Улбуз рехун тарал лъималги. Лъималаз рехун тарал улбулги. Киналъулдай цӏайи бакӏаб бугеб!? Гьай-гьай, улбуз рехун тарал лъималазул къисматалъул. Яги цо-цо улбузул гӏумруялъул дарсазул хӏасилалда мекъи ккарал лъималазул къисматалъулищ? Гӏолохъанлъиялда жинцаго жиндиего хӏадурараб херлъиялъул язихъаб гъасда цее хутӏана дир гьаб хабаралъул героиняги. Амма гьеб язихълъиялъе кунчӏараб цӏалъун гьелъие ятана гьудулалъул яс, жиндие эбелалъ гӏумруялъул ритӏухъал дарсал кьурай гӏолилай. Гьаб хабарги ургъун бахъараб гуро — кӏиго чӏужугӏаданалъул кӏиго батӏияб къисматалъул хӏакъикъиял хӏужабазул кьучӏалда хъвараб буго, цӏаралги хисизарун.
Жакъаги дида ракӏалде щвана Хӏамзатил Расулил кечӏ. Эбелалъул кинидахъ ахӏараб кечӏалъе даимаб реццалда вуго гьев. Жиндирго машгьурлъиги гӏадамазде бугеб рокьиги гьес эбелалъул кочӏол хӏасиллъун толеб буго:
— Дида рокьи ракьалда гьадигӏан лъалароан,
Эбелалъ дир кинидахъ кучӏдул ахӏичӏелани…
Дица цӏалдохъабазеги гӏемер бицана ва бицуна эбелалъул кочӏол бугеб къуваталъул хӏакъалъулъ. Бичӏчӏизеги гьабула киналго лъималазе гурин рес кколеб гьеб цӏакъго гьуинаб нигӏматалъул тӏагӏам босизе. Нилъер щивав налъулав вугин гьеб кочӏода цевейилан. Амма чан ругел лъимал гьеб кочол тӏагӏам лъачӏел. Чангияз ахӏулеб, абулеб, щурулеб батила «Эбелалъ дир кинидахъ кучӏдул ахӏаралани», жиндирги къисмат батӏияб букӏинаанилан абун. Дица кинидахъ кучӏдулги хӏалтӏизарула дирго дарсазда. Унго-унгоги, гьезул бугебщинаб берцинлъи. Талихӏалъ рецӏцӏулел руго гьел кучӏдузул сверуде ккедал, кӏочон тола ракьалда бугебщинаб квешлъиги, цебе чӏола эбелалъул хӏасратаб сипат. Гьедин абизе рес щун буго жакъа дир ва дидаса цере ругел гӏелазе. Щайгурелъул нижее улбуз ахӏана кинидахъги кинидахъ гурелги кучӏдул. Гьел кучӏдул нижеда ракӏалдаги руго. Амма жакъа бугеб гӏелалъул ругелдай рекӏелъ рессун хутӏулел, улбуз жидее ахӏарал кучӏдул. Телефоназ тарбияги кьун, гӏун рачӏунел ругел гьез баркала кьезе бугебдай, Хӏамзатил Расулица гӏадин:
— Дир мацӏ букӏинароан, дир цӏар букӏинароан…
Эбелалъ дир кинидахъ кучӏдул ахӏичӏелани…
Гьаб гьитӏинабго колонка хъвалаго, ракӏалде бачӏана цо гьадинаб пикруги. Газеталдасан лъазаруна ва лъазарула чанги батӏи-батӏиял конкурсал- суратал рахъиялъул, кучӏдул, проза ракӏалдасан рикӏкӏиналъул, сочинениял, харбал, кучӏдул хъваялъул. Дида ракӏалде ккана кинидахъ кучӏдул гьариялъул конкурс лъазабизе. Нилъеца хӏалтӏизарула халкъияб кӏалзул гьунаралдаса асарал. Гьездаго гьоркьор кинидахъ кучӏдулги. Амма бокьилаан дие авторазул кинидахъ кучӏдул цӏализеги. Конкурсалде рачӏарал кучӏдул газеталдаги рахъизе руго. Гьел къабул гьаризе руго маялъул ахиралде щвезегӏан. Нужеда ракӏалде ккани, кинидахъ кечӏ хъвазе, битӏе дир электронияб адресалде:
shamay. [email protected].