Гъанкъана нус-нус чӏегӏерхӏайван, лемаг-хух ва рекьулел хурзалгун-ахал

Республика жеги бигьун гьечӏо тӏабигӏияб балагьалъул хӏасилаздаса. Чвахунцӏадаздаса хадуб гӏодоблъиялда лъелъе ккун гъанкъарал минабазул ва гӏадамазул магӏишаталъе ккараб кӏудияб заралалъул хъвана ва жеги хъвалебги буго. Амма гьава-бакъалъул шартӏал кьварухъего чӏун руго. Гӏазугун жубараб цӏад бан, их бигъана исана магӏарухъги.

13 апрелалда согӏаб гӏазул бураналда гьоркьобе ккана Болъихъгун Гумбет районалъул гӏорхъода магӏарда букӏараб чуязул илхъи. Гьел пакъирал чахьалде щвезегӏан бараб гӏазукьги къан, церехун ине рес гьечӏеб ахӏвал-хӏалалде ккана.

Гьел хвасар гьаризе ахӏуд рахъарал, аскӏор ругел росабалъа гӏадамазда цадахъ гьенире ун рукӏана МЧСалъул хӏалтӏухъабиги.

Гьезул кумекалдалъун 20 чу хӏинкъи гьечӏеб бакӏалде бачине кӏвана, 10 чу хвасар гьабизе кӏвечӏо.

Нижехъе щварал баяназда рекъон, Чӏарада мухъалъул Рилъаб росдал Чӏулбукь магӏарда гӏазуца мугӏрул рацун, гьенир къан хутӏарал чуял раччизе ккана гӏолохъабаз. Гьенибго Рилъаб, Балхада колода гӏанси щун ичӏго чу хвана.

Магӏарухъ гьал къоязда гьава-бакъ кьерхун букӏана. Цӏунтӏа, Цӏумада, Лъаратӏа ва Бежтӏа мухъалда биццатаб гӏазу бана, гӏодорегӏан ругел районазда гӏазугун цӏад жубараб терет букӏана хьвагӏулеб. Цо-цо бакӏазда гӏазу нахъисеб къоялъги биун букӏинчӏо. Гӏазуца пихъ хвезабунадайин ургъалида руго хьиндаллъиялъул росабалъ гӏумру гьабун ругел ахихъаби.

Чӏегӏерхӏайван ва лемаг-хух

Марталъул ахиралда ва апрелалъул авалалда тӏатӏалаго рарал чвахунцӏададаса хадуб лъим кӏанцӏун гъанкъарал: Гӏадилотар, Къадиротар, Цӏияб Цӏиликь ва Дербент районалъул чанго росулъе лъим кӏанцӏун хадуб кӏудияб зарал ккана росдал магӏишаталъеги.

Лъеца гъанкъизабуна 1800 гектаралда хуриб бекьараб нигӏмат, гьединго хвезабуна 100 гектар ахазул ва 60 гектар цӏибил ва цогидабги гӏисинпихъ гӏезабулел ахазулги.

Гьедин бицана араб анкьил ахиралда республикаялде вачӏун вукӏарав РФялъул росдал магӏишаталъул министрасул заместитель Роман Некрасовас республикаялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏ. Гӏабдулмуслимовасулгун букӏараб дандчӏваялда.

Дагъистаналъул росдал магӏишаталъул бутӏаялда лъикӏаланго кьаби щвезабунин тӏабигӏияб балагьалъин бицана Гӏ. Гӏабдулмуслимовас. Цереккунисел баяназда рекъон, иххица ун буго 430 бетӏер чӏегӏербоцӏул (гьезда гьоркьоса 270 бечӏчӏулеб гӏака), тӏагӏун буго гьединго 670 бетӏер гӏи-цӏцӏаниялъул, 64-азаргоялдасаги цӏикӏкӏун гӏанкӏу-хӏелеко, хъазал, ордекал ва цогидабги рукъалъул хӏанчӏазул тӏинчӏ-къоно.

Гӏи-цӏцӏани гӏезабиялъул рахъалъ нилъер республика кидаго букӏана улкаялъул регионазда гьоркьоб бищунго цебесеб кьерда. Гьеб рахъалъ нилъехъ чӏел букӏана ахирал соназда. Гьебги хӏисабалде босун, тӏолгороссиялъулаб гӏи-цӏцӏаназул выставкаги тӏобитӏана нилъер гьаниб ахираб кӏиго-лъабго соналъ тӏатӏалаго.

Гьединал тарихалги рукӏаго, тӏабигӏияб балагьалъул хӏасилалда хвараб гӏи-цӏцӏаниялъул ва чӏегӏербоцӏул къадар гӏемерищ, дагьищ бугебилан суал кьуна нижеца Дагъистаналъул Фермеразул ассоциациялъул нухмалъулев Гӏабдурахӏман Абурикӏовасе.

Зарал гьитӏинаб гьечӏо, мацӏ лъалареб боцӏи ун буго

«Гӏи-боцӏухъабазул гӏаммаб магӏишат-яшавалда рекъон балагьани, кӏудияб къварилъи ккун буго. Тӏагӏараб гӏи-боцӏул бетӏергьаби ратула, жидерго гӏетӏалдалъун гьеб гӏезабурал гӏадатиял мискинчагӏи. Гьезие махӏги бигьаяб жо гуро гьеб. Гьединлъидал кин борцун балагьаниги, цӏакъ кӏудияб зарал ккун буго. Хур-херги гӏи-боцӏиги гӏемераб къоги бихьун гӏезабула нилъеца. Хасало лъорониб лъун хинлъизабун цӏунула вехьас кьегӏер. Цо чахъу гӏезабизе ккани, дагьа-макъаб захӏмалъи баччизе кколаро боцӏухъабаз. Хасго лъарагӏлъиялда гъийин цӏикӏкӏун баччизе ккола вехьас. Хасало гӏазул гьурал кутакаб, кьинги квачараб гӏатӏиракьалда бигьаго букӏунаро гӏи-боцӏи гӏезабулел чагӏазе.

Гьединлъидал хьул буго гӏи-боцӏухъабазе ккараб зарал хӏукуматалъ бецӏичӏого теларин. Гьединго абуна хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏ. Гӏабдулмуслимовасги РФялъул Росдал магӏишаталъул министерствоялъул вакиласулгун букӏараб дандчӏваялдаги. Амма гьаниб тӏаде жубазе ккола гьел киналго руго цереккунисел тарихал. Жеги гӏаммаб къагӏидаялъ росдал магӏишаталъе ккараб заралалъул — хвараб гӏи-боцӏулги, гъанкъараб хур-хералъулги хӏисаб гьабун рагӏалде бахъун гьечӏо, гьабсагӏат рехсолел тарихал гьел руго цереккунисел баянал. Гьанжеялдего ккараб заралалъул гӏаммаб къимат кьезе жеги цудунго бугин абила дица, гьелде жеги цоги нухалъ нахъруссине ккола, — ян бицана Гӏ. Абурикӏовас.

Гьабсагӏаталда ругел баяназда рекъон лъеда гъоркье ккун гъанкъун буго 129 мина-рукъги ва 114- гӏанасеб рукъалда цебе бугеб ах-хурги. Заманаялъ гьанир-дора хӏебтӏун вуго лъеца мина-рукъ хвезабурав 519 чи, гьезда гьоркьоса 177-ял ккола гӏисинал лъимал.

Рищниялъул хутӏелал сабаблъун

Бабаюрт районалъул «Чкаловасул» цӏаралда бугеб Лъаратӏа районалъул СПК судалде кьун буго республикаялъул Россельхознадзоралъ. Араб соналъул ноябралдаго гьеб идараялъул хӏалтӏухъабаз тӏатинабуна, бицен гьабулеб росдал магӏишаталъул кооперативалъул 13 гектаралда полиэтиленалъул хутӏелал щущан рукӏиналъул хӏужа. Бекьизе хӏалтӏизабулеб ракьги батун гьечӏо гьеб.

Россельхознадзоралъ СПКялдаса тӏалаб гьабуна 13 гектаралда магъакь-кӏачаралъул хутӏел бацӏцӏад гьабизе ва ракьги хӏалтӏизабизе кьезе. Амма гьел гьезул тӏалабалъе гӏинкъаллъун хутӏана.

Исана марталда Лъаратӏа районалъул халкъияв судьяясги гӏакӏа къотӏун букӏана гьеб росдал магӏишаталъул коопертивалда тӏад, амма гьелдаса хадубги гьез заралияб химикаталъул хутӏелаздасан лъугьараб кьищни-къулалъул гохӏ бацӏцӏад гьабизе тадбирал гьаричӏо. Гьанже Россельхознадзоралъ иск кьуна районалъул судалде, хӏал гьабун рищни нахъе бацӏцӏад гьабизе гьел тӏамизе.

Къватӏул гьабзазул хӏинкъи

Каспийскиялда къватӏул гьаби гӏадамазде рортиялда хурхун, такъсир гьабиялъул иш рагьун буго РФялъул цӏех рехалъул комитеталъул хъулухъалъул хӏалтӏухъабаз

Лъагӏалил байбихьудаса нахъего чанго хӏужа ккун буго къватӏахъ рукӏунел гьаби гӏадамазде тӏаде кӏанцӏараб. Ахирисеб гьединаб лъугьа-бахъин ккана 7-13 апрелалда. Гьабзаца хӏанчӏун къварилъи ккарал чагӏазда гьоркьор руго лъималги.

Къватӏул гьабзаца тӏутӏун ян, 75 сон барай гӏадан хун йикӏана дагьалъ цеегӏан Буйнакскиялдаги. Балагьаб лъугьа-бахъин ккана 25 марталда. Шагьаралъул насраниязул хабалалъе уней йикӏарай херай гӏадан тӏадги речӏчӏун, хӏанчӏ-хӏанчӏун яна чанго къватӏул гьоялъ. Гьей гъарим гьеб бакӏалдаго къадаралде щвана.

Ракӏалда буго, къватӏахъ рукӏунел гьабзазул кӏудияб хӏинкъи букӏиналда бан, гьалдаса анцӏго соналъ цебе гьел киналго кквезе тадбирал тӏоритӏун рукӏана республикаялда. Гьединго рагьун рукӏана, гӏадамазе хӏинкъи бугел гьаби жанир тӏамизе хасал вольералги. Нахъеги гьединалго тадбирал ургъизе заман щун бугилан ккола.

Ашахан Юсупов