ДРялъул бетӏер Сергей Меликов дандчӏвана Дагъистаналъул журналисталгун, блогералгун ва жамагӏатазул вакилзабигун. Гьес жавабал кьуна республикаялда ккарал балагьал лъугьа-бахъиназда сверухъ рижарал суалазе.
«Нилъеца гьабизе кколеб хӏалтӏи цӏакъ гӏемер буго. Чвахунцӏадаз ракьал ччукӏизарулел руго батӏи-батӏиял районазда. Гьелде тӏадеги, ккана гӏаздал гӏансиял тӏеялъул лъугьа-бахъиналги», – ян бицана С. Меликовас, данделъи рагьулаго.
Республикаялъул нухмалъиялда цебечӏараб аслияб масъалалъун гьес рехсана къварилъи ккарал гӏадамазе кумек гьаби. «Цереккун гьадигӏан гӏемер цӏадал рачӏо ва кӏудияб заралги гьез гьабичӏо, гьединлъидал ругьунаб къагӏидаялъ хӏалтӏи гӏуцӏун бажаруларо», — ян абуна гьес.
Тӏоцебесеб иргаялда С. Меликовас бицана гӏарцул кумек гьабулеб къагӏидаялъул хӏакъалъулъ. Къварилъиялде ккаразе, рухӏ рикӏкӏун, щивасе кьезе буго 15675 гъурущ. Рукъалъул къайиялъул пуланаб бутӏаялдаса махӏрумлъаразе – 78 735 гъурущ, тӏубанго къайи гьечӏого хутӏаразе – 156 750 гъурущ. Сахлъиялъе кӏудияб ва гьоркьохъеб даражаялъул зарал ккаразе бихьизабун буго 627 азарго гъурущ, дагьа-макъабго зарал ккаразе – 313 500 гъурущ. Балагьалъукьеги ккун, хварав чиясе цо миллионгун 567 азарго гъурущ. Гьеб къадаралда кумек гьабулеб буго Россиялда чӏезарурал нормативазул кьучӏалда. Рецӏалил гӏарац кьола «Госуслуги» порталалдаса хитӏаб гьабун хадуб. Гьелъухъ халгьабизе ва баянал мухӏкан гьаризе чӏезабун буго 11 къо. Ккараб заралалъул хӏисаб гьабула муниципалитетазда гӏуцӏараб хасаб комиссиялъ ва гьебго комиссиялъ хӏадурула кумек щвезе кколел гӏадамазул сияхӏги.
С. Меликовас хасаб кӏвар буссинабуна нилъерго гӏадамаз цоцазеги Россиялъул регионаз нилъееги гьабулеб кумекалде. Масала, Оренбург областалъул губернаторас хехаб къагӏидаялда Дагъистаналде витӏана МЧСалъул 10 хӏалтӏухъанги гуманитарияб кумекги. Кӏиго соналъ цебе рехсараб областалъул Орск шагьаралде лъим кӏанцӏараб мехалда тӏоцере гьенире щвана Дагъистаналъул волонтерал.
Тӏабигӏияб балагьалъул заманалда С. Меликовасде гъегъ балелги дагьал рукӏинчӏо. Гьеб ДРялъул бетӏерас рикӏкӏунеб буго «учузаб хайплъун»: лъугьа-бахъунеб жоялъул мухӏканлъи лъачӏого, бугеб хӏалалъул захӏмалъи хӏисабалде босичӏого, жидеего цӏар-рецц гьабизе бокьилъун. «Рес гьечӏо жакъа къоялда кьучӏаб критика букӏине. Щивас жиндихъа бажарухъе хӏалтӏи гьабулеб буго — спасателазги, волонтеразги, блогеразгун мадугьалзабазги. Нилъер цо-цо гӏадамал ругьунлъун руго, щиб кканиги, бищунго лъикӏ хӏакъикъат лъалеллъунги хӏан, цогидазе гӏакълаби кьезе рахъине», – ян абуна ДРялъул бетӏерас.
Гьесул берзукь руго мугӏрузул районалги. Гӏаздал асираллъун ккарал росабалъ гьечӏо ток, телефоналъул бухьен, хвезарун руго нухал. Гьелъул хӏакъалъулъ бицана цересел къоязда Сергей Меликовас тӏобитӏараб оперативияб штабалъул данделъиялдаги. Гьенир мухӏканго рехсана щибаб муниципалитеталда ругел масъалаби. «Махӏачхъалаялда, Гӏадилотаралда, Мамедхъалаялда ккараб балагьалъул хӏакъалъулъ бицунаго, кӏочене бегьуларо Цӏунтӏа, Дахӏадаев, Агул, Догъузпара, Кули, Лак, Буйнакск ва Цӏумада районаздагун Бежтӏа участокалда бугеб ахӏвал-хӏалги. Гӏанси тӏун бачӏиналъул ва ракь ччукӏиялъул хӏинкъи буго гьениб. Гӏансиги тӏун, гӏадамазе къварилъи ккана. МЧСалъул хӏалтӏухъабаз гьенибе нух бахъилелде бакӏалъул гӏадамаз къватӏире рахъана гӏонсокье ккарал. Тӏабигӏияб балагь кида гӏунтӏулебали мухӏкан гьабизе рес букӏунаро. Гьебги хӏисабалде босизе ккола нилъеца», — ян бицана С. Меликовас.
Тӏабигӏияб балагьалдалъун гӏи-боцӏуе ккараб заралалъулги хӏисаб гьабулеб буго ДРялъул Росдал магӏишаталъул ва кванил нигӏматазул министерствоялъги Ветеринариялъул комитеталъги. Гьабсагӏаталда сияхӏ мухӏкан гьабулеб буго ва зарал бецӏизе хӏадурлъулел руго. Гьелде тӏадеги, хвараб боцӏудасан унтаби тӏиритӏунгутӏиялъе тадбиралги гӏуцӏун руго.
Бицен ккана гӏемерав чиясул ракӏ гӏагализарураб «Гогьдаризаруге гьелан» Меликовас абиялъул хӏакъалъулъги. «Меценат Гӏумар Кремлев вуго дир лъикӏав гьудул. Мамедхъалаялдаса тӏадвуссарав гьевгун аэропорталда дандчӏвана дун. Гьес гӏемераб хӏалтӏи гьабуна Дагъистаналда бокс машгьурлъизабиялъе. Гъоркьиса нилъер лъабго боксер вахъана дунялалъул чемпионлъун. Гьудуласе махсара гьабун абураб дир рагӏи гӏочӏода чӏвачӏониги бегьилаан», — ин бицана С. Меликовас.
ТАССалъул мухбир Гянджеви Гаджибалаевас гьикъана жакъа гӏоразда кинаб ахӏвал-хӏал бугебан абун. Лъел балагь ккезе рес бугеллъун регионалъул бетӏерас рехсана Терек, Сулахъ ва Самур. Гӏазу бииналдалъун балагь ккезе бегьула Цӏунтӏа, Цӏумада ва Югалъулаб Дагъистаналда ругел гӏоразгиян жаваб кьуна гьес. Бицана гьес рехсарал гӏоразул рагӏаллъаби щулалъизаризе гьабулеб хӏалтӏул хӏакъалъулъги. «Ахираб 3-4 соналъ щулалъизаруна Терекалъул рагӏаллъаби. Жакъа гьелда хадуб халкквейги буго. Гьединал тадбираз рес кьола тӏабигӏияб балагьалде хӏадурго рукӏине. Иш захӏматаб хӏалалде ккола цо-кӏиго къоялда жаниб лъагӏалил ва кӏиго лъагӏалилцин нормаялъул цӏад бараб мехалда. Киналго гӏораздаги хӏораздаги хӏалтӏи гьабиялъе гӏезегӏан гӏарацги хӏажалъула. Улкаялда бугеб экономикияб хӏалалъухъ балагьунлъидал гьебги щолеб ва тӏабигӏияб балагь кканщинахъе гьеб кьезе республикаялъул ресги букӏунаро. Амма чара гьечӏого тадбирал гӏуцӏизе ккола чӏахӏиял шагьарал лъелъ гъанкъунгутӏизе», — ян бицана С. Меликовас.
Социалиял гьиназда тӏибитӏизабуна лъелъ гъанкъараб бакӏалде щварав РФялъул президентасул СКФОялда вугев вакил Юрий Чайкада цебе тӏанса тӏамиялъул сурат. Гьебги ракӏалде щвезабуна С. Меликовас. «Щивасул кӏалдиб буго, щай гьеб тӏамурабан абураб суал. Ракӏбацӏцӏадго абуни, дида лъаларо. Амма хӏакъаб жо — Юрий Чайкаца хӏориниб хӏетӏе чӏечӏого хутӏана. Нилъехъе вачӏарав гьоболасе хӏурмат гьабилъун теха гьеб. Хадуб тӏобитӏараб данделъиялда тӏанса тӏамиялъул суалго баккун букӏинчӏо», — ян бицана гьес.
Лъелъ гъанкъарал ракьазда ругел росаби батӏияб бакӏалде гочинаризе ракӏалда бугищан гьикъана «Дагестанская правда» газеталъул бетӏерай редактор Бурлият Токъболатовалъ. «Гьабсагӏаталда чӏванкъотӏараб жаваб кьезе кӏоларо. Аммагьеб рахъалъ хӏалтӏи гьабулеб буго. Кидаго лъелъ тӏерхьунеб бакӏалда цӏидасан минаби раялъул магӏна гьечӏо. Лъелъ гъанкъарал росабазул гӏадамазги абуна, тӏоцебесеб нухалда гурила гьеб балагь жидеде рещтӏарабан абун. Гьелдаго цадахъ, захӏматаб суал буго росу баялъе Дагъистаналда ракь бати. Гьеб масъала тӏубаялда тӏад хӏалтӏулел руго», — ян жаваб кьуна гьес.
Кавсарат Сулейманова