Рагъида диваналда егун йигей Хамизил берал кавудахъ лъун рукӏана, гьебги рагьун, жаниве цониги чиго вачӏинародайилан.
— Вай, хирияв Аллагь, сундухъха дуца дие гьаб тамихӏ гьабулеб бугеб? Гӏолохъанго росги хун хутӏарай дица гӏезаюна яс. Гьей дие йикӏана гӏумрулъунги рухӏлъунги. Амма жакъа гьелъулгицин заман гӏолеб гьечӏо унтарай, херлъарай дихъе ячӏине. Чан нухалъ гьараниги, жиндего аскӏоеги ячинчӏо. Кигӏан абуниги, ясги йитӏичӏо дида хадуб хъулухъ гьабизе. Рагӏунго букӏана баркала гьечӏел бахьикъосал рукӏунин лъималилан. Божулароан. Бицун божичӏев бихьун божагийилан абухъе, дидаго бадиб цун бихьизабуна Тӏадегӏанас, — илан къваридал пикрабазда йикӏана Хамиз. Цо заманалдасан каву рагьулеб гьаркьихъе гьей бусадаса кӏанцӏун тӏаде яхъана, ва гьелда йихьана, гӏунтӏун гӏансагун, кӏвезего кӏоларого, болъабазул хӏокӏазда кверги чӏван, кӏичӏван къулун ячӏуней Майсарат.
— Вай, дир хирад! Гьеб хӏалалда кӏоларого ячӏинейищ ккелей йикӏарай. Ячӏунги лъикӏ мун — ракӏщун букӏана, дунго цохӏо чӏалгӏунги йикӏана,- ян данде яхъине хӏалбихьана Хамизица. Амма кӏвечӏо. Гьелъ дагьабги ракӏбакъвана Хамизил. Майсаратида хадуйго гӏунтӏун, екерун ячӏана гьелъул яс Машидатил яс Гӏайнаъ.
— Дахӏабаба, дун ячӏинегӏанги чӏечӏого, щай арай, — иланги абун, гьелда баана ясалъ. Гьезухъги ялагьун, рухӏдаллъизе бачӏана Хамизида, ва пикрабаз гьей ячана доба кибалиго рикӏкӏада хутӏараб гӏолохъанлъуде…
Хамизги Майсаратги рукӏана цоцаздаса тӏезаризе кӏоларел гьудулзаби. Гӏамалалъ релълъарал гьечӏониги, гьезул кидаго дандекколаан. Майсарат йикӏана мутӏигӏай, хӏеренай, сабру бугей. Хамизида аскӏобейин абуни, сабру киданиги къанго батиларо. Жиндиего бокьараб гурони, гьабизеги гьабулароан гьелъ. Хъачӏлъиялда хадуйги киениги ине кколароан. Майсаратица гӏемер малъа-хъваялги гьарулаан гьудулалъе. Амма Хамизица гӏинтӏамулароан гьелъул рагӏухъ. Росасул гӏагарлъиялъулгунги рагӏи дандеккечӏо Хамизил тӏоцересел къояздаса нахъего. «Бахӏаралъул хинкӏал» квине рачӏаразеги, жиндир ясалъе росасе аралдаса я макьу, я рахӏат гьечӏиланги абун, питна гьабулаан Хамизил эбел Рахӏматица. Гьитӏинабниги дагӏба- къец Хамизидаги Хӏамидидаги гьоркьоб кканиги, гьение гьоркьоеги жуялаан Рахӏмат. Эбел аскӏое ячинейилан лъугьарав Хӏамидги гьелъ цо кӏалъан чӏезавуна, жинца яс дур эбелалъе гурей, дуе кьун йигиланги абун. Гӏагарлъи дандечӏун букӏаниги, жиндиего йокьун ячарай Хамизил рагӏудаса кьуризе бегьуларин ккана Хӏамидидаги. Язихъго, мискинго жийго цохӏо рокъой йигей эбелалъухъе ваккизецин къанагӏат гурони унароан Хӏамид. Хамизицаги яс Анисатие тӏубанго гьукъана кӏодоэбелалъухъе ине. Анисатида цебе гӏемер хӏакъирал рагӏабиги абулаан Хамизица якьадалда.
Хераб хъаз, куцквеш, марга, беццаб руз — гьел рукӏана херай Хӏапизатида нусалдасан рагӏулел бищунго «хӏеренал» рагӏаби.
Майсаратил яс Машидатин абуни, дада-бабае хъулухъги гьабун, гьелда аскӏойго чӏана. Ясалда божунги толароан Майсаратица якьад. Къойил лъабабго ригьалъ хинаб квенги щвезабулаан гьелъ Загьратие, анкьида жаниб кӏиго-лъабго нухалда чвердезеги гьаюлаан гьелъ якьад. Гӏодобе тӏуни карщ чӏикӏилеб хӏалалда, бацӏцӏадго чӏезабун рукъги букӏунаан гьелъул. Кигӏан Майсаратица гьараниги, аскӏое ячинеги кӏвечӏо Загьрат. Цинги гьелъие хъулухъалъе Майсаратица яс йитӏана. Унтарай жиндирго эбелги аскӏое ячана Майсаратица. Майсаратил эбел Рахӏимахъе гӏемер щолаан Хамизил талихӏкъосарай эбел Рахӏмат. Якьадалъего гӏадай «хӏеренай» эбелалъеги йикӏана Хамиз. Гьелъиего гӏадал «хӏеренал» рагӏаби эбелалъеги сайгъат гьарулаан Хамизица. Батичӏо хинлъи херай Рахӏматида цохӏо йигей ясалъул гъасда. Гьеб хинлъиялда хадуй гӏемер щолаан гьей Майсаратил дое. Рекӏелгъеялъе Рахӏимаги ятулаан гьелда гьений. Ясалъ гьабичӏеб хъулухъги гьабулаан Майсаратица гьудулалъул эбелалъе. Чанги нухалда сардал ранги жидедаго аскӏой чӏезаюлаан Майсаратицаги Рахӏимацаги Рахӏмат. Анисатицаги цӏехолароан дахӏабаба. Машидатида цадахъ Майсаратилъуе ячӏарай гьелда цо- цо дахӏабабаги ятулаан гьений. Чияр дахӏабабада гӏадин кӏалъалаан Анисат Рахӏматида. Майсаратил яс Машидатицацин, къвалги бан, хӏеренго баулаан Хамизида, цинги — Майсаратида ва Рахӏимада. Гьел лахӏзатаз магӏил цӏолаан Рахӏматил берал. Анисат йихьизе гӏоло гӏемер хьвадизе лъугьана Рахӏмат Майсаратил дое. Цо-цо Хамизги яккулаан гьудулалъухъе. Эбелалдехун бугеб бербалагьиялъухъ бадирчӏваялги гьарулаан Майсаратица Хамизие.
— Дуе гӏоло гӏумруги рухӏги кьурай эбелалдехун кисан бижараб гьеб рокьукълъи? — ян семулей Майсаратил суалалъе Хамизица абулаан эбелалъе сабру гьабизе манзилхалалъи гӏоларин жиндирилан. Жинцаги яс гӏезайизеги, цӏализайизеги, росасе кьезеги кколин кьварун лъазабуна Хамизица. Мунги эбелалъул цохӏо йикӏанин, гьелъ мунги гӏезаюнин абураб Майсаратил жавабалде дандеги жаваб батулаан гьелда:
— Доб букӏана батӏияб заман, цо гурде букӏаниги гӏолеб. Гьаб заманалда дир яс йикӏине ккола бищунго къачӏарайги бечедайги,-ян хичун кӏалъалаан Хамиз Майсаратида.
Гӏумру цо бакӏалда чӏун букӏунарелъул, гӏуна кӏудиял Майсаратилги Хамизилги ясал Машидатги Анисатги жидее улбуз кьурал гӏумруялъул дарсалгун цадахъ. Къисматалъ Машидат шагьаралде ячана. Майсаратие бокьун букӏинчӏо, росуги рукъги тун, ясалде аскӏое яхъине. Машидатица жиндирго яс Гӏайнаъ йитӏана магӏарухъе, дахӏабабаде аскӏое. Чӏухӏарайги, бечедайги, берцинайги Анисатги ккана дагьабги кӏудияб шагьаралде. Гьаюна гьелъиеги яс. Хамиз урхъун йикӏана ясалъухъги гьелъул гьитӏичихъги. Амма гьеб урхъи цӏакъго халатбахъана — ахӏичӏо Анисатица эбел жиндихъего. Цо-цо ругьелал щолаан гьелъухъе ясалъухъан цин доя, цин гьаний — батӏиял пачалихъазда тира-сверулей йигилан. Гӏадамазукьа нечарай Хамиз яс йигеб шагьаралда гӏумру гьабун йигей гӏагарай гӏаданалъухъе унаан цо-цо, кӏи-кӏи моцӏалъ, Анисатихъе щвезе ине йигиланги абун. Ана абадияб рокъоре Рахӏматги Рахӏимаги. Бесдалго хутӏараб Рахӏматил хабадеги щолаан Майсарат. Машидатги ячӏунаан санайил Кӏалбиччанкъоялъ кӏияйго дахӏабабал хабаде щвезе. Ясалъ кинго къабул гьайичӏей Хамиз ахир- къадги росулъе тӏадюссана…
Гьале жакъаги щвана Майсарат Хамизихъе. Майсаратие бокьун букӏана гьудулалда гӏолохъанлъи ракӏалде щвезабизе. Амма жинцаго ясалъе кьурал гӏумруялъул дарсазул къурбанлъун ккарай Хамизил бадиса гирун рачӏунел магӏил гараз Майсаратида щурулеб букӏана Хамизида гьеб кӏочараб къого гьечӏилан. Гьедин харбида кӏияйго гьудул йикӏаго, жание лъугьун ячӏана шагьаралдаса ячӏарай Машидат. Гьелда цадахъ моцӏидасан шагьаралде гочинехъин руго Майсаратги Хамизги. Гӏайнаил школа лъугӏана, гьейги институталде заочно цӏализе лъугьинехъин йиго — гьелъ хъулухъ гьабизе кколей кӏиго дахӏабаба йигелъулха.
Хадурагӏи
Жакъа, лъималги чӏаго рукӏаго, херазул рукъзабахъ ругел эбел- инсул рагӏарабго, дида ракӏалде щола гьаб къваридаб къиса. Цощинаб гьелги кколадай гӏанчӏаб гӏолохъанлъуда лъималазе жидецаго кьурал гӏумруялъул дарсазул къурбаналлъун?!
Шамай Хъазанбиева