1931 соналъул 11 апрелалда Турциялда, Самсун вилаяталъул Чаршамба районалъул Сёгютпинар росулъ гьавуна дунялалдаго цӏар рагӏарав турказул гугарухъан, магӏарул мугьажирзабазул вакил Мустӏафа Дагъистанли. Гьесул кӏудияв эмен Гъуниб районалъул Гьонода росулъа гочун вуго Турциялде. Мустӏафаца анкьго сон бараб мехалда, хун вуго эмен Мухӏамад. Гьев вукӏун вуго чанахъан. Цо нухалда чанаве арав чи, магӏарда букӏараб цо хӏоринивеги ккун, гъанкъун вуго.

Дида лъалаан гьев машгьурав инсан, дандчӏван, гӏодобиччараб гара-чӏвари гьабизе ресги щун букӏана. Амма гьесда мухӏканго лъалеб гьечӏоан жиндир умумузул тарих, кида ва киса гьел рачӏаралали.

Мустӏафа Дагъистанли чанго нухалда вачӏун вукӏана инсул ватӏаналде. Гьесул лъикӏаб гьудуллъиги гьоркьоблъиги букӏана Гӏали Гӏалиевгун ва Дагъистаналъул гугарухъабигунги политикалгунги.

Анкьго сон барав Мустӏафаца цин байбихьана турказул каракучак (рачел ккун) гугари гьабизе, хадув, 18 сон барав чи, рагъулаб флоталда хъулухъ гьабулеб мехалда, машгъуллъана эркенаб гугариялде. Гьесул тренерлъун вукӏана машгьурав гугарухъан Яшар Догъу. Турказул гӏемерисел гугарухъаби кинигин, гьев грек-римазул ва эркенаб гугариялъул турниразда цеве вахъунаан. Амма цӏикӏкӏун шапакъаталги цӏаралги гьесие щвана эркенаб гугариялда.

Тӏоцебе Мустӏафаца миллияб форма ретӏун буго 1954 соналда ва гьебго соналда Токиоялда тӏобитӏараб эркенаб гугариялъул дунялалъул чемпионаталда чемпионлъун вахъун вуго. Хадусеб 1955 соналда гьес гӏахьаллъи гьабула Барселонаялда тӏоритӏарал Кӏудияб ралъдал хӏаязда. Гьениб Мустӏафаца тӏоцебесеб бакӏ ккола грек-римазул гугариялъул рахъалъ.

1956 соналда Австралиялъул Мельбурн шагьаралда тӏобитӏараб Олимпиадаялда Мустӏафа вахъана 57 кг цӏайиялда эркенаб гугариялъул рахъалъ чемпионлъун.

62 кг цӏайиялъул классалде вахун хадуб, Мустӏафа Дагъистанлица бергьенлъи босана Истамбулалда (1957) ва Тегераналда (1959) тӏоритӏарал дунялалъул чемпионатазда. 1960 соналда Рималда тӏоритӏарал Олимпиялъул хӏаяздаги гьебго соналда Бургасалда тӏобитӏараб Балкан чемпионаталдаги гьев вукӏана жиндир цӏайиялда тӏоцевесевлъун.

Жиндир спортивияб гӏумруялда жанив Мустӏафа бергьана Турциялда ва халкъазда гьоркьосеб даражаялда тӏобитӏараб 393 къецалъул 389-ялда. Чанго нухалда щивниги бергьинчӏеб хӏасилги ккана гьесул ва киданиги къейги ккечӏо.

Гугариялдаса нахъе ун хадув Мустӏафа хӏалтӏана тренерлъун ва вукӏана Турциялъул Гугариялъул федерациялъул членлъун, машгъуллъана бизнесалде. 1961 соналда гьес гӏуцӏана шагьаразда гьоркьор гӏадамал раччулеб «Дагъистанли» абураб автобус фирма. Гьеб жакъаги хьвадулеб буго Самсун-Истамбул шагьаразда гьоркьоб.

1973 соналдаса 1980 соналде щвезегӏан Мустӏафа Дагъистанли вукӏана Турциялъул Кӏудияб Миллияб Мажлисалъул (парламенталъул) Самсуналдаса вищарав «Ритӏухълъи» партиялъул депутатлъун.

Мустӏафа Дагъистанлица гьабуна кӏиго нухалда хъизан. Тӏоцеесей лъади хвана унтун. Гьелдаса хутӏана цо васги ункъо ясги. Кӏиабилей хъизаналдаса гьесул руго васги ясги. Ахирал соназда гӏумру гьабун вукӏана Истамбулалда. Мустӏафа Дагъистанли хвана 2022 соналъул 18 сентябралда, 91 сон барав чи Анталия шагьаралъул больницаялда. Вукъун вуго Анкараялда, Каршияка хабалахъ.

Мустафа Дагъистанлил бергьенлъаби:

1954 сон. Токио, эркенаб гугариялъул дунялалъул чемпионат, 57 кг

1955 сон. Барселона, Кӏудияб ралъдал хӏаял, грек-римазул гугари, 57 кг

1956 сон. Истамбул, Дунялалъул кубок, эркенаб гугари, 62 кг

1956 сон. Мельбурн, Олимпиада, эркенаб гугари, 57 кг

1957 сон. Истамбул, эркенаб гугариялъул дунялалъул чемпионат, 62 кг

1959 сон. Тегеран, эркенаб гугариялъул дунялалъул чемпионат, 62 кг

1960 сон. Бургас, Балкан чемпионат, эркенаб гугари, 62 кг

1960 сон. Рим, Олимпиада, эркенаб гугари, 62 кг

Ахӏмад Муртазагӏалиев