Гьал къоязда Дагъистаналде, чвахунцӏадаздаса хадуб лъим кӏанцӏараб Дербент районалъул Мамедхъала росулъе гуманитарияб кумекгун бачӏун букӏана Мариуполь шагьаралдаса делегация. Дагъистаналде рещтӏарал тӏабигӏиял балагьазул хӏакъалъулъ рагӏарабго жидедаго хӏалкӏвараб гуманитарияб кумекги бакӏарун рачӏана «Гӏолохъанаб гвардия» абураб Мариуполь шагьаралда бугеб отделениялъул нухмалъулев Никита Аверкин, Мариуполалда бугеб Санкт-Петербургалъул вакиллъиялъул нухмалъулев Олег Моргун ва шагьаралъул собраниялъул депутал.

Гьелгун цадахъ къварилъи ккаразе бажарараб кумек гьабизе Мамедхъалаялде щвана Хьаргаби районалъул бетӏерасул заместитель Асхӏабгӏали Маликовги. Донбассалдаса гьалбалгун лъикӏаб гьудуллъи ва бухьен ккана гьесул хасаб рагъулаб операциялъул заманалда къварилъи ккарал гӏадамазе районалдаса гуманитарияб кумекгун хьвадулеб заманалдаго.

Мамедхъалаялде щвейгун гьелгун дандчӏвана ДРялъул туризмалъул министр Эмин Мерданов, районалъул бетӏер Эльман Гӏалахвердиев. «Красный крест» абураб халкъалда гьоркьосеб багъа-бачариялъул штабалде гуманитарияб кумекги щвезабун, Донбассалдаса делегация ана рукъзабахъе лъим кӏанцӏун зарал ккаразе кумек гьабизе.

Дагъистаналде гуманитарияб кумекгун рачӏиналъул хӏакъалъулъ Олег Моргуница гьадин бицана: «Централияб телевидениялдаса Дагъистаналда ккараб къварилъиялъул хӏакъалъулъ бицунебги рагӏун, нижеца хӏукму гьабуна лъим кӏанцӏун, бищунго зарал ккараб районалде, Мамедхъала поселокалде нижехъаго бажарараб кумек гьабизе рачӏине. Нижер делегациялда гьоркьор руго: Мариуполь шагьаралъул «Гӏолохъанаб гвардиялъул» вакилзаби, шагьаралъул советалъул депутат. 2022-2024 соназда нижее цӏакъ захӏматал соназда, кумек гьабулаан Дагъистаналъ. 2022 соналдаса байбихьун нижехъе гуманитарияб кумекгун гӏемер щвана Дагъистаналдаса делегация Асхӏабгӏали Маликовасул нухмалъиялда гъоркь. Доб заманалда цӏакъ къимат тӏокӏаб кумеклъун букӏана гьеб. Гуманитарияб рахъалъ, бакӏал ралелъул, инфраструктура цӏигьабулелъул пачалихъияб программаялда рекъон, дагъистанияз цӏакъ кумек гьабуна. Шагьар чӏунтун букӏана. А. Маликовас ва цогидал дагъистанияз бачӏунаан гуманитарияб кумек, тӏоритӏулаан концертал, культуриял тадбирал. Нижедаги ракӏалде ккана къоккараб мехалъ нижее квербакъарал дагъистаниязе нижедаги тӏадаб бугин хӏалкӏвараб кумекгун къватӏире рахъине. Генераторал, бензопилаби, чӏахӏияб рищни-къул бакӏаризе инструментал ва цогидабги босун къватӏире рахъана.

Кӏудияб баркала буго дагъистаниязе нижее бищунго захӏматаб заманалда квербакъаралъухъ. Нижеца гьаниб бихьараб бицана Мариуполалде щварабго. Нижер рахъалдаса гьаб кумек ахирисеб гуро букӏине бугеб.

Дун анцӏгоялдаса цӏикӏкӏун соналъ хӏалтӏана батӏи-батӏиял шагьаразул нухмалъиязда. Украинаялда гӏорхъода ругел, тунка-гӏусиял кколел бакӏал рукӏана гьел. Хехаб заманалда къачӏазе кколаан нижеца риххарал, чӏунтизарурал бакӏал, цӏигьабизе кколаан магӏишат. Гьениб щвараб хӏалбихьи нужееги бикьизе бегьулаан нижеца, амма бихьулеб буго гьаниб гӏадамазе хӏажатаб кумекалъе кинабго жо чӏезабун букӏин. Бихьулеб буго гьанибе Россиялъулго квербакъи щолеб букӏин. Шагьар цӏигьабизе кумек гьаби гуребги, хасаб рагъулаб операциялда гӏахьаллъулел нужер гӏолохъабаз эркен гьарулел руго сверун къарал ракьалги», — ян.

Мариуполь шагьаралдаса битӏун бачӏараб гуманитарияб кумекалда гьоркьор ругоан «Мариуполалъул лъималаз Дагъистаналъул лъималазе» абун тӏад хъварал ящикал. Гьезул хӏакъалъулъ бицана «Гӏолохъанаб гвардиялъул» вакил Никита Авердиница:

«Гуманитарияб кумек бакӏарана нижер шагьаралъул гӏадатиял гӏадамаз, школазул цӏалдохъабаз. Гьаб буго гуманитарияб кумекгун нижер тӏоцебесеб сапар. Гьаниб къваригӏараб, гӏолареб жоги цӏехон, хадурги рачӏине ракӏалда буго. Нижер школазул цӏалдохъабаз гӏелбащадал дагъистаниязе битӏана канцелярия. Гӏадатиял гӏадамаз гӏарацги бакӏарун, гӏорхъолъа борчӏараб ахӏвал-хӏалалда тӏоцебесеб иргаялда гӏадамазе хӏажалъулеб къайи битӏана», — ян.

Асхӏабгӏали Маликовас баркала загьир гьабуна гуманитарияб кумекгун рачӏарал донбассалъулазе:

«Дагъистаналъул къварилъи рекӏелъе босичӏев чи хутӏун ватиларин улкаялдагоян абизе бегьила. Донбассалъул лъималцин руго Дагъистангун. Исана — Россиялъул халкъазул цолъиялъул соналда, гьаб къварилъиялъулъ нилъеда бихьана нилъер цолъи ва гъунки. Кӏудияб баркала буго Дагъистаналъе квербакъулелщиназе», — ян.

Чвахунцӏадаздаса хадуб, Геджух хӏорил сангарги тӏун, лъекье ккараб Мамедхъалаялъул цо-цо къватӏал анкь ун хадусаги жеги хӏарулъ къаралго ругоан. Щибаб къотӏнор волонтеразул къокъабиги ругоан гьел хӏарудаса ва чӏахӏияб кьищни-къулалдаса рацӏцӏад гьарулел. Донбассалдаса гьалбадерицаги жидехъаго бажарараб кумек гьабуна минабазда сверухъ бугеб гамачӏ-хъитӏ, кьищни-къул цойиде буссинабизе.

Цо-цо минаби саманалъул кирпичалъул гьарурал рукӏиналъ, хӏарччул гъуниялде сверун ругоан. Гьеб гъуниялде кверги битӏун, цо кӏодоца нижеда ракӏунтун бицунеб букӏана: «Гьале, гьаниб букӏана дир мина, доб цояб рахъалда букӏана васасул мина. Бихьулищ? Гьанже ниж кире инел? Кидалъизегӏан рукӏинел гӏагарлъиялъул бакӏалда, гӏодор бусабиги тӏамун?» — ан.

Гьелъие ракӏбатулел рагӏаби абулел рукӏана гьезул къварилъи жидедаги бичӏчӏулел, тунка-гӏусиязул хӏасилалда чӏунтараб магӏишат гьанжего гьанже рукӏалиде бачӏунел ругел донбассалъулаз…

Патӏимат Султӏанмухӏамадова