Ахирал соназда Дагъистаналде туристал рачӏине байбихьаралдаса гьезие хъулухъ гьабулезулги, гьел жанир чӏезе ралел гьалбадерил рукъзабазулги къадар гӏемерго цӏикӏкӏана. Масала, ДРялъул Туризмалъул ва халкъиял промыслабазул министерствоялъул баяналда рекъон, ахираб щуго соналда жаниб гьеб къадар цӏикӏкӏун буго кӏиго нухалда ва, Северияб Кавказалъул федералияб округалде гьоркьоре унел регионал росани, Дагъистан буго кӏиабилеб бакӏалда. Тӏоцебесеб бакӏалда буго Ставрополь край.
Мугӏрузул санагӏатаб ракь
Гьеб киналдаго цадахъ республикаялда цӏикӏкӏана туроператоразул, ай компаниязул къадарги. Масала, щуго соналъ цебе республикаялда гьединаб 73 компания букӏун батани, гьабсагӏаталда буго 300-гӏанасеб компания, 50-60 проценталъ гӏемерлъана республикаялде рачӏунел туристазул къадарги.
Россиялъул туриндустриялъул союзалъул правлениялъул член Сергей Ромашкинил рагӏабазда рекъон, тӏолабго улкаялъул регионазда гьоркьоб туристаз тира-сверизе инелъун тӏаса рищулел регионазул цебесеб кьерда буго Дагъистан.
— Аслияб куцалда гьез тӏаса бищулеб буго Дербенталде, мугӏрузул росабалъе, чвахалаби ругел бакӏазде гьарулел маршрутал. Цересел соназде дандеккун, Каспий ралъдахъ чвердезе ва хӏухьбахъизе бокьулел дагьлъулел руго. Гьелъие гӏиллаги ккола цересел соназ къан букӏараб Чӏегӏер ралъдал рагӏалда бугеб Анапа шагьаралъул пляжал хӏалтӏизе риччай. Кӏиабизе, Каспий ралъдал рагӏалда туристазе рекъонкколел санагӏалъаби гьечӏолъи ва ралъадги чорокго букӏин. Лъабабизе, Россиялъул туристал ругьунлъун рукӏана Чӏегӏер ралъдахъе, хасго Анапаялде хьвадун, гьанжеги гьез ругьунабго маршрут тӏаса бищулеб буго, — ян бицана С. Ромашкиница.
«Авито Путешествий» порталалъул баяназда рекъон, апрель моцӏалда туристаз, цебеккунго гӏарацги кьун, ижараялъ ккурал рукъзабазул рахъалъги Дагъистан буго цебесеб бакӏалда. Гьелъие гӏиллалъунги рехсолеб буго ккураб рукъалъухъ сордо-къоялда жаниб кьезе кколеб гӏарац нилъер гьаниб дагьаб букӏин. Масала, Калмыкиялда яги Ставрополалда гьоркьохъеб багьа 3700 гъурущ батани, Дагъистаналда буго 3000 гъурущ.
Гьединго, гьоркьохъеб багьа босани, Дагъистаналда цо сордо-къоялъ ижараялъе босараб минаялъухъ абулеб буго 5800 гъурущ. Гьелдаса учузго буго гӏицӏго Астрахань областалда (3600 гъурущ).
Амма улкаялъул туристаз апрель моцӏалда хӏухьбахъи гьабизе тӏаса рищарал регионазул цебесеб кьерда рехсолел руго Санкт-Петербург ва Ленинград область, Краснодар край, Москва ва Москва область, Ставрополь край ва Мурманск область.
Гьединаб хӏал бугониги, ДРялъул Минтуризмалъул нухмалъулев Эмин Мердановас бицухъе, исана республикаялде рачӏунел туристазул къадар цӏикӏкӏине рагӏула гӏага-шагарго 10 проценталъ.
Чвантаги букӏине ккола
2025 соналда Дагъистаналде вачӏун вукӏана кӏиго миллионгӏанасев турист. Гьединлъидал исана кӏиго миллионалдасаги цӏикӏкӏун турист вачӏине вуго нилъехъе ва гьел къабул гьаризе хӏадурго руго гьеб ишалда хӏалтӏулел чагӏи.
— Гьайгьай, туристазул къадар жеги цӏикӏкӏинабизе ккани, хӏажалъула санагӏатаб инфраструктура букӏин. Гьебги хӏисабалде босун, республикаялда байбихьун буго «Каспийский прибрежный кластер» абураб миллияб проект гӏумруялде бахъинабизе. Гьеб проект рагӏалде бахъун хадуб, хӏакъаб жо, Дагъистаналде рачӏунел туристазул къадарги жеги цӏикӏкӏине буго, — ян лъазабуна министрас.
«СберАналитики» цолъиялъул исполнительнияв директор Максим Чачинил рагӏабазда рекъон, исана Северияб Кавказалде ва гӏамм гьабун Югалъулаб федералияб округалде хӏухьбахъи гьабизе рачӏунел туристал хӏадурго рукӏине ккезе руго цӏикӏкӏун харжал гьаризе ккеялде. Гьесул пикруялда рекъон, гъоркьиса вукӏарав туристасде дандеккун исанасесул чвантида кӏутӏизе рагӏула гӏага-шагарго анкьго проценталъ цӏикӏкӏун.
— 2026 соналъ Югалъулаб федералияб округалде рачӏине ругел туристазул хӏисаб гьабуни, гьез харж гьабизе ккезе буго гӏага-шагарго 53,6 миллиард гъурущ. Гъоркьиса букӏаралде дандеккун, гьеб къадар ккола 6,8 проценталъ цӏикӏкӏараб», — ан бицана М. Чачиница.
Китаялъулалги чӏун рукӏунаро
Гӏицӏго Россиялъул туристазе гуребги, къватӏисел улкабаздаса рачӏунезеги цӏакъ бахилаб бакӏлъун лъугьунеб буго нилъер республика. Масала, Москваялда тӏобитӏараб MITT-2026 абураб халкъазда гьоркьосеб выставкаялда гӏахьаллъарав Минтуризмалъул министр Эмин Мердановасулгун дандчӏвай тӏобитӏана Китаялъул туризмалъул вакилзабаз. Гьениб китаялъулаз загьир гьабуна Дагъистаналде жидер улкаялдасаги туристазе рачӏине бокьун букӏиналъул пикру. Хасго гьезие рекӏее гӏун ругоан мугӏрузда ругел даруял, радоналъулал иццал ва югалъулаб Дагъистаналда бугеб «Ахтынские бани» абураб комплекс.
Китаялъулазулгун рагӏиги дандеккун гьеб рахъ цебетӏезабизе лъугьани, тӏаде-хариялъул Мугӏрузулаб улкаялде рачӏунел Китаялдаса туристазул къадарги гӏемерлъилин ккола.