьаеян имамасда аскӏое ине ихтияр буго чӏужугӏаданалъул. Имамас гьев чи вагӏза-насихӏат гьабун кантӏизавизеги бегьула. Имамасухъе ун, жиндирго ихтияразул тӏалаб гьабигицин нилъер гӏадамаз рогьо-ничалде сверизабула. Цогӏаги чӏужугӏаданалъе хӏажат букӏунаро лъимал инсудаса ратӏа гьаризе.

Нилъер бихьиналин абуни чанго соналъги рукӏуна Россия сверулел, гурхӏарас хьихьагиян лъадиги лъималги росулъ рехун тун. Цо-цоял гьенирго лъудбиги рачун чӏола, цогидал чунтбиги рагьун, тӏад руссунги рачӏуна. Щай бегьулареб гьезие вагӏза-насихӏат гьабизе? Гьабураб вагӏза-насихӏатги бичӏчӏичӏони, лъималги гьев чиясе хӏажат гьечӏони, щай чӏужугӏадан гьединаб хъизамги цӏунун чӏезе кколей?»