«Релъи-хъуй гьечӏого, рохизе лъалел,

Магӏу чвахичӏого, гӏодизе лъалел,

Гӏишкъул рекӏараб цӏа цӏунизе лъалел

Магӏарулал ругел лъикӏал гӏадамал».

Дагъистаналъул халкъияв поэт Р. Хӏамзатовасул гьел рагӏабаздалъун байбихьулеб кечӏ хадусан лъугьана нилъер магӏарул миллаталъул кидагосеб гимнлъун. Дагъистаналъул цогидал миллатазул гьединаб гимн жеги гьечӏо.

Гимн цӏалулаго яги ахӏулеб рагӏарабго, беразде цебечӏола магӏарулазул цебесеб гӏумру, гӏажаибго берцинаб, бахӏарчияб гӏамал-хасият, халкъалъул тарих. Таманал гӏасрабаз рухӏалда барахщичӏого ватӏанги цӏунарал, ракълилаб гӏумруялда цогидал миллатазе мисалги бихьизабулаго захӏматалъулъ чӏелги босарал умумузул гьунарал щола ракӏалде.

«Миллаталъул асс ккураб,

Умумузул нух ккураб,

Наслабазе лъалкӏ толеб

Тарих буго «Хӏакъикъат», — абурал рагӏабаздалъун байбихьула нилъер халкъалъул чӏухӏилъун кколеб миллияб газеталъул гимнги. Гьелъул автор ккола магӏарулазул, гӏолохъанго гӏумруялдаса ватӏалъананиги, адабияталъул тарихалда бихьулеб лъалкӏ тарав шагӏир, республикаялъул Р. Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб литературияб премиялъул лауреат Мухӏамад Патахӏов (1962-2020).

Жиндир заманалда гӏемерал соназ республикаялъул магӏарул газеталъул редакциялда хӏалтӏарав, гьелъул кӏвар бичӏчӏулев Мухӏамад Патахӏовасул гьаб кечӏ къватӏибе бачӏана 2013 соналда Дагъистаналъул басмаханаялда къватӏибе биччараб «Рагӏи лъугӏаралъуб магӏу баккила…» абураб тӏехьалда. Гьеб букӏана магӏарул газета къватӏибе бачӏунеб бугелдаса 96 сон тӏубараб, гьелъул пайда ва хӏажалъи халкъалда тӏубанго бичӏчӏараб заман.

Узухъда, магӏарул газеталъул кӏварги гьелъул къимат-къадруги кӏодо гьабун хъвараб тӏоцебесеб кечӏ гьеб гуро. Гьесде щвезегӏанги (газеталъул араб номералда цӏалулезда рихьунги ратила) Цӏадаса Хӏамзатица, Тажудин Таймасхановас, Расул Хӏамзатовас, Фазу Гӏалиевалъ, Ибрагьим Утарбиевас, Мухӏамад Гӏисаевас ва цогидазги, 1917 соналъул 3 апрелалдаса байбихьун, захӏматчагӏазухъе заманаялъул тӏалабазда рекъон батӏи-батӏиял цӏаразда гъоркь цӏализе щун бугеб магӏарул газеталъе ракӏ-ракӏалъго сайгъат гьарурал жидерго асарал. Гьезул аслияб пикруги буго миллат цолъизаби, гьелъул лъикӏал ишал кӏодо гьари. Дагъистаналъул имам Хӏамзатбегил рагӏаби руго «Халкъалъул цолъи тушманасул яргъидасаги къуватаб буго» абун. Жакъа гьеб умумузул букӏараб цолъи нилъееги цӏакъго хӏажат буго.

М. Патахӏовасул гимналъ рагьулел руго магӏарул миллаталъулги гьелъул мурадал къойилго загьир гьарулеб, «умумузул нух ккураб» газеталъулги унго-унгоял, хӏакъикъиял хасиятал.

Гьале гьеб «Хӏакъикъаталъул» гимн:

Миллаталъул асс ккураб,

Умумузул нух ккураб,

Наслабазе лъалкӏ толеб

Тарих буго «Хӏакъикъат».

Иманалда яхӏ лъолеб,

Исламалда рухӏ лъолеб,

Ритӏухълъи чучулареб

Чирахъ буго «Хӏакъикъат».

Адабият буцӏцӏунеб,

Маданият гӏуцӏулеб,

Гӏаданлъи беричлъулеб,

Байрахъ буго «Хӏакъикъат».

Цӏиял харбал гьурщулеб,

Гьикъанщинаб рагьулеб,

Ругьалаби бечедаб

Чапар буго «Хӏакъикъат».

Беразе матӏу гӏадаб,

Ракӏазе сурат гӏадаб,

Сабабгун дарман гӏадаб

Гӏакъил буго «Хӏакъикъат».

Аваразул цебехъан,

Вацлъиялъул гьоркьохъан,

Намусалъул лълъарахъан —

Чӏахъаги мун, «Хӏакъикъат»!

Гьанже магӏарул газеталда, гьелъул тарихалда ва хӏаракатчилъиялда хурхарал киналниги тадбиразда ахӏула «Хӏакъикъаталъул» гимн». Гьединаб хӏукму ккана редакциялъул хӏалтӏухъабазулги, гьелъул гьудулзабазулги. Чанго къо цебеккун нилъер республикаялъул Хӏукуматалъул рукъалда цебе, тахшагьаралъул аслияб майданалда «Хӏакъикъаталъ» 109 сон тӏубаялъул хӏурматалда гӏуцӏараб тадбиралда гьеб гимн ахӏана Россиялъул культураялъул мустахӏикъав хӏаракатчи, Дагъистаналъул халкъияв артист Тӏагьир Къурачевасгун цадахъ газеталъул хӏалтӏухъабаз. Гьелъ кӏудияб асар гьабуна сверун ракӏарарал цогидал миллатазул вакилзабазеги.

Зикрула Ильясов