Чӏарада районалъул бетӏер Хӏусен Гӏарабиевги гьесул заместитель Салман Хӏажиевги гӏахьаллъана республикаялъул хӏукуматалъ тӏобитӏараб оперативияб штабалъул видео-дандеруссиналда. Гьеб нухда бачана ДРялъул вице-премьер Рамазан Жапаровас. Данделъиялда гӏахьаллъана ДРялъул Гражданияб оборонаялъул, тӏасан борчӏараб ахӏвал-хӏалалъул ва тӏабигӏиял балагьазул хӏасилал тӏагӏинариялъул рахъалъ министр Нариман Казиахӏмадов, РФялъул МЧСалъул Дагъистаналда бугеб Бетӏераб управлениялъул нухмалъулев Муслим Девришбеков ва балагьалъукье ккарал районазул бутӏрул.

Хӏалуцараб ахӏвал-хӏал буго Чӏарада районалъул Цӏуриб-Арчиб шагьранухдаги цо-цо росабалъгиян бицана Хӏ. Гӏарабиевас. Гъунисан Цӏурибе унеб нухда руго ракь ччукӏарал ва чӏахӏиял ганчӏал нухде гирун рачӏарал бакӏал. Гьелдалъун хӏинкъи буго машинаби хьвадиялъе. Гьединлъидал нухлул цо рахъалдасан гурони машина ун бажаруларо гьенисан.

Жеги цӏикӏкӏараб хӏинкъи буго Цӏуриса Магъар росулъе ва гьенисанги Шалибегун Арчибе бугеб шагьраялда. Бортизе къачӏараб хӏалалда буго Магъар росдада гӏагарлъухъ бугеб кьоги. Лъеца чурун ун буго Гъимилъ абураб бакӏалда бугеб кьодул сакӏазда гъоркьа ракьги.

Гьелде тӏадеги, тӏабигӏияб балагьалъул хӏасилалда хӏубалги регун ун, 11 къоялъ токалдаса махӏрумлъана 7-8 росдал гӏадамал. Букӏинчӏо гьел росабалъе машинадул нухги. Гьабсагӏаталда бахъун чӏезабуна токалъул 22 хӏуби. Гьезул 4-5-яб тӏатӏала руссун бахъинабизе ккана, гьава-бакъалъул тӏадецуялъ регизарунги ратун. Эхетизабизе ккола жеги 15 токалъул хӏуби. Машинадул нух гьечӏолъиялъ гьеб масъала тӏубазабиялъе квалквал гьабулеб буго.

Районалъул нухмалъиялъ абухъе, «Чӏарада» РСУялъул гьечӏо гьединаб хӏалалда хӏалтӏизабизе санагӏатаб техника: буго цо трактор.

Республикаялъул оперативияб штабалъул данделъиялдаса хадуб Хӏ. Гӏарабиев цоги нухалда щвана къварилъи ккарал росабалъе. Гьесда цадахъ рукӏана заместитель С. Хӏажиевги, районалъул депутатазул собраниялъул председатель Кӏудамухӏамад Махӏачевги, нухал къачӏазе ругел подрядчиказул вакилзабиги.

Арчиб-Шалиб нухрикьуда (гьенисан чвахулел руго иххал) гьел дандчӏвана бакӏалъул жамагӏатазул вакилзабигун. Гьез бицана тӏоцебесеб иргаялда гьабизе хӏажатаб кумекалъул хӏакъалъулъ.

Хадуб халгьабуна Магъар росдал къватӏазухъ, ракь ччукӏарал бакӏазухъ. Щвана токалъул хӏубал лъолел бакӏаздеги.

Хадусеб къоялда Хӏ. Гӏарабиев дандчӏвана Шалиб росдал бегавул Айвазхан Хӏасановгун ва гьеб росдал депутатгун. Бицана заманалда росулъе хьвадизе санагӏат гьабиялъулги, дарабигун кванил нигӏматал ва хӏажатаб къайи щвезабиялъулги хӏакъалъулъ. Хӏукму гьабуна, райадминистрациялъул ресаздаса ва Шалиб росулъ бугеб техникаялдаса пайдаги босун, Арчибехун унеб нух бацӏцӏад гьабизе ва гьедингӏаги токалъул масъала тӏубазабизе.

Кавсарат Сулейманова