Эбелалъул кечӏ. Цин гьелъ кьучӏ лъола кинидахъ. Гьеб кечӏалъ нилъее бицуна лъимералъул гьимиялъулги, рохелалъулги, гӏодиялъулги. Гьеб кочӏохъ гӏенеккидал, лъала нилъеда кинида бущараб хӏикматалъул щибаб галулги, гьелъ тӏоцебе абураб рагӏул — бабайилан гьелъ абидал, анкьзобалаздеги боржуна кечӏ. Лъимералда цадахъ кӏудиябги гӏола гьеб, эбелалъул кечӏ. Эбелалъул кочӏол магӏнаги хисула. Гьелъулъ цӏикӏкӏуна хӏасратги, къварилъи-пашманлъиги, рохел-гӏатӏилъиги, угьи-зигараги. Гьединаб буго эбелалъул кечӏ. Гьелъул хӏасрат борцунеб роценго бугебдай.
Улбузул сариназ данде гьаруна
6-8 апрелалда «Кинидахъ кечӏ» абураб цӏаралда гъоркь эбелалъул кочӏол фестиваль тӏобитӏана Хунзахъ районалда. Гьединаб тадбир Дагъистаналда тӏобитӏулеб буго тӏоцебесеб нухалда. Гьелъие байбихьи лъуна гъоркьисала Татарстаналда. Байрам тӏобитӏиялъе байбихьи лъураб куцалъул бицана районалъул лъай кьеялъул управлениялъул начальник Патӏимат Хӏамзатовалъ:
— Социалиял гьиназдасан диргун бухьен гьабуна Татарстаналдаса пишацояз. Гьез бицана «Кинидахъ кечӏ» абураб жидерго проекталъул хӏакъалъулъ, республикаялда гьеб тӏобитӏиялъул ва абуна жидее кӏиабилеб фестиваль тӏобитӏизе бокьун бугин Хӏамзатил Расулил Ватӏаналдайилан. Диеги цӏакъ рекӏее гӏуна гьеб. Дандбана районалъул бетӏер Нурмухӏамад Махсудхӏажиевичасда, управлениялъул хӏалтӏухъабазда, школалъул директорзабазда, ясли-ахазул нухмалъулезда. Ва байбихьана тадбиралде хӏадурлъизе. Ракӏ-ракӏалъулаб баркала загьир гьабизе бокьун буго тӏоцебесеб къоялдаса нахъе дида хьолбохъ эхетарал киназего. Гьезул кумекалдалъун бажарана фестиваль тӏобитӏизеги. Гьадинал тадбиразул пайда цӏикӏкӏараб буго цӏиял гӏелазе рухӏияб тарбия кьеялъулъ. Тӏоцебесеб иргаялда, районалда лъазабуна «Кинидахъ кечӏ» абураб конкурс. Гьелъул гӏахьалчагӏаз конкурсалде ритӏун рачӏана лъабго минуталъул видеороликал, жидецаго кинидахъ кучӏдул ахӏулел. Гьелъулги хӏасилал гьаризе руго фестивалалъул ахиралда. Биччанте цохӏо гьаб лъагӏелалъ гуребги, щибаб къоялъ, щибаб минут-секундалъ цолъун, цоцазе кумекалъе ратизе Россиялъул киналго халкъал.
— Патӏимат Хӏадисовнаялъул предложение нижееги цӏакъ рекӏее гӏуна. Ва нижецаги байбихьана тадиралде хӏадурлъи гьабизе «Кинидахъ кечӏ» абураб конкурс лъазабиялдасан. Кӏиабилеб иргаялда, кӏудияв шагӏирасул васигат букӏана улбузул кучӏдул цӏунейилан абураб. Пикру бачӏана, шагӏирасул гьеб ахӏиялъе гьитӏинабго жаваб хӏисабалда, тадбир тӏобитӏизе ва гьениб жагараб гӏахьаллъи гьабизе. Ясли-ахаздасанго байбихьизеги ккола рахьдал мацӏалде рокьи. Гьеб рокьи гьарзаго букӏуна эбелалъул кочӏолъ. Гьеб кочӏол магӏна лъимадуе тӏубанго загьирлъула гӏицӏго рахьдал мацӏалъул кумекалдалъун. Эбелалъул кечӏги, рахьдал мацӏги, эбеллъун яхъиналъул талихӏги, талихӏаб лъимерлъиги, гьитӏинаб ватӏаналде букӏине кколеб кӏудияб рокьиги, кӏудияб Ватӏаналъе ритӏухъаллъун рукӏине балеб гьаги, гьелъие мустахӏикъал гӏелал куцайги — гьединаб буго фестивалалъул магӏна, — ян бицана гьелъ.
Халкъазда гьоркьоб лъураб гьудуллъиялъул кьо
Гьадинаб цӏар кьун букӏана фестиваль жиндасан байбихьараб кулинариялъул мастер-классалъе. Гьелда гӏахьаллъана Краснодаралдаса, Татарстаналдаса, Мордовиялдаса, Абхазиялдаса ва Россиялъул цогидалги регионаздаса гьалбал. Тадбир тӏобитӏулеб букӏана районалда бугеб «Журавли» рестораналда. Гьалбадерица хӏадурана жидерго ракьалъул миллиял нигӏматал. Хӏалбихьана киналго нигӏматазул. Ва ахиралдаги фестивалалъул киналго гӏахьалчагӏазе щолеб къадаралда хӏадур гьабуна татаразул миллияб нигӏмат «чак-чак» (натухӏ). Гьалбадерица тӏадегӏанаб къимат кьуна районалъул нухмалъиялъеги тадбир хӏадур гьабуразеги:
— Бицунеб рагӏун букӏана Дагъистаналъулги гьелъул халкъазулги лъикӏлъиялъулги, тӏокӏлъиялъулги, цогидал халкъаздехун ва гьединго дин батӏияздехунги бугеб гьезул адабалъулаб бербалагьиялъул хӏакъалъулъ. Гьеб нижеда жакъа мухӏканго бихьана Хунзахъ районалдаги, кӏудияв шагӏир Хӏамзатил Расулил Ватӏаналда. Цин досул кучӏдуз рагьана нижее Дагъистаналъул халкъазул тӏадегӏанлъиги борхалъиги ва жакъа гьесул ватӏаналдаги бихьана гьел рагӏабазул ритӏухълъи. Ниж гьанире ккана Дагъистаналъе захӏматал къояз. Амма нужеца гьалбадерида бихьизе толеб гьечӏо нужерго пашманлъи. Гьеб къварилъиялъ цолъизарурал нуж дагьалги къвакӏулел руго. Нужер буго къуркьи гьечӏеб халкъ. Гьайгьай, тӏолабго россиялъулаз гӏадин, нижедаги ракӏалда буго нужее, гьитӏинаб букӏаниги, кумек гьабизе. Гӏемермиллатазулаб Дагъистан ккола дунялалъего гьудуллъиялъул кӏудияб мисаллъун. Жакъа Дагъистан байрамазде регӏун гьечӏониги, нужеца кӏудияб адаб гьабулеб буго нижер, гьурмаздаса гьимиги камулеб гьечӏо. Гьеб кинабго нижее, гьалбадерие гӏоло. Гьебги ккола кӏудияб бажариги чилъиги, — ян абуна гьез жидерго кӏалъаязда.
Цӏидасан угьдана эбелалъул кечӏ
Фестивалалъул кӏиабилеб къо байбихьана «Хъахӏал къункъраби» мемориалияб комплексалда Эбелалъеги лъимералъеги бараб сиялда цере тӏугьдул лъеялдалъун. Гьенир гӏахьаллъаразда гьоркьор рукӏана районалъул бетӏер Н. Задиев, лъай кьеялъул управлениялъул начальник Патӏимат Хӏамзатова, районалъул Жамгӏияб Палатаялъул председатель Хъайтмаз Аварский, Дагъистаналъул халкъияй шагӏир Залму Батирова, районалъул «Росдал захӏматчи» газеталъул редактор Фатима Мухӏамадова, «Россиялъул бищун лъикӏав учитель» конкурсалъул лауреат, Махӏачхъалаялъул №11 гимназиялъул учитель Мухӏамад Манапов, районалъул школазул директорзаби, ясли-ахазул нухмалъулел ва цогидалги гьалбал. Районалъул школазул цӏалдохъабаз ва ясли-ахазул гьитӏичаз рикӏкӏана ва ахӏана эбелалъе сайгъат гьарурал кучӏдул.
Гьанибги цо лахӏзаталъ угьдана эбелалъул кечӏ. Цӏидасанги ракӏалде щвана Кӏудияб Ватӏанияб рагъги, рагъул гӏахьалчагӏиги, жакъаги Ватӏаналъул парахалъи цӏунулел ругел гӏолохъабиги гӏолил ясалги. Угьдана эбелалъул кечӏ. Цӏидасанги гьеб рохалил цӏураб гӏадаб асар ккана. Жиндир кочӏое мустахӏикъаллъун ва ритӏухъаллъун хутӏарал СВОялда ругел васазе рецц гьабун, цӏидасанги чӏухӏана ва борхалъиялде боржун ана эбелалъул кечӏ…
Эбеллъи — рухӏияб къуват
Мемориалияб комплексалда бугеб шагӏирасул музеялда гьалбадерида дандчӏвай гьабуна Хӏамзатил Расулил асарал хъвараб гаргадулеб тӏехьалъ (говорящая книга). Дунялалдаго машгьураб «Къункъраби» кечӏ цӏалдохъабаз цӏалана гӏурус, магӏарул, татар ва мордовазул мацӏазда. Ралагьизе гъира кколедухъ гьабун бугоан «Гаргадулеб тӏехьги». Лъималаз кучӏдул рикӏкӏунелъул, щибаб кечӏалъе баян кьолеб букӏана хӏикматаб тӏехьалъ. Гьенибго гӏуцӏун букӏана миллияб кванил бокӏонги. Гьенирго рукӏана гьайбатал угьарухъабиги — районалъул искусствабазул школалъул цӏалдохъаби. Гьез гьалбадерие бицана жидецаго угьулел ругел накъищазул. Гьалбадерица хӏалбихьана Дагъистаналъул халкъазул кванил нигӏматазулги. Ва гьенибго чай гьекъана цебесеб къоялъ кванил нигӏматазул мастер- классалда хӏадурараб натӏухӏгун. Гьанибги ракӏалде щвана дида умумузул «Богӏол рокьийилан» абураб абиги. Унго-унгоги, цадахъ кваналеб яги чай гьекъолеб мехалда, кванда букӏунеб хӏикматаб тӏагӏам. Гьеб тӏагӏамалъ цоцазе бикьулебщинаб рокьи. Гьеб нилъер бидулъги бессун хутӏулеб батила.
Хадуб «Эбеллъи — рухӏияб къуват» абураб цӏаралда гъоркь тӏобитӏана гургинаб стол. Гьелъул гӏахьалчагӏаз кӏудияб кӏвар кьун бицана эбеллъун яхъиналъул берцинлъиялъулги, гьелъулъ бугеб рухӏияб къуваталъулги, улбузул, кӏудиял улбузул кинидахъ кучӏдузулги, жакъа къоялъги гьезул бугеб пайдаялъулги хӏакъалъулъ. Гьенир гӏахьаллъана школазул директорзабиги, ясли-ахазул нухмалъулелги, дица тӏадехун цӏарал рехсарал фестивалалъул гӏахьалчагӏиги.
Тадбир нухда бачана фестиваль тӏобитӏиялъе тӏоцебесеб гали лъурай Татарстаналдаса «Хӏаят» («Жизнь») гӏуцӏиялъул нухмалъулей Гюльнара Фатхӏрахӏмановалъ. Гьелъ бицана Дагъистаналъул халкъалъги, Хунзахъ районалъул гӏадамазги, мемориалияб комплексалъги жиндиего гьабураб асаралъулги.
Гьалбал ва ясли-ахалъул хӏалтӏухъаби щвана районалдаго бищунго берцинаб мина жиндир бугеб Гӏобода росдал ясли-ахалдеги. Рихьизаруна мастер-классал.
Фестивалалде ахӏун вукӏана 200 гьобол. Республикаялда бугеб къварилъиялъги нухазда бугеб ахӏвал-хӏалалъги киназего гуро рес ккараб тадбиралда гӏахьаллъизе.
Тадбиралъул ахиралда районалъул художествияб хӏаракатчилъиялъул гӏахьалчагӏаз кьуна концерт. Ва ахиралда гьаруна фестивалалда цебесеб «Кинидахъ кечӏ» абураб видеороликазул конкурсалъул хӏасилалги.
Лъугӏана фестиваль. Лъугӏичӏо эбелалъул кечӏ. Гьелъие ахир гьечӏо, дуниял чӏаго бугебгӏан мехалъ.
Шамай Хъазанбиева