ДРялъул физкультураялъул ва спорталъул министр Сажид Сажидовас гьадинаб пикру загьир гьабуна ДРялъул бетӏер Сергей Меликовас тӏобитӏараб пресс-конференциялъул хӏакъалъулъ: «ДРялъул бетӏерасул журналистазулгун, блогеразулгун ва жамгӏиял гӏуцӏабазул вакилзабазулгун букӏараб гара-чӏвариялъ лъикӏаб асар гьабуна дие. Дида Сергей Алимович лъала ракӏрагьарав инсан хӏисабалда. Гьеб дандчӏваялъги тасдикъ гьабуна гьеб. Къиматаблъун дица рикӏкӏуна республикаялъул нухмалъулев щивасда бичӏчӏулеб мацӏалда кӏалъайги кьолел суалазухъ кӏваркьун гӏинтӏамиги ва гьезие чӏванкъотӏарал жавабал кьейги.
Гьайгьай, жакъа республикаялда хӏалуцараб хӏал буго. Тӏабигӏияб балагь хъинтӏана гӏемерал гӏадамазда. С. Меликовас абухъе, тӏабигӏияб балагь рещтӏунеблъи нилъеда цебеккунго лъаларо. Кин бугониги, хӏажат буго гьелдаса цӏуниялъе тадбирал гьаризе — гӏурумухъалда минаби рачӏого тезе, токалъул мухъал цӏигьаризе. Анцӏ-анцӏ соназ кӏвар кьечӏого тарал масъалаби дагьал гьечӏо нилъер. Бичӏчӏизе ккола: гьел тӏагӏинариялъул мурадалда хӏалтӏи гьабулеб буго; цоял тӏуразарун руго ва цогидал республикаялъул бетӏерасул берзукь руго. Гьес гьел тӏуразарулел руго федералияб кумекалдаса пайдаги босун. Масала, токалъул масъалабазул хӏакъалъулъ бицана гьес Федерациялъул Советалъул данделъиялдаги улкаялъул президентасулгун букӏараб дандчӏваялдаги.
Талихӏкъосиналъ, информалатазда камуларо хӏакъикъат хисизабурал, гьеб тӏекъаблъун бихьизабулел баянал. Бегьуларо, цӏарги балъго гьабун, гьереси тӏибитӏизабизе, хасго каламалдаса жидеего санагӏатал бутӏабиги рехсон. Гьеб рекъон гьечӏо дагъистаниязда.
Спорталъул рахъалъ абуни, республикаялъул нухмалъиялъул кумекалдалъун ралел руго спортивияб инфраструктураялъе хӏажатал бакӏал. Гьелдалъун нилъер спортсменазул бергьенлъабиги цӏикӏкӏунел руго. Букӏана гӏумруялъе хӏинкъи гьечӏолъи цӏуниги парахалъиги аслияблъун рикӏкӏунеб заман. Гьеб заманалда спорт цодагьаб нахъе ккун букӏун батизеги бегьула, амма гьабсагӏаталда цебетӏей лъикӏаб буго.
Аслияб масъала буго тӏадхъел бугел спорталъул бакӏал гӏемерлъизари. Руго гьелъул мурадалда хӏадурарал проекталги гьезул рахъкколелги. Бищунго хӏажат буго Махӏачхъалаялда тӏадхъел бугеб бассейн бан бахъинабизе — гьеб буго миллиардалъулаб проект. Сергей Меликовасул жигараб гӏахьаллъиялдалъун тӏасияб соналда гьеб бан бахъинабизе ккола. Ракӏчӏун абила: гьелъул кумекалдалъун республикаялда спорталъул тайпаби церетуркӏила.
Жамгӏияталъулгун ракӏрагьараб гара-чӏвари кутакалда хӏажат буго: гьеб ккола бокьараб суалалъе жаваб кьезе республикаялъул бетӏер хӏадур вукӏиналъулги Дагъистаналъул цебетӏеялъе гӏоло гьев хӏалтӏулев вукӏиналъеги нугӏлъи гьабулеб хӏужа», — ян.
Кавсарат Сулейманова