Гӏагараб авар калам. Дур куркьбаздаги рекӏун, роржуна дир пикраби рикӏкӏаде магӏарухъе. Гьез, кверги ккун, нухарегӏана дун батӏияб гӏумруялде. Гьезул рагӏдукь жакъаги батулеб буго дида рогьелги гьогьомиги.
Гӏагараб авар мацӏ! Унго, дур берцинлъи, дур камиллъи. Дур гьаракь рагӏарабго, цӏаюцӏуна цӏвабзахъе. Дозухъе, дур кумекалдалъун доре роржарал миллатго чӏухӏарал васалгун ясазухъе. Гьездаги бицине гьезул ирсилазул хӏакъалъулъ. Руго жакъаги нилъеда гьоркьор миллатги, мацӏги, тарихги хириял гӏолилал.
Гӏагараб авар мацӏ. Рагӏанищ дуда дурго васалгун ясазул сахаватал ишазул хӏакъалъулъ. Бокьун буго дуда кӏудияб рохел бицине:
— Мун дагьабги тӏегьаялъе ва хадусел ирсилазе ясбер гӏадин цӏуниялъе кӏудияб хӏалтӏи гьабулеб буго «Аварал» гӏуцӏиялъ. Гьелъ зама-заманалдасан данде гьарула магӏарулал, кӏалъала, хъвадарула, пикраби гьарула магӏарул мацӏалда. Гьединго гьезул квербакъиялдалъун рагьун буго «Калам» абун цӏар кьураб рахьдал мацӏал малъиялъул школа-курсал. Гьенир хӏалтӏулел ругел Хатимат Мирзоева ва Мухӏамад Манапов араб анкьалда нижехъе гьоболлъухъ рачӏун рукӏана.
Хатимат ккола Махӏачхъалаялъул №8 лицеялъул авар мацӏалъул ва адабияталъул учитель. Мухӏамад цӏалулев вуго ДГПУялъул Дагъистаналъул филологиялъул факультеталъул лъабабилеб курсалда. «Каламалъе» нухмалъи гьабулеб буго «Аварал» гӏуцӏиялдаса Марям Шапиевалъ. Гьейги ккола Шамхал поселокалъул гьоркьохъеб школалъул авар мацӏалъул учитель. Гьез тӏаде босун буго жавабчилъи цӏикӏкӏараб иш – рахьдал мацӏ лъазе бокьаразул курсазде хьвадулел гьелъул балъголъабазул дунялалде сапаралъ рачин.
«Калам» рагьаралдаса гӏемер заман инчӏо. Гьелъул гьаракь рагӏараб къолъун рикӏкӏуна исана соналъул 10 июнь.
Гьенир цӏалулел руго лъималги гӏолилалги. Бихьулищха – дагь-дагьккун гӏемерлъулеб буго рахьдал мацӏ лъазе бокьаразул къадар. Гьеб буго нилъ киналго рохизе ккараб хӏужа. Гьенир кьолел руго онлайн-дарсалги. Гьениса гӏагараб каламалъул камиллъи бихьизе ва бичӏчӏизе бокьарал гӏолилал кинха нахъ чӏвалел. Масала, гӏагараб Ватӏаналдаса рикӏкӏада, Франциялдаса жиндие авар мацӏ лъазе бокьун бугилан абураб ругьел Дагъистаналде щведал, мугӏрул киндай рохарал! Гьеб рохел нижеда бицана Мухӏамадица. Гьезул тӏогьазда тӏавап гьабулел чӏухӏарал цӏумазги кьурдул свери лъун батила гьениб. Гьелдаса хадубги кинха абилеб рахьдал мацӏалъ нилъергун къо-лъикӏ гьабулеб бугилан.
Хатиматицаги бицана жиндирго цӏалдохъан, Татаралдаса Раниял. Гьей кколей йиго аспиранткаги. Хӏалтӏулей рагӏула авар мацӏалъул грамматикаялда тӏад.
— Гьей йиго дир цӏалдохъабазул бищунго хӏаракатай. Авар мацӏ лъазабизе гьелъул бугеб гъираялъ дир гъирагицин багъа-башаризабуна, — йилан елъана Хатимат.
Гара-чӏварана авар мацӏ цӏуниялъе хадурккунги гьаризе бегьулел ва ругел ишазул хӏакъалъулъ.
«Каламалъулазда» ракӏалда буго цохӏо авар мацӏалъул гурелги курсал рагьизе. Байбихьун руго Дагъистаналъул цогидал мацӏазул курсалги. Гьебги ккола Дагъистаналъул халкъазул гьудуллъиялъул ва вацлъиялъул цоги мисалги.
Школалда гьединго малъизе руго авар халкъалъул тарихги, гӏадаталги, маданиятги.
Нух битӏаги дуе, «Калам». Биччанте нужеца раччун ругел лъикӏал къасдазул хулжалги магӏарулазул мацӏалде бугеб рокьул къатӏрабаз къойилго лъалъазе.