Ахирал соназда цӏикӏкӏунеб буго наркотикал хӏалтӏизарулезул къадар, гӏолохъанлъулеб буго наркоманазул ригьги. Гъизилюрталда букӏараб руччабазул колониялда жанир тӏамуразул гӏемерисел рукӏана наркотиказда хурхараб статьяялда (228-абилеб) рекъон гьенире ккарал. Гьединазул цояй, Гӏайшатилгун (цӏар хисизабун буго) ункъо соналъ цебе колониялда нижер ккараб гара-чӏвари буго жакъа гьаниб бахъулеб. Гьей йиго 32 сон барай гӏадан, колониялда базе ккола анлъго сон, гара-чӏвари гьабулеб заманалда бан букӏана лъабго сон.

— Сунца мун тӏамурай такъсир гьабизе, кин ккараб наркотиказулгун бухьен?

— Дица хӏалтӏизарулаан наркотикал, амма киданиги ккун букӏинчӏо такъсир гьабилин абун. Гӏемераб заман хӏажалъичӏо тӏуянго мекъи кколей йикӏин бихьизе. Наркотикал хӏалтӏизаризе байбихьидал, кин гӏунги гӏолаан гьел росизе гӏарац. Дагь-дагьккун гьезулгун «гьудуллъи» цӏикӏкӏанагӏан цӏикӏкӏана гьезда тӏад унел харжалги. Тӏоцебе гӏарцул рахъалдасан къварилъи букӏинчӏо, амма хадубккун хӏажалъи кколеб букӏана. Цинги, заманалдасан дица байбихьана гьезул цо бутӏа бичизе. Кигӏан хираго рукӏаниги, гьел росизе рокьаралги рукӏунаан. Гьезда гьоркьов вукӏана дида лъикӏ лъалев, божилъи бугев гӏолохъанчи. Иргадулаб нухалъ гьес гьарана наркотик, дица гьеб балагьана ва кьуна гьесухъе, нухда ниж чӏезаруна хасаб хъулухъалъул хӏалтӏухъабаз… ва дида бичӏчӏана дов «гьалмагъас» дун «йичун» йикӏин. Ячана райотделалде, хадуб букӏана суд ва гьале ккана гьание.

— Кида бичӏчӏараб такъсир гьабураблъи?

— Гьеб бичӏчӏизе байбихьула мун хӏалтӏухъабаз ккведал. Дица, чӏужугӏаданалъ, хӏалтӏизарулаан наркотикал, цохӏо гьеб хӏужаялъ бихьизабула ва бицуна гӏемераб жоялъул. Дица гьел хӏалтӏизаруна ва гьелдалъун диеги, дир хъизамалъеги, гӏага-божаразеги гьабуна кӏудияб зарал. Гьебго заманалда дица гьел ричулаан цогидазеги, гьелдалъун тӏаде босана кӏудияб мунагь – лъие бугониги ккана материалияб зарал, хвана сахлъи, биххана хъизам ва гӏемераб цогидаб. Гьеб буго дир гӏайибалъул ва гъалатӏазул хӏасил. Гьабсагӏаталда дие кинабгӏаги хӏажалъи гьечӏо цӏодорал, берцинал рагӏабаздалъун дидаго тӏаса «гьирги» босун, гӏайибияллъун цогидал гьаризе. Хисизабизе кӏолеб жо гьечӏониги, халатккун гьаний йигеб заманалда гьел суалазда тӏад ургъула цӏакъ гӏемер ва Аллагьасда гьарула тӏаса лъугьаян.

— Рекӏекълъанищ дуцаго гьабуралдаса?

— Наркотиказулгун бухьен гьаби буго гъалатӏ, амма гьеб дир къисмат гуро. Гьеб гьедин букӏин бихьизабизе дида эркенлъун хадуб гурони кӏоларо. Эркенаб заман кигӏан бокьаниги бугелъул, дица гӏемер пикру гьабула дирго ахӏмакълъиялъул. Дида гӏемер лъикӏ лъалаан наркотиказда аскӏое къазе бегьулареблъи, амма ккана гӏилла — хӏалтӏуда раккана масъалаби, росасулгунги гуро кинабго роцӏцӏун букӏараб. Дир рукӏана гьел хӏалтӏизарулел гьудулзаби, дида гьелги гьезул пишаги кинго бичӏчӏулароан, амма… Цо нухалъ хӏалбихьана — бокьана, кӏиабилеб нухалъги гьабуна гьебго, хадуб лъабабилеб, ана гьедин — кинабго бигьалъана, дун «эркенлъана», масъалаби къана нахъе, кӏочон тана. Амма кватӏун бичӏчӏана къориние ккараблъи. Къо байбихьулаан наркотиказдасан, къо лъугӏулаан гьездасанго, таманаб заман ана гьедин. Гьелъ ячана гьаниеги.

— Гьанже гьеб кинабго цоги нухалда такрарлъиларин абураб ракӏчӏей бугищ?

— Ракӏчун абизе кӏола тӏокӏаб киданиги доб магӏишаталде юссинарин абун. Гьание ккун йикӏинчӏейани, жакъаги йикӏине бегьулаан наркотикалги хӏалтӏизарун. Гьединлъидал, гьание ккей дида кинабго бичӏчӏизе, дун кантӏизе ккараб сабабги батила.

Эркенлъиялда йигеб мехалдаги камулароан тейин гьеб иш, гьелъ мун лъикӏалде ячунарин абулел чагӏи. Амма доб мехалъ дида гьел рагӏулароан, ричӏчӏулароан.

Дир йиго эбел (56 сон), дир йиго яс (12 сон), дун йиго туснахъалда, жаниса йихъ-йихъулей йигониги, щибго гьабизе кӏоларого.

— Дуца гьабураб гьез гьабичӏого, дуда бихьараб гьезда бихьичӏого букӏинелъун щиб дуца абилеб дурго гӏага-божаразда?

— Рикӏкӏаде гьаре наркотикал, къаге гьезда аскӏоре, гьезулгун бухьен ккун хадуб буго кӏиго нух — туснахъалде ялъуни хабалъе. Лъабабилеб нух цӏакъго къанагӏатазда гурони батизе кӏоларо. Ккоге гьудуллъи гьел хӏалтӏизарулезулгун. Гӏинтӏаме эбел-инсухъ, гӏенекке гьез бицунелъухъ, гьабе гьез малъараб. Дир эбелалдаги бичӏчӏулеб букӏана дир хьвада-чӏвадиялъулъ лъикӏал гьечӏел гӏаламатал рукӏин, гьелда бихьулаан дун хисун йикӏин, амма гьелда лъалароан щиб дие лъугьарабали. Гьелъ гӏемер абулаан хьвадейин берцинго, гьей йикӏунаан гьабизе жо лъаларого, рахӏатхун. Дида бихьулаан гьеб кинабго, амма дагьабги лъикӏ бихьулаан наркотик. Доб мехалда эбелалъухъ гӏенеккун йикӏарайани, жакъа гьаб харбида нилъ рукӏинароан…

Гӏабаш Гӏабашилов